МагъчIваялъе рес

Сталин гьечIого 60 сон...


Щуабилеб марталда 60 сон тIубала Советияб хIукуматалъул тIоцересел нухмалъулезул цояв Иосиф Сталин хваралдаса. Кинавлъун хутIарав гьев халкъалъул рекIелъ - кIудияб улкаялъул къадруяв цевехъанлъуниш, ялъуни аза-азар чиясул рокъобе къварилъи бачарав вахIшияв гIаштIичилъуниш?

КIудияб ВатIанияб рагъда улкаялъ босараб бергьенлъиги, Совет хIукмуталдехун жидерго бугеб рокьукълъи бахчуларел хIукуматазул нухмалъулезцин жиндир адаб гьабулев нухмалъулев, Иосиф Сталин дунялалдаса араб къо цо-цояз чIегIер бараб къолъун кIодо гьабулеб букIаниги, Россиялда ругезул цIикIкIарасеб къадаралъ гьеб къо кIодо гьабула кIудияб балагь тIаса босараб къо гIадин. «Левада-Централъ» гьабураб цIех-рехалда рекъон гьединазул 55 % процент буго гьабсагIат улкаялда.

Мисалалъе Екатеринбург шагьаралда тIоритIулел руго репрессиялъул заманалда чIварал аза-зар чи ракIалде щвезавиялъул тадбирал. Уралалда Сталинил политикаялъул пашманаб хIасилалъул бицунел хитIабгун чанго автобус хьвадизе буго гьеб къоялъ шагьар къотIун.

ХитIабалда букIине буго гIицIго ункъо рагIи, гьез бицине буго кинабго. Мисалалъе 1937 -38 соналда Жанисел Ишазул Халкъияб комитеталъул «тройка» абун халкъалда жаниб машгьурлъараб лъабгоязул хIукмуялда рекъон чIвазе къотIун вуго 68 000 чи, хIатта гьезда гъорлъ рукIун руго санаде рахинчIел 12 сон барал лъималги. Югалъулаб Уралалда ракъулал 1933 ва 35 соналъ хун вуго росабалъ гIумру гьабун рукIарал чагIазул 30 процент. Гьеб кинабго жиндирго блогалда хъван буго талат къоялъ тIобитIараб акциялъул хIаракатчагIазул цояв Волков Леонидица.

Гьединал мисалал гIемер рачине бегьула гьанир.
Сталинил Репрессиялъул ва депортациялъул кIудияб кьаби гьединго щвана Кавказалъул республикабаздаги, хасго гьелъ кIудияб кьаби щвезабунин Чачаналда ва Дагъистаналдаян хъвалеб буго тарихчагIаз.

«Мемориал» гIуцIиялъ гьабураб цIех-рехалда рекъон рагъул соназда Чачаналдасагун Ингушетиялдаса гочинарун руго 485 азарго чи, Гъабардагун-Балкаразул республикаялдаса 37 азарго чи, Калмыказул 101 азарго чи. СияхI жеги халат гьабизе бегьула.

Гьединго репрессиялъул къурбаналлъунги ккана доб соналъ чанго азарго чи. Гьезда гъорлъ рукIана Дагъистаналдаса чанги бергьарал диниял церехъаби, гIалимзаби ва гьел гурел цогидалги гIадатиял гIадамал.

Кавказалда хурхун Сталиница гьабураб политикаялъул аслияб рахъ релълъараб букIанин пача Николай II байбихьараб политикаян рикIкIунеб буго тарихчи Айтберов Тимурица Гьелда гъорлъ гьес рехсана 1920 соналъ соналъ Сталиница Дагъистаналъе автономия кьейги. Тарихчияс рикIкIунеб буго Сталиница гьабураб репрессиялъ авар миллаталъе кIудияб пайда кьунилан.

