МагъчIваялъе рес

Сталинил гIарасги гIаданиб винегретги


Пенза шагьаралъул Кировасул цIаралда лъураб Сталинил бюсталда тIаса гIемерал бахIсалги дагIбаялги унел руго жамгIияталда гьоркьор, социалиял сетазда ва цо-цо информациялъул алатазда. Кинабдай бугеб дагъистаниязул гьеб памятникалда хурхун пикру лъаялъул мурадалда лъун букIана дица фейсбукалда «Новая газеталъе» Алексей Поликовский абураб чияс хъвараб «Сволочь позолоченная» абураб макъала. БичIчIана цохIо жо. Жеги гIемерисезул пикрабазда ва гIакълуялда тIад ханлъи гьабулеб букIин пролетариталъул вождь гьалмагъ Сталиница.

Щал гьел чагIи? Кинаб тарбия, лъай, гIумру бихьарал гIадамал? Дица бицунаро ригь арал, СССРалъ гIезарурал чагIазул ва гьезда гIайиб чIваларо Сталин вокьанин, щай гурелъул гьезда батIияб дунялги, батIияб заманги, батIияб нухмалъигун гIумру-яшавги бихьизе течIо. БихьичIеб ва лъалареб жо кин гьез данде кквелеб?

Гьеб буго гIинкъасда бакъназул, беццасда кьеразул бицараб гIадаб жо. Жакъа, гIолохъанал, хъвай-цIалиги лъалел, дунялалъул гIумру-яшавги бихьулел, тарих лъазабизе ресги бугел чагIаца «Сталин хIажат вуго» - ян абиялдаса гIажаибаб жо цойги щибха букIинеб?

Щиб гьабизе азие Сталин? ЦIалаца руххун лъие лъалареб хIалтIи гьабизе тIамизейищ? Какидасаги, яшавалдасаги, макьидасаги, хIатта рагIудаса ва пикруялдаса ал махIрум гьаризейищ?

Щай азие эркенго кIалъалеб, хъвадарулеб, хIалтIулеб, как балеб яшавалдаса кида мун сардилъ вачун унеб, кинаб хъитIниб гъванщида таманча речIчIулебали лъалареб заман хиралъун бугеб?

Гьеб пропагандаялъул хIасилалда, ялъуни жакъа бугеб цIогьгун хъамалчилъиялъ бижараб рокьиян абизеги тIубанго кIоларо. Щай гурелъул гьел «Сталин хIажат вуго!!!» абун ахIдолел бутIрузулъ гIемерисеб мехалда батулеб буго тIубараб винегрет, компот, карш, гIадалнахалъул гIаламатал загьирлъулел гьечIо.

Кин цохIого чиясул гIаданив цадахъ хIебтIулев Сталинги имам Шамилги МухIамад авараггияли (с.т.гI.в) абураб суалалдаса кIудияб балъголъи дие жакъа гьечIо.

Кин гьесда кIолев гьев лъабасдаго рекъезе, гьез жидецаго цояс цогидав нахъе чIвалеб мехалда. Ялъуни пикруго гьабичIогойищ гьез гьел цадахъ раччулел? Буго цойги къавм Сталинил рахъ ккуразул, диналда гIадин коммунизмаялда ва гьелъул вождаз гьабулеб букIаралда божула. Гьел догмабазул рахсаздаса рорчIизе кIоларо.

Гьезда гьабги гьабги такъсиралги гьарунин, миллионаз гIайиб гьечIел гIадамалги чIванин, гIалимзабиги тIагIизарунин, Къуръангун мажгиталги рухIанин, гьев гIащтIичиясда божизе бусурбанчиясе хIарамабги бугин абуни руцIцIун чIола.

Амма рагьун разилъуларо гьев мекъи вукIанин абизе. Тавбу абураб рахIмат Аллагьас бусурбабазе щибизе кьун бугебилан азда кколебали лъаларо. Масала, Расул ХIамзатовас жив Сталинида хурхун мекъи ккеялъул гIемерал кучIдул хъвана. «Нилъей гьев гьадигIан вокьараб мехалъ, гьесий нилъ рокьичIел щаян лъаларо» - ян рукIана цо мухъал.

«Йохъ дун гьанже гуро цевего хвана,

Цо михъилав дица мухъилъ рехсейгун.

Дун Лермонтовасул ригьда вукIаго,

Дихъан как бахъарав кочIолъ ахIигун.

Дун кIалъалев вуго дун хванин абун,

Хал гьабе, гьавунцин вукIаравищ дун?»

Жидир гъалатIазе мукIурлъиги, гьезул рагьун бицинги буго гIакъиллъиялъул гIаламат. Бокьилаан жакъа Сталин чIахъун керен бухулел бахIарзаз хIисабалде босани гьеб рахъ.

Цойги рагIана аварагасул (с.т.гI.в) хIадис бугин, дуе рокьулевгун вахъуна мун ахир къиямисеб къоялъ абурабги. Аллагьас цIунайги нилъ гьединав мадугьаласдаса.

Гьев Сталиние лъураб гIарасги (памятник) ва гIадамазул гIаданиб бугеб винегретги бихьун чанги жоялъул пикру гьабизе тIамуна. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG