МагъчIваялъе рес

«Духъ балагьун буго Сталинил сурат»


Бергьенлъиялъул къоялде МахIачхъалаялъул къватIазда рарал баркиялъул игIланазда гъорлъ букIараб Сталин вахъараб баннер нахъе бахъун букIиналда бан батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел руго гIадамаз. Цоязе улка бергьенлъиялде бачарав нухмалъулев цогиязда мустахIикъавлъун вихьулев гьечIо суратал къватIазда чIвазе.

Гьал къояз МахIачхъалаялъул къватIазда бергьенлъиялъул къо кIодо гьабун рарал цогидал игIланазда гъорлъ букIараб Сталинил сурат бахъараб баннералда хурхун хIалуцарал бахIсал тIоритIулел рукIана социалиял гьиназда.

Сталинил бакIалда, гьес гIазаб кьун хварал къурбаназул суратал рахъарал игIланал чIвалаанин жинцайин хъвалеб букIана блоггер Вели Мехтиевас. 29 апрелалъ гьесго лъазабуна къотIноса гьеб баннер нахъе бахъун бугин.

Гьеб информация мухIкан гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ. Сталин ва Жуков рахъарал баннер базе кколеб букIараб бакIалда, живго Сталин вугев бан батидал, гьеб хисизегIан бахъараб жо бугин баян гьабуна пресс-хъулухъалъул вакил ГIалимирзаева Зайнабица.

Зайнаб ГIалимирзаева: « Республикаялъул ветераназул Советалъул гьариялда рекъон, тIалъиялъ тIадкъана шагьаралъул администрациялда гьединал баннерал чIвазе. Гьанже гьесул сурат щай чIвазе бегьуларебали бичIчIулеб гьечIо дида, Сталин ккола захIматал рагъул соназ улкаялъул нухмалъиялда вукIараб, бергьенлъиялде улка бачарав чи.

Гьеб баннер хисун базе буго гьениб, кибего нахъе бахъизеги гьечIо, байрамазул къоял лъугIун, цогидал рахъулеб мехалъ лъагIан, гьабсагIат гьеб баннер бахъун буго Жуковгун цадахъ Сталинил сурат бугеб хисун базе, гьединал ва цогидал банннерал шагьаралда бергьенлъиялъул къоялде жеги разеги руго».

Бергьенлъиялъул къоялде Сталинил сурат чIван букIине мустахIикъаб бугин гьенибин рикIкIунеб буго аслияб куцалъ ригь барал чагIаз, масала рагъул заманаялъул лъимерлъун кколей Мустафина Эльвираца рикIкIунеб буго Сталиница репрессиял гьарун ратаниги, гьев вукIинчIевани нилъ бергьунароанин ВатIанияб рагъулъ.

Мустафина Эльвира: « Тарихалда жиндир цIар чIахIаго хъварав чи вуго Иосиф Сталин, гьес репрессиял гьаруниги, Сталиница бергьанин рикIкIуна ВатIанияб рагъ. Бергьинеяли халкъ бергьана, амма гьеб бергьенлъи ккола гьес гьабураб хIалтIул хIасил. Халкъалда гъорлъ кIудияб патриотизм бижизабуна гьес. Сталинил цIаргун хвезе унаан гIолилал рагъул байдабазде, гьединлъидал Сталинил игIланал рукIине ккела».

Сталин вукIаравани, гьабсагIат бугеб ришватчилъиги, хIакимчагIазул бадиса канлъи босараб хьвадиги букIинароанин, гьев вукIанин кьварараб низамалда киналго чIезарулев чи, гьесул сурат бокьичIел чагIи жиндир пикруялда, кколин ВатIан бокьуларел чагIийин рикIкIунеб буго пенсионер Джалалов ХIамидицаги.

Сталинил цIар гIицIго ВатIанияб рагъалда гуребги хурхараб букIин кIочIон тезе бегьуларин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе цогидав чияс. Кавказалъул халкъазе гIазаб букIанла гьесдаса, жакъа МахIачхъалаялъул къватIазда гьесул сурат чIвай кколила мадугьалихъ ругел республикаязул халкъазул къварилъиялъул адаб гьечIолъи.

ГIали: « Сталинил цIар бергьенлъиялдасаги гIемер хурхинабула репрессияздаги гIадамазул рекарал къисматаздаги. Гьедин гуребги, рагъул тIоцебесеб параялъ чан чи хварав, улкаялда жанирегIан рачIун тушманасул аскаралгун, гьелъул тарихчагIазда гIизагIан лъикI лъалеб батила.

Хвалде ритIулел рукIана чIахIиялги гIисиналги, гьеб рахъалъ Гитлеридаса батIияб жо щиб гьесул бугеб? Жакъа цохIо рагъулъ бергьенлъи щвей тун, хутIараб жо кIвар гьабичIого толеб буго, гьеб бихьизе ва лъазе къваригIун гьечIо гIадамазе, гьелъ гьев кколин улка бергьенлъиялде бачарав чийиланги абулеб буго.

Амма, Сталиница гIизагIан гIадамал репрессиязде ритIун, чIвазе къотIун, къварид гьаруралги руго, хасго Шималияб Кавказалда. Чачанал, ингушал, черкесал, гьезиеги багьадурищ кколев Сталин? Гьел руго нилъер мадугьалзаби, дагъистаналъул халкъги ккезе бегьулаан гьезул бакIалде, гьединлъидал, гьесул сурат МахIачхъалаялда чIван букIин мекъаб буго».

ГIемерал батIи-батIиял лъугьа-бахъиназул баянал мухIканлъидал, тIолго дуналалдаги, Россиялдагицин гIемерисез Сталин зулмучилъун рикIкIунила тIаде жубана гьес.

Жакъа Сталинил сураталъул бакIалда Дагъистаналдаса рагъе ун тIад руссинчIел ругин чанги анцI аза-азар, нахъруссаралги къанагIат чIаго ругин, гьезул суратал чIвай рекъон букIинаанин абураб пикру загьир гьабуна блоггер Айдимир Дагъановас, гьесул пикруялда, гьединал баннераз гIемерго кIудияб асар гьабизе букIана чIахIиязеги гIисиназеги.

XS
SM
MD
LG