МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда Сталиниде даимаб рокьи


КIиго Ленинги цо Сталинги Москваялъул БагIараб Майданалда, 7Янв2009
КIиго Ленинги цо Сталинги Москваялъул БагIараб Майданалда, 7Янв2009

Сталинидехун дагъистаниязул бугеб рокьул хIакъалъулъ

Гьаб анкьалда 136 сон тIубана СССРалъул нухмалъиялда вукIарав Иосиф Сталин гьавуралдаса. Гьес тарихалда тараб лъалкIалъе кьолеб къимат цоцадаса гIемерго батIияб бугин абизе бегьула бищунго тамах гьабун. Руго гьесие какал раялде ккаралги Гитлергун гьев цо кьералда лъолелги. Дагъистаналда абуни, къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго гьесдехун кIвар. Масала, дагьалъ цебегIан МахIачхъалаялда басмаялда бахъана Сталиница гIумруялда жанир гьарунщинал докладазул тIехь.

Сталинидехун интерес цIикIкIиналъе гIилла бугин Россиялда гьабсагIаталда ругел гIунгутIаби рихьун «Нужее Сталин камун вуго!»,- ян абураб игIалан гIемер ракIалде щвей ва унголъунги Сталинил вахIшилъаби халкъалда лъангутIиян бицунеб буго цо-цо экспертаз.

Иосиф Сталин гьавуралдаса 136 сон тIубаялде гьесул киналго докладалги, гьес абунщинал машгьурал рагIабиги данде гьарураб тIехь (тираж - 2000) биччана гьанжегIагар МахIачхъалаялда «Эпоха» басмаханаялъ.

1950 соналда СССРалда биччан букIараб гьеб цIидасан бахъун буго. Гьебги коммунистазул тIалабалда рекъон гуреб, жидер басмаханаялъул генералияв директор ХIамзат ХIамзатовасда лъикIаблъун бихьун биччанилан бицана ЭР-ялъе «Эпохаялъул» директор Хадижат КъурахIовалъ.

Хадижат КъурахIова: «ХIамзат ХIамзатов витIарав вукIун вуго. Нижеда гьеб бичIчIана дагьалъ цере Москваялде тIахьазул экспозициялде гIахьаллъизе индал. Киналгоязде гIунтIун басмаханабаз экспозициялде рачIун ругоан жиде-жидеца Сталинил хIакъалъулъ риччарал тIахьал. Гьедин бищун гIемер ричунги гьел унел рукIана.

Нижеца биччараб тIахьил багьа 300 гъурущ буго. Суратаздалъунги цIакъ берцинго къачIанги буго. Ниж тIоцере хIинкъун рукIана Сталинил хIакъалъулъ биччараб тIехьалъул кIвар лъиениги букIинарилан ккун. Кин букIаниги, Расул ХIамзатовасул яги Фазу ГIалиевалъул тIехь гурелъулха гьеб. Амма цIехолеб буго. Узухъда, Москваялда экспозициялда гIолохъанаб гIелалъул чагIи рукIана абулел гьавгIаги лъие къваригIарав чийила. Гьебго заманалда чIахIияб гIелалъул гIадамаз гьезие бичIчIи кьеялъул хIалтIи гьабулеб букIана гьединав чи улкаялъул нухмалъиялда вукIинчIевани, фашистазулгун рагъулъ СССР бергьунароанилан».

Дагъистаналъул коммунистал ракIхун руго анцIгогIан соналъ цебе Сталиние биун тIураб монумент МахIачхъалаялъул майданалда лъезе тIадехун ругез жидее ихтияр кьунгутIиялдаса. Гьанже гьеб монумент жидер партиялъул нухмалъулев МахIмуд МахIмудовасул хIалтIулеб бакIалде рехун бугин бицана ЭР-ялъе коммунист ГIабдурахIман ГIадукъовас. Бищун цебе гьелъие чIаголъи гIечIила жидерго, коммунистазул.

