МагъчIваялъе рес

Щайих чIваялъул щаклъи бугел диваналда цере чIезаризе бегьула


Шайих СагIид-афанди чIваялда хурхун рагьун букIараб такъсир гьабиялъул ишалъул цIех-рех жидеца лъугьизабунилан лъазабулеб буго цIех-рехалъул Россиялъул Комитеталъ.

РакIалде щвезабила, СагIид-афанди чIвана 2012 соналъул августалъул ахиралда. Гьесул рокъоб жийго жинцагоги кьвагьизаюн теракт гьабуна ислам босарай гIурусай Аминат Сапрыкиналъ. Гьеб теракталда шайих гуревги анлъго чи хвана. ЦIех-рехчагIазул пикруялда рекъон, гьеб теракт гIуцIана изну гьечIого ярагъ гIуцIараб къукъаялде гъорлъе унез. Къукъаялъул цевехъанлъун низам цIунулез рикIкIунев вуго Генуб росулъа къади МухIамад Сулейманов. ЦIех-рехчагIазул лъазабиязда рекъон, «рохьилаз» кьвагьул алатал рахчун руго Сапрыкиналъул хIижабалда гъоркь ва СагIид-афандихъе гьей ячIун йиго вирд босизеиланги абун.

Терроралде дандекъеркьолеб миллияб Комитеталъул лъазабиязда рекъон, 2012 соналъул декабралда низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз ккуна такъсиралъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи бугел лъабгояв. Гьелги Шихмирза Лабазанов, МухIамадгIали Амирханов, МухIамад ХIажиев. Унсоколо ва Гумбет мухъазда тIоритIал хасал операциязда ккуна гьел.

ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон, гьел лъабгояз шайихасухъе босизесеб бомба хIадур гьабуна ва Сапрыкина щвезаюна Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росулъе. Гьеб росулъа таксиги ккун Сапрыкина ана ЧIикIаб росулъе.

Гьанибго ракIалде щвезабила, такъсиралъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи бугезул цо-цоязул минаби рухIана лъицалиго. Мисалалъе, Амирхановас гIумру гьабулеб букIараб мина бухIана ГIашилтIа росулъ. Гьесул гIагарлъи гьениса гочанилан лъазабулеб букIана полициялъ. Амирхановасул вац Адам чIвана Унсоколо мухъалда гъоркьисала тIобитIараб хасаб-операциялдаилан лъазабулеб букIана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьединго тIаде жубала, Генуб росулъа Лабазанов цеве полициялъул хIалтIухъанлъун вукIана.

Лъабасдаго хурхун рагьана такъсир гьабиялъул иш Уголовияб Кодексалъул щуго статьялдалъун. Гьелги: чи чIвай, теракт, къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизаби, къануналда рекъечIого ярагъ гьаби ва чияр магIишаталъе ургъунго зарал ккезаби. Гьеб уголовияб дело Дагъистаналдаса Москваялде кьуна, цIакъ резонансияб бугиланги абун. ЦIех-рех бачунеб букIана цIех-рехалъул Комитеталъул бетIераб идараялъул хIалтIухъабаз.

ЦIех-рехчагIаз гьебго уголовияб ишалде гъорлъе рачана жеги вацал Шамил ва МахIулав Сидикъбековал. Гьел полициялъ ккуна гьез гIадамал рикъиялъулъ щаклъи бугиланги абун. Гьединго гьел Сулеймановасул къукъаялдаса чагIи ругилан лъазабуна оперативниказ.

Низам цIунулезул информациялда рекъон, 2012 соналда вацал Сидикъбековаз Москваялда гъоркь бугеб Видное шагьаралдаса викъана бизнесмен Юрий Сурлевич. Вацазул хьул букIана нахъ вичаялъухъ бизнесменас 500 млн гъурущ кьезе бугин. Амма Сурлевичасе тIуризе кIун буго гьезухъа. Сурлевичас оперативниказда бицухъе, Сидикъбековаз гьесда хадуб хал кколеб букIун гьечIо ва гьес цоясухъа автоматги бахъун дозда кьвагьдон буго ва лъутун вуго. Полициялъ Сидикъбековал ккуна азарханаялда. Гьенире гьел рачIун руго лъукъизеги лъукъун.

Гьанибго тIаде жубала, цIех-рехчагIазе вацазул лъалкI батана цогидал такъсиразулъги ва гьезда хурхун гьарулел цIех-рехалъул тадбирал хехго лъугьизаруна ва Сидикъбековазда тIад Москваялда диван гьабулеб буго.

Шайих чIваялъулъ щаклъи бугел дол лъабгоязда хурхун гьабураб цIех-рехалъул документал прокутаруялде ритIине ккола гьал къоязда. Прокуратураялъ хал-шалги гьабун гьеб уголовияб иш яги диванханаялде битIизе ккола, яги цIидасанго цIех-рех гьабизеян ЦIех-рехалъул комитеталде нахъщвезабизе ккола.

Дагъистаналъул исламияб университеталъул вакил ГIадбулхIамид ХIажиевасул пикруялда рекъон, киназего вихьизе бокьун вуго шайих СагIид-Афанди чIвазе тIадкъарав чи.

ГIадбулхIамид ХIажиев: «Гьенире ккарал чагIи заказчикал ругилан ракIалде кколаро, битIараб бицани. СагIид-афанди гIадав масштабалъул чи чIвай тIаде босизе гьел чагIазда кIвезе батиларо. Гьеб чIваялъулъ гIаийб бугел чагIазе гьаб дуниялалда гьабизесебе тамихI, нагагь гьеб гьабуни, гьадингосеб жо буго доб дуниялалда гьезие гьабилелда дандеккун. Заказчик ватине бокьиларищха. Гьесул бадиве валагьизе бокьина, гьев чи щивали гьаб Дагъистаналъул рухIияв цевехъан чIвазе хIукму ккарав ва гьеб цогидазда тIадкъараб. ЛъачIониги, Аллагьасул тамихIалдаса кивха гьев ворчIилев».

Шайих чIваялъулъ щаклъи бугезда хурхун диван байбихьани, гьеб Дагъистаналда гьабизе гьечIин рикIкIунеб буго экспертаз. ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялъул вакилас абуна «Эркенлъи» радияолъе диван яги Москваялда яги Ростовалда гьабизе батилин.
XS
SM
MD
LG