МагъчIваялъе рес

Сталин чIаго вуго, щулаго вуго... дагъистаниязул пикруялъулъ


Сталинил низам ритIухъ гьабулел чагIи экстремисталлъун рикIкIине рес буго Россиялда, Пачалихъияб Думаялъ пуланаб къанун къабул гьабуни.

Россиялъул Федерациялъул Шураялъ хIадурараб проекталда рекъон, халкъалда рагIун гьеб низам беццулел гIадатиял чагIазда гIакIа къотIизехъин буго лъабазаридаса щуазариде щвезегIан гъурущ. БатIи-батIиял гIуцIаби яги идараби гьел ратани, 30-100 азарго гъурущ.

ТарихчагIазул баяназда рекъон, 1921-1953 соназда улкаялда Сталинил низамалдалъун туснахъалде къотIун вуго 4 млн-са цIикIкIун чи, гьединго чIвазе къотIун вуго 800 азаридаса цIикIкIун чи.

Россиялда официалияб куцалда какун къимат кьун бугин Сталинил низамалъе, гьединлъидал гьанже гьелда тIадги рахъун, гьеб низам битIараб бугин аби пачалихъалда данде гьабулеб такъсирлъун рикIкIинехъин буго гьеб къануналъул проекталда тIад хIалтIарал сенатораз.

Гьезул рахъ кколеб буго батIи-батIиял политиказги инсанасул ихтиярал цIунулезгицин. «Яблоко» партиялъул вакилзаби Григорий Явлинскиясгун Александр Кобринскиясги, Борис Вишневскиясги лъикIаблъун рикIкIунеб халкъ бакIарулел бакIазда Сталинил суратал лъунгутIизе, гIадамазда цеве Сталин веццунгутIизе, гIицIго музеялгун, кинотеатразда, некIсияб къайи бичулел тукабазда хъинтIизе бегьиларин абулеб буго «яблокоялъулаз».

Гьединго Россиялъул Федерациялъул Шураялъул вакил Константин Добрынинил пикруялда рекъон, гьукъизе ккола къватIазда, росабазда, шагьаразда, метроялъул станциязда Сталинилги гьесда цадахъ гьеб низам билълъанхъизабулел рукIарал чагIазулги цIарал кьезе.

Гьевго Добрынинил рахIатхун буго къойидаса къойиде Сталинил асар гIолилазда гьоркьоб цIикIкIунеб букIиналъги. Гьелъ кутакалда зарал гьабизе бугин улкаялъеян абулеб буго гьес.

МахIачхъалаялдаса Иляс Темиркаевги ккола Сталин берцин вихьулел гIолилазул цояв. ГьабсагIаталда Россиялда коррупцияги цогидаб гIала-гъважаги гIемерлъун букIиналъги гIемерлъулел ругин Сталинил рахъкколел чагIиян бицана гьес ЭР-ялъе. Сталиница гIицIго жиндиего гIоло щибниги гьабичIила, улкаялъе гIоло гурони. Амма гьел (гьес гьарунин абулел такъсирал) гьаричIого тIуралел рукIун ратиларила. Щайин абуни рагъулаб заманалда бокьараб ахIвал-хIал букIине рес бугила. Иляс Темиркаевасул пикру буго ахираб 100 – 120 соналда жанив тарихалда хутIарав чи кIиго вугилан абураб – Сталинги Генрих Фордги.

Иляс Темиркаев: «Рагъ буго рагъ. Масала, Наполеонасул яги Цезарил хIакъалъулъ бицунеб мехалда нилъеца бицунаро гурищ гьез гьарурал такъсиразул. Гьелъул гIаксалда, гьезда бахиллъун дозул гьунаразул бицуна. Масала, Наполеонас Египет мукIур гьабизелъун, гъаримал гIарабал, нохъаздеги гъун рухIулаан, гьез гьекъолеб лъеда гъорлъе загьру балаан. Гьединго Сталинил бицун течIого, бицеха Ленинил БагIараб терроралъулги, Хрущевасулги, Брежневасулги».

Гьанже рахъун Сталинил низам ритIухъ гьабулел чагIи экстремисталин рикIкIунеб къанун бахъизе лъугьиналъ квешаб гурони хIасил кьоларин рикIкIунеб буго МухIамадсултанов Илясица. Гьев ккола Дагъистаналъул Пачалихъияб Университеталъул социалияб факультеталъул декан.

Иляс МухIамадсултанов: «Идеялгун къануназдалъун рагъун, яги букIараб жо хисизабизеян лъугьун кколеб жо букIунаро. Тарихалда букIараб жо къватIиб чIвазабизе лъугьине бегьуларо, бугеб куцалда тезе ккола. Цо нухалда дун Италиялде ун вукIана. Шагьар бакьулъ лъун бугоан Сталиние гьабураб памятник. Дица дозда гьикъана гьелъул магIна щибилан. Доз бицана фашизм тIагIинабизе Сталиница кIудияб кумек гьабунин жидее.

Гьединлъидал гьесул цIар лъураб къватIги бугила жидер, памятникги бугила. КигIан тIекъав вукIаниги, гьев чи какун къватIиреги рахъун, къанунал къабул гьарун жал хIазе рекъон гьечIо. ГьедигIанго битIараб ахIвал-хIал улкаялдаги гьечIелъул. Гьеб битIараб букIине ккани, ритIарал къануналги къабул гьаризе ккола. Дир гIагарлъиги буго Сталинил репрессиязда гъоркье ккараб. БукIани щибха гьабилеб? Араб жо хисихабизе кIоларо, араб аралъуб тезе ккола».

ЭР-ялъ гара-чIвари гьабуна Сталинил низам ритIухъ гьабулел чагIи экстремисталлъун рикIкIине рес кьолеб къануналъул рахъкколел дагъистаниязулгунги. Гьезул жеги-жеги ццим буго Сталинида, гьесул заманаялда жидер гIагарлъи Сибиралде ритIунилан, гьединго Гьоркьохъеб Азиялде ритIарал чачаназул ракьазде Дагъистаналъул 114 росу зулмуялдалъун гочинабунилан.

XS
SM
MD
LG