ГIабдурахIман ГIадукъов: «Москваялда биунги тIун бачIун букIана гьеб монумент. Гъоле гаьнже МахIмудовасул кабинеталъубе рехун тун буго. Нижерго къадру гIечIо гьелъие. ГIун букIарабани, лъелаан. Гъарабудагъкенталдаги, добаги-гьанибги лъун руго гьел. Гьаниб (МахIачхъалаялъул майданалда – ЭР.) щай гьеб лъезе бегьулареб? Сталин чIаго вугеб заманалдаги гьенибго букIун рагIула гьеб монумент, хадуб нахъе бахъун бугоха. Гьанже Путинил сурат бахъараб игIлан чIвараб бакI гьечIищ? Гьениб. Цо майданалда кIиго монумент (Ленинилги Сталинилги – ЭР.) бегьуларилан харбалги цIалкIун, ниж тIаса ккезарунаха».

Амма Иосиф Сталиница кигIан кIудияб хъулухъ ВатIаналда цебе гьабун батаниги, гьабсагIаталда гьесие монументал лъезе рекъараб гьечIин рикIкIунеб буго Казбек мухъалдаса СалихI СалихIовас.

СалихI СалихIов: «Дица абулеб гьечIо Сталин мустахIикъав гьечIин монумент лъезе. Петр ТIоцевесес Россия гIадинан, СССР къуватаб пачалихълъун гьабурав чи вуго Сталин. Амма гьелдаго цадахъ хIисаб гьабизе кколаха гьес жидер ракьаздаса гочинарурал халъказул – чачаназул, черкесазул… Гьанже рахъун нилъеца Сталиние монумент лъуни, гьезда кIал гьикъараб гIадаб жо ккеларищ гьелъул? Гьединлъидал кинго рекъараб гьечIо гьеб лъезе».

Хадубго СалихI СалихIовас тIаде жубана Сталиние монументал лъезе рекеричIого, рагъул заманалда хандакъал рухъизе тIамун, ракъуцагун къечалъ ва цIорон хварал дагъистаниязе гьел лъезе щайила рагъаруларел коммунисталги цогидалги.

Сталинил буюрухъалдалъун Дагъистаналдаса 114 росу гочинабун букIана Гьоркьохъеб Азиялде чачананалги ритIун эркенлъарал гьезул ракьазде. Гьелда бан цо-цо гIадамаз гьанжеги загьир гьабула Сталинида бахъараб ццим. Щайин абуни гьел гочинарулел рукIана зулмуялдалъун, нагагьлъун нахъе рачIине гурилан, рохъо лъугьинегIан рухIулел рукIана магIарулазул росаби. Цинги чачанал тIадруссингун, Дагъистаналдего тIадруссине ккарал дагъистаниял рукIана щиб гьабилебали лъаларо. Гьез цIидасан разе ккана росаби. Гьедин бицуна Чачаналъе гочинарун рукIарал дагъистанияз.

Масала, Хунзахъ мухъалъул МочIохъ росуги букIана Чачаналде гочинабун, цинги тIадбуссинабун. Гьезул гIадамазул бугищ жакъа Сталинида ццимилан гьикъидал, ЭР-ялъе гьадин жаваб кьуна МочIохъа МухIамад-ХIабиб Халилбеговас.

МухIамад-ХIабиб Халилбегов: «Сталиница нилъер росаби нилъее квешезейилан гурелълу гочинарун рукIарал. Чачаназул ракьал эркенго теларилан гочинарун рукIана. БукIаниги, дагьа-дагьалъ разилъи гьечIолъиги букIунеб батила нижер гIадамазул. Щайин абуни гьава-бакъ данде ккечIого, бакъул унтуца гIемер чи хвана нижеразул Чачаналда. Цинги цIидасан Дагъистаналде щведал, росуги биххизабун батун буго азда, цIидасан базе ккун буго гьез гьеб. Гьединлъидал цо щибниги рекIелъ асар гьечIого ратилищха гьел? ЦIидасан росу базе ккей махсара гурелъул».

