МагъчIваялъе рес

СагIид Афанди чIваразе ТIадегIанаб диваналъги тамихI тамахлъизабичIо


(квегIиса-квараниде)-МухIамад ХIажиев, АхIмад Исрапилов, ГIамирханов МухIамадгIали ва Шихмирза Лабазанов диваналда цере, Апрель 21, 2015
(квегIиса-квараниде)-МухIамад ХIажиев, АхIмад Исрапилов, ГIамирханов МухIамадгIали ва Шихмирза Лабазанов диваналда цере, Апрель 21, 2015

Россиялъул тIадегIанаб дивааналъ хисизабичIого тана, Дагъистаналъул диваналъ, СагIид Афанди чIвазе хIадурлъи гьабуразе, къотIун букIараб хIукму. Гьеб такъсир гьабуразе цIакъго кьварараб тамихI гьабунилан абун разигьечIого руго гьезул адвокатал. Гьез лъазабулеб буго жидеца гьеб улкаялъул тIадегIанаб диваналъул хIукмуялда тIасан гIарзаги хъвазе бугила, гIагараб заманалда Европаялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб диваналдеги гIарза битIизе бугилан.

20 августалда Россиялъул тIадегIанаб диваналъ халгьабуна, СагIид Афанди чIваразе Дагъистаналъул диваналъ къотIараб хIукмуялда тIасан, хъараб гIарзаялъул. Республикаялъул диваналъ къотIараб хIукмуялда тIадкIалъазе бакI гьечIин, гьеб къануналда рекъон, букIине кколедухъ гьабун бугинги абун гьеб хисизабичIого тана улкаялъул тIадегIанаб диваналъги.

Шайих чIваялъул гIайиб гIунтIизабурал разигьечIо диваналъ жидее къотIараб хIукмуялдаса. Гьеб цIакъго кьварараб тамихI бугин, жидеда тIад гьеб гIайиб тIубан чIезабунцин букIинчIин, гьеб гьабиялъул гIайиб жидеде къуваталъул идарабаз тIаде босизабулеб бук1анин абун разигьечIел лъазабиял гьарулел рукIана гьез.

2012 соналъул 28 августалда СагIид Афандиясул рокъой жийго жинцаго кьвагьизаюна Ислам босарай гIурусай Аминат Сапрыкина. Гьеб кьвагьиялъул хIасилалда чIвана шайихги, гьесухъе зияраталъ рачIаразул анлъго чиги, жийго гьей терракт гьабурайги. Гьеб такъсир хIадурарал чагIи хIисабалда гьебго соналъул декабралда ккуна Шихмирза Лабазанов, ГIамирханов МухIамадгIали ва МухIамад ХIажиев. Диваналъ гьел лъабалго гIумруялъго туснахъ гьаризе хIукму къотIана. Гьезулгун бухьен букIарав АхIмад Исрапилов 12 соналъ туснахъ гьавуна диваналъ. ЦIех-рехалъ гьезде гIайиб гIунтIизабулеб букIана гьез Сапрыкиналъухъе кьавагьулеб жо кьунин, гьей Афандиясул рокъое щвезаюнин, хIатта гьений щун яхъинегIан телефоналъ гьелъулгун бухьен къотIизе течIин, гьеб ишалдаса гьей нахъе къачIого йикIинейилан. Гьел цохIонигиял гьеб такъсир гьабиялъе ва гьеб хIадурлъиялъе мукIурлъичIо. Гьез щибаб диваналда лъазабулеб букIана къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз жидее гIакъуба кьолеб бугила, гьоркьоса къотIичIого тIадецуй гьабулеб бугила гьеб такъсир тIаде босейилан абун.

Гьезул адвокатазги прокуратураялде чанго гIарза хъван букIана туснахъалъур гьезие гIазаб кьолеб бугин абун, амма, гьезул рагIабазда рекъон, гьел гIарзазулги гIемер кIудияб пайдаго ккун гьечIо.

Шихмирза Лабазановасул адвокат Ринат ХIамидовас абулеб букIана низам цIунулезде цIакъ кIудияб тIадецуй гьабулеб бугила гьезул жидерго нухмалъиялъги, республикаялъул тIалъиялъул рахъалдасанги, жамагIаталъги. Гьедниав чанго анцI-анцI азарго мюрид вугев, Кавказалдаго кIвар бугев чи чIварал чагIи ратичIого гьезие рахIат толеб букIинчIилан. Гьединлъидал ургъун рахъун батIи-батIиял далилал рачанила гьез диваналда, жиндица цIунулесда гIайиб гьечIолъи бихьизабулел чанги кIвар бугел далилал тIагIинарунила, диваналъги гьелда хурхуун жиндица гьарурал тIадкIалъаязулги, хъварал гIарзазулги хIисабго гьабичIилан. Киназего щиб гьабунги лъида букIаниги гьеб гIайибги гIунтIизабун жидеца СагIид Афанди чIварал чагIи жанир тIамунин абун хIисаб кьезе къваригIун букIанилан.

Гьебго тIадецуй гьабун бугила Россиялъул тIадегIанаб диваналдагейилан лъазабуна Ринат ХIамидовас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда. Гурони гьедигIан цIакъ жиндица гьел цIех-рехчагIаз гьабураб чорокаб хIалтIул мисалазухъ гIинтIамичIого тезе, гьез гьарурал мекъал жалазул далилазул халгьабичIого тезе рес букIинчIила диваналъилан абулеб буго гьес.

Ринат ХIамидов
Ринат ХIамидов

​Ринат ХIамидов: «Касациялъулаб гIарза хъвазе буго дица гьеб Россиялъул тIадегIанаб диваналъул хIукмуялда тIасан. Щай гурелъул гьез нижер цониги тIалаб тIубазабичIо, гьезул халцин гьабичIин абизе бегьула. ГIиси-бикъинал хиса-басиял гьаруна гьез, гьезулги я дица цIунулев Лабазановасе ва цойгидал гьеб ишалъул гIахьалчагIазе кинаб букIаниги кIвар гьечIо. Гьезие Дагъистаналъул диваналъго бихьизабун букIарабго, гIорхъолъа ун кьварараб тамихIги тана букIахъин. Гьеб букIине бегьулеб хIукму гуро, диванчиясда бихьизе ккола гьеб такъсиргьабиялъул иш бачунаго цIех-рехчагIаз риччарлщинал гъалатIал, гьез рагьун къанун хвезабулеб букIараб куц, гьеб гIайиб гIунтIизабуразул ихтиярал хвезарииялъул дица бицинего бицинарин. Амма дица гьеб иш гьедин тезе гьечIо. ЧанцIул хъвазе кканиги гIарзалгъи хъвазе руго, гьелъулги хIасил ккечIони Европаялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб диваналде гIарзаги битIизе буго. Гьаб сагIат гьеб гIарза битIизе букIине, гьеб хIадуризе дитIаса цIикIкIун хIалбихьи бугел адвокатазулгун гьеб иш дандбалел руго ниж».

Гьединго Ринатица бицана гьаб сагIат гьел Лабазановги, ГIамирхановги, ХIажиевги, Исрапиловги МахIачхъалаялъул туснахъалда тIамун ругилан. Цебе гIадин гьезде гьабулеб тIадецуйги гьечIила, гIазаб кьейги лъугIизе танилан. Гьанже гьезул лъиениги интерес гьечIила, къуваталъул идарабазе гьездасан хIажатал баяналги щванила, гьеб ишалъул цIех-рех лъугIанин гьабун тIалъиялъе хIисабги кьун бахъанила гьезилан бицана адвокат Ринат ХIамидовас.

XS
SM
MD
LG