МагъчIваялъе рес

Студентазеги нух Сталиница бихьизабулеб буго...


МахIачхъалаялда бугеб Автомобилалгун-нухазул университеталъул минаялда чIван бугеб Сталинил сураталда тIаса бахIсал унел руго дагъистаналъул социалиял сайтазда.

ГIемерисезе рекIее гIолеб МахIачхъала шагьарулъул бакьулъ чIван бугеб гьеб сурат. Цояз абулеб буго Сталинил заманалда диналъул нухда вугев чанги дагъистанияв репрессиязда кканин ва гьелдалъун гьеб сураталъ дозул адаб гьабулеб гьечIолъи бихьизабулеб бугин. Цогидазни рикIунеб буго Сталин вукIинчIевани сунде нилъ киналго кколелали лъаларин ва ВатIанияб рагъда щвараб бергьенлъиялъухъ гьесие баркала гурони кьезе бегьуларин.

Автомобилалгун-нухазул университеталъул цIалул идараялъул нухмалъулев Мурад МухIамадовас абуна «Эркенлъи» радиоялъе Сталинил сураталъ рахIат толарел чагIи жинда ричIуларин. Жибго сурат чIвазе буюрухъ кьун буго университеталъул ректор ХIасан ХIасановас. Гьев гьабсагIат азарханаялда вуго ва баянал радиоялъе кьуна МухIамадовас.

Мурад МухIамадов: «Гьеб букIана нухмалъулесул жигараб байбихьи. Гьесул гьединаб бербалагьи буго тарихалдехун, вокьула гьесие Сталин. Университеталъул хIалтIухъабазулги кинабгIаги дандечIей букIинчIо ректорасул жигарчилъиялде. Демократия цебетIолеб улкаялда нилъги ругелъул, жив-живасул пикруялъе ва ишалъе эркенлъиги бугелъул. Сталинил гьеб сураталъ гьедигIанго рахIат толеб гьечIони, гьеб нахъе бахъизеги кIола. Бергьенлъиялъул къо бачIиналде чIван букIана гьеб сурат. Ветераназеги гьеб иш рекIее гIуна. Жибго суратги хадуб нахъе бахъичIо. ГIолилазда улкаялъул тарих ракIалде щвезабизеилан тун букIана. ТIокIал масъалабигойищ гьечIел Дагъистаналда гьеб сурат гурони. Фашизмалда тIад Сталиница ккураб бергьенлъи букIичIилан абизе бегьуларо».

КПРФалъул ай Коммунистазул партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул вакил Сапиюлла Бамматовас абуна «Эркенлъи» радияолъе Сталинил суратни щиб, гьесие памятник лъезе кколин.

Сапиюлла Бамматов: «Лъиениги квал-квал гьабулеб гьечIо гьеб сураталъ. Рескомалъул тIоцевесев секретарь вуго дун ва щуябго какги бала дица. Диналъулги СССРлъулги бициналде цебе, ракIалде щвезабизе ккола тарих. Дагъистаналъул автономия Совет Союзалъ гIуцIинегIан кинаб ахIвал-хIалалда нилъ рукIарал? Фабрикалгун заводал рагьана, гIадамазе хIалтIи щвана, лъайкьеялъул рахъалдасан кIудияб хIалтIи гьабуна. Цояб рахъги кIочезабун, цогидаб щай цебе тIамулеб бугеб? Жакъа Сталин какулев вуго бокьанщиназ. Нечезе ккеларищ гьел. Гьесда дандечIарал щал ругел? Сон-церекъад как базе лъугьарал чагIи руго. Дин гьезда гIаксалда бичIулеб буго. Гьелдалъун рохьилазда гъорлъги руго сон-церекъад диналде гъорлъ рачIарал. Жаза гьабиялъул ай репрессиязул бицине бокьула гьезие. Живго Сталиницаищ вачIинеги вачIун гьел мугIалимзаби жаза гьарурал? РукIун ратила досулги квешал рахъал, амма лъикIалги гIезегIан рукIана. ВатIанияб рагъда гьес босараб бергьенлъи, мисалалъе. ЦохIо гьелъухъ гьесие памятникал разе ккола. Диниял чагIазе щиб камун бугеб гьанже? АлхIамдулиллялъ щукру, нилъеда гьоркьоса щивав гьанже бусурманчи вуго».

Дагъистаналъул исламияб университеталъул вакил АбдулхIамид ХIажиевас абуна букIиналдаса гьечIого букIине бокьилаанин жиндие Сталинил сурат.

АбдулхIамид ХIажиев: «Гьанже дов чияс [ректорас] лъунги бугелъул сурат, эркенлъиги бугелъул гьаб заманалъ – гьукъизе лъидаха кIолеб. Сталинил фанат ватилаха гьев чи. Дир пикру кинаб бугеб? Диени гьеб букIиналдаса гьечIого букIине бокьилаан. Памятникалъул бицун щиб – гьеб хIажатаб жо гьечIо. Дагъистанияздаги гьеб цо бадиб хIацIу тураб гIадаб ишлъун бихьила. АнцI азар-азар дагъистанияв тIагIарав, гIалимзаби тIагIарал гьеб заман ракIалде щвезабиялъе памятник лъеялъул суал баккине кколаро. Суратги дида лъикIаб жолъун бихьичIо».

МахIачхъалаялдаса Аминат ГIалиевалъ рикIунеб буго суратални щиб, ругел памятникал рихизе кколин.

Аминат ГIалиева: «Дида ккола гьеб кинабго жо Совет заманалде нахъе цIалеб иш бугин. Цо рахъалдаса дида ричIула Сталинил адаб гьарулел дагъистаниял. Амма цогидаб рахъалдаса балагьани, ракIалде щвезабизе бегьула Совет заманалда букIараб чачаназул тарих. Репрессиязда гIемерал дагъистаниялги ккана. Гьелдалъун Шималияб Кавказалда бугеб Сталинилдехун рокьи дида бичIуларо. Нилъер тарих гьединаб букIана, гьеб лъала дида. Амма тарих тарихлъунги тун цере ине ккола киналго. Я Сталинил рукIа, я Ленинил рукIа, я Путинил рукIа гьел суратал – киналго нахъе рахъизе ккола. МахIачхъалаялда ругел Лениние лъурал памятникалги рихизе ккола».

Диктаторазе рец-бакъги гьабун тIибитIизабулеб жо гурин тарихилан тIадеги жубана ГIалиевалъ ахиралда.
XS
SM
MD
LG