Сталинидехун дагъистанияз загьир гьабулеб рокьул цо бутIалъун ккола МахIачхъалаялда автодорожнияб университеталъул минаялда чIвараб Сталинил суратги. Интернеталдасан кигIан ахIи-хIур бахъинабуниги, ректорас гьеб нахъе бахъичIо.

Социологаз абулеб буго ахираб заманалда Дагъистаналда цIикIкIунеб бугила Сталинидехун гIадамазул кIвар. Хасго гIолилазул. Гьелъул магIна кколила дагъистанияз Сталин ватаниги, щив ватаниги къуватал церехъабазул гурони хIурмат гьабунгутIи.

Гьединго Сталин ритIухъ гьавиялъе аслияб кIиго гIилла бугин абуна ЭР-ялъе тарихчи ХIажимурад Доногъоца – цин бугони, халкъалда лъалеб гьечIила унголъунги Сталинил низамалъ гьарурал вахIшиял ишазул хIакъикъияб сурат, щайин абуни доб заманалъул цензураялъ цIакъ махщалида рахчулел рукIанила гьел гIадамаздаса. Гьединго гьабсагIаталда Россиялда бугеб ритIухълъи гьечIолъиялъги гIезабулеб бугин абуна тарихчияс. Пачалихъ цIцIулел ришватчагIазеги, чIвадарухъабазеги, цогидаб мекъи ккараб агьлуялъеги кинабгIаги тамихI гьабунгутIи бихьидал, гIадамаз абулеб бугила Сталин къваригIун вугоанин нуж кварида разе, доб букIанин мисалияб пачалихъ. ХIажимурад Доногъол рагIабазда рекъон, гьез абулеб гIадаб пачалихъ халкъалъе щванин бергьун кIудияб рецIелги кьун – гьел кколила репрессиялги, тIубарал халкъазулго депортациялги, экономикиял такъсиралги.

Сталинил заманалда репрессиял гьарун гIадада гьоркьор арал дагъистаниязул къадар цIехедал, унго-унгояб тарих лъиданиги лъаларин жаваб кьуна тарихчи ХIажимурад Доногъоца. Амма нус-нус аза-азаргицин рукIине рес бугила гьел. МахIачхъалаялдаса Каспийскалде унеб нухда буго бетоналъул къадазги тIасан маххул хьуриялъги жанибе бачараб кIудияб сверухълъи. Гьениреги рачун чIвалел рукIанин Сталинил заманалда дагъистаниялин бицуна гьанже республикаялда. Гьезул гIемерисел, Сталин хун хадур ритIухъги гьаруна.

ХIажимурад Доногъо: «Гьелдалъун пачалихъ мукIурлъана жинца халкъ щибго мунагь гьечIого гъуриялъе. Гьев Сталин ритIухъ гьавулел чагIаз цIалейин абе Варлам Шаламовасулги, Александр Солженицынилги, ГУЛАГалъул зулмуялъукьа рорчIарал цогидазулги харбал. Гьел кире рехилел?»

Ахираб заманалда Сталинго гIадин Нажмудин Самурский ритIухъ гьавулелги, гьесиеги монумент лъезе кколилан абулелги раккун ругин гIадамалилан ракIалде щвезабуна ХIажимурад Доногъоца. Цо къоялда жаниб Гиничукь росдал гIадамал кьурса гъоркье рехунниги, чIванниги, туснахъ гьарунниги, балагь рещтIинабурав, НКВД абун советияб заманалъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул идараялъул нухмалъулев вукIана гьев.

Абухъего, дагъистаниязда лъала Самурскияс Сталинихъе хъвараб тарихияб документалъул хIакъалъулъги. ЧIвазе къотIулелниги, туснахъ гьарулелниги дагъистаниязул къадар цIикIкIинабизе бегьуларищилан Сталинихъе битIараб телеграмма буго Самурскиясул.

XS
SM
MD
LG