Тимур Айтберов
Тимур Айтберов
Айтберов Тимур: «МагIарулазул тушбабиги, магIарул мацIги хвезабун гьелъул бакIалда къажаразул мацI билълъанхъизабизе бокьаралги лъугIизаруна Сталинил режималъ. Нужецаго хIисаб гьабе Совет хIукумат тIалъиялде бачIаралдасаго нахъе НКВД-ялъул нухмалъулевлъун вукIана щибниги я лъай, я хIалбихьи гьечIев къажарав Мамедбеков. ГьабсагIат цIар ракIалда гьечIо, доб мехалъ пуланаб бутIаялъул нухмалъуда вукIарав тумас турказул мац хIажат гьечIин Дагъистаналъеян абидал, жинда гьанир меньшевиказул махI бугел чагIи рихьулел ругилан лъугьун вуго гьев. ПалхIасил гьевги гьесда релълъараб къапилаги къеркьолел рукIана Дагъистан къажаразул миллаталде сверизабизе. Гьезда тIад Сталинил репрессиялъул михир гиризе биччай нилъее кIудияб икъбалъун букIана магIарулазе».

Большевиказ щибаб росулъ хъамалчилъи гьабиялъ хасго жакъасеб гIелмуялъе кIудияб пайда кканилан тIаде жубана тарихчияс хадубги. Гьедин доб мехалъ росабалъ, мажгитахъ ва диниял чагIазул рокъоб цIунун рукIарал чанги тарихиял тIахьал жакъа нилъехъе щвечIого хутIизеги бегьулаанин ва нилъги мадугьалихъ ругел Гъабардагун -Балкаразул ва Гъалгъаязул республика гIадин тарихги гьечIого хутIизе рукIанилан рикIкIунеб буго тарихчияс.

Жиб-жиб тарихалъул рукIунин хъахIалги чIегIералги кьерал ва гьел камичIин Сталиница улкаялъе нухмалъи гьабулеб мехалъги, амма жакъа лъилниги ихтияр гьечIин гьеб тарихалда гьркьоса нахъе хъвагIазеян абуна «Эркенлъи» радиоялъе МухIамадов Рабаданица. Дагъистаналъул гIелмияб централъул тарихалъул ва археологиялъул рахъалъ гIелмияв хIалтIухъан ккола гьев.

МухIамадов Рабадан: «ХIакъикъаталдаги кIочене бегьиларо нилъеда репрессиялъул къурбаналъун ккарал миллионал ракьцоял. Гьел рукъараб бакI лъазабизе тIадаб буго гьезул наслабаздаги. Нижер гIелмияб институталъ гьединаб лъабго тIехь къватIибе биччана. Киналго гьечIониги репрессиялъул кверщаликье ккун къанщарал гIемерав чиясул баян буго гьениб кьун. Гьеб гъарачиялъиялда жаниб Сталинил хатIа букIинчIилан дица абиларо, аза-азар чи чIвазе буюрухъ кьураб кагътида гъорь гьес гъулбасараб чанго хIужа тIатинабуна нижеца. Амма тIокIаб чIечIого цохIо гьелъул бицунги тIубаларо, Сталинил хIаракатчиялъиялъул лъикIал рахъалги рехсечIого тезе бегьуларо, кIиябго рахъ цIадирабаздаги лъун гьелъие рекъараб къимат кьезе тIадаб буго щивасда».

Дагъистаналъул чанго росабалъ жакъаги гIемер руго гIайиб гьечIого репрессиялъул тирулеб гьабикье ккарал нус-нус чиясул наслуялъул чагIи. 30-абилел соназда бечедав векьарухъан хIисабалда Гьоркьохъеб Азиялде гочинавуна Гьарадерихъа Шигьабудин. Гьесул васасул вас Будунов ГIалибулатица тIалаб гьабулеб букIана репрессиялда гъоркье ккаралъулъ кIудияв инсуе хIукуматалъ кьезе хIукму гьабураб рецIалил гIарац. Амма чанго батIи-батIияб идараялъухъе ун тIалаб гьабуниги гьеб гIарац тIубараб куцалда жакъа къоялъги щун гьечIо гьесухъе.
XS
SM
MD
LG