МагъчIваялъе рес

СагIид-Афанди чIваялъул такъсир рагьанилан лъазабуна


Шайих СагIид-Афанди.
Шайих СагIид-Афанди.

Терроралда данде чIараб комитеталъул информациялъул централъ лъазабуна шайих СагIид-Афанди чIваялъул уголовияб хIалтIи рагьун бугин.

СагIид-афанди чIван вукIана августалъул ахиралда жиндирго рокъов Анна Сапрыкина абурай чIужугIаданалъ жийго жинцаго кьвагьизайиялъул хIасилалда. Устарасда цадахъ чIвана жеги анлъго чиги.

Рехсараб комитеталъул баяназда рекъон, ккун руго Гумбет мухъалъул ЧIиркъатIа росулъа Лабазанов Шихмирза, Унсоколо мухъалъул ГIашилтIа росулъа ХIажиев МухIамад ва Шамильхъалаялдаса Амирханов МухIамадгIали.

Киналго гьел унел рукIун руго Генуса Сулейманов МухIамадил рагъулаб къокъаялда гъорлъеян лъазабулеб буго ХIинкъи гьечIолъиялъул министерлъиялъул сайталда. Гьединго, ккуразда гIунтIизарулел руго цоги такъсиралги, гьезда гъорлъ, рехсараб уголовияб хIалтIи бачунев ГIашурбегов Нурланиде гьужум гьаби.

РИА «Дагестан» сайталда баккараб видеоялда Лабазанов Шихмирза мукIурлъулев вуго жинца кумек гьабунин Анна Сапрыкина СагIид-Афандиясул рокъое щвезайизе хъахIаб кьералъул «Toyota Prado» автомобилалдаги лъун.

Цебеккун цIех-рехалъул идарабаз лъазабулеб букIана Анна Сапрыкина гьение «Жигули» автомобилалда ячIун йигин, ва теракт гIуцIаравлъун вихьизавулев вукIана гIурусав Алексей Пашинцев.

Шихмирза Лабазановасул адвокат Ренат ХIамидовас Эркенлъи Радиоялъе бицана жинда жеги вихьун гьечIин гьев, гьабсагIаталда гьелда хурхун щибниги абизе кIоларин. Амма гIайиб гIунтIизабулездехун къануналда данде кколарел тадбирал хIалтIизаризе рес букIанин бицана.

ХIамидов Ренат: «Дида жеги щибниги бихьичIо, гьев мукIурлъулеб видеоматериалги дихъе жеги щвечIо. Живго ккуравги дида жеги вихьичIо, гьев ватуларого бана лъабго къо, дун щвана ЦIех-рехалъул идарабзде, прокуратураялде, полициялъул бутIабазде, кивниги ватизе кIолев вукIинчIо.

Гьале гьанже ахиралда гьесул инсуца ахIун бачIана дихъе гьев Москваялда вугилан. МукIурлъизе ккани гьесдехун тIадецуй гьабун, хIинкъизавун тIамун ватизеги рес буго, нилъер гьаниб букIунеб куцалъулъ балагьарабго.

Жибго гъов ккураб куцалъул бицарабгоги бихьулеб буго къанун хвезабулеб букIин. Гьелдаса хадуб араб бакI лъачIого вачун иналъги бихьулеб гьечIищха? Гьединлъидал, вуххун ватиялдаги дица кинабгIаги гIажаиблъи гьабуларо».

Гьединабго пикру буго Шихмирзал эмен МуртазагIали Лабазановасулги. Гьесул хIисабалда васас киналгIаги радикалиял жал гьарулел рукIинчIо. Живгоги дов СагIид-Афандияс малъулеб букIараб тIарикъаталъул агьлуялдаса чи вугила, жиндир васас устар чIваялда божуларилан бицана гьес:

Лабазанов МуртазагIали: «Дир вас дидаго вихьичIого дун гьеб жоялда божуларо. Гьанде дир васас жинца гьебги гьабуна, жив мукIурлъизеги мукIурлъанилан бицани гьес, гьеб мехалъ гурони божуларо. Кинан дов мукIурлъаравцин лъалеб гьечIо.

Лъабго къоялъ вачун МахIачхъалаялде, гьенисан Москваялде. Бокьараб жо гьабун батизе бегьуларищха гьез. Гьанде Москваялде ине кколев вуго дунгоги, адвокатги кквезе, васги вихьизе. Дир васас гьеб гьабиялда дун божуларо. Дунгоги тIарикъаталда вугев чи вуго».

ЖамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадил пикруялда рекъон, гьаб уголовияб хIалтIи рагIалде бахъине гьечIо. Мисалалъе гьес бачунеб буго Жанисел ишазул министр ГIадилгерей МухIамадтIагьиров чIваялда хурхун гьабураб уголовияб хIалтIи.

«Доб уголовияб хIалтIи щущана байбихьилелдего. Амма доб мехалъги гьанжего гIадин лъазабун букIана такъсир рагьанин. Аслияб жо буго лъазаби, хадуб погоналги шапакъаталги щварабго кIочене тезе бегьила гьеб» - илан бицана МухIамад Шамиловас.
XS
SM
MD
LG