МагъчIваялъе рес

СагIид-Афанди чIваялда хурхун процесс нахъе бахъана


ЧIикIаса шайих СагIид-Афанди.15Дек2010
ЧIикIаса шайих СагIид-Афанди.15Дек2010

Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диванханаялда 26 февралалда иргадулаб нухалда нахъе бахъана ЧIикIаса шайих СагIид-Афанди чIваялда хурхун процесс. Гьаб нухалда гьелъие гIиллалъун ккун буго гIайиб гIунтIизабулел цIунизе адвокатаз инкар гьаби.

26 февралалда Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диванханаялда унеб букIана ЧIикIаса СагIид-Афанди чIваялда тIасан диваналъул иргадулаб процесс. Амма гьаб нухалъги гьаб ахиралде щвезегIан тIобитIизе ресс ккечIо. Гьелъие гIайибияллъун кканин абизе бегьула адвокатал.

Шайих чIваялъул гIайиб гIунтIизабулезул цояв, МухIамадгIали ГIамирханов цIунизе тIаде восун вукIана Салманова Таибат абурай адвокаталъ. Гьей ккола ГIамирхановасул цIияй адокат, щай абуни гьесул гъоркь вукIарав адвокат Мурад Мурадов цебесеб диваналъул халгьаби унеб къоялъ щалали лъаларел гIадамаз кьабун азарханаялде ккун вукIана. Абулеб букIана шайих чIваялъе квербакъарал чагIи гьес цIунизе тIаде боси рекIее гIечIел гIадамаз кьабун рагIулин гьевилан. Амма гьеб хIужа официалияб куцалъ лъицаниги тасдикъ гьабичIо. Адвокат Мурад Мурадовас хадуб лъазабуна жинца ГIамирхановасулгун хIалтIи гьабизе инкар гьабулеб бугилан.

Амма 26 февралалда диваналде ачIарай МухIамадгIали ГIамирхановасул цIияй адвокат, Салманова Таибатица лъазабуна жинца инкар гьабулеб бугин гьев цIунизе тIаде восизе. Щайгурелъул кIиго соналъ цебе СагIид афанди чIваялда тIасан диваналъул цебеккунисеб халгьаби унеб мехалдаго гьелъухъе рачIун рукIун руго шайих чIваялъул гIайиб жинде гIунтIизабулезул цояв Шихмирза Лабазановасул гIагарал чагIи гьесул адвокатлъун йикIинарищан. Гьелъги разилъи кьун букIун буго. Амма диваналъул цIех-рех унебгIан мехалда цIех-рехалхул изояляторалда гьев вугеб мехалъ Шихмирза Лабазановасухъе йичччан йикIун гьечIо гьей. Гьелдаги кIочон букIун буго гьеб. Гьанже МухIамадгIали ГIамирханов цIунизе тIаде восун хадуб диваналъул рокъов Шихмирза Лабазановги вихьидал ракIалде щун буго гьелда гьеб. Амма гьениб баянлъун буго гьадинаб хIужаги, Шихмирза Лабазановасги МухIамадгIали ГIамирхановасги кьолел баянал дандекколел гьечIолъи. Къануналда рекъон абуни гьединал хIужаби тIатараб мехалъ адвокаталъул рес букIунаро жинца цIунизе тIаде восарасулгун хIалтIи гьабизе. Гьелда тIасан гьадин бицунеб буго «Эркенлъиялъе» Ринат ХIамидовас. Гьев ккола Шихмирза Лабазановасул адвокат

Ринат ХIамидов: « Диваналда цебесеб цIех-рех тIобитIулаго, Лабазановасул гIагарал рачIун руго Салмановалъухъе, Таибатги разилъун йиго гьев цIуни тIаде босизе Амма доб мехалъ жий гьесул адвокат йигилан ордер хъван тIалаб гьабуниги, гьелъие рес щвечIо Лефортовоялда гIайиб гIунтIизабулев вихьизе. Гьанже ГIамирхановасул иш жиндихъего босидал, гьелда гьеб хIужа кIочIон буго, амма къануналда рекъон, цо адвокатас цадахъго гIайиб гIунтIизабулел кIиго яги чангоязул баянал цуцада данде кколарел ругони, гьев цIунизе бегьуларо. ГIамирхановасул баянал Лабазановасул баяназда данде кколарел руго, гьелъул ихтияр гьечIо Лабазанов тун, цогидав чи гьеб ишалда хурхун цIунизе. Живго Лабазановасе адвокат хIажат гьечIо. Гьединлъидал гьей нахъе ана. Гьанже цогидав адвокат валагьулев вуго ГIамирхановасе».

Шайих чIваялъул гIайиб гIунтIизабулезул лъабабилев, МухIамад ХIажиевасин абуни инкар гьабун буго жиндирго адвокат НурмухIамад МухIамадовасдаса. Гьелъие щиб бугебали гьес баян гьабун гьечIо, жиндир цогидав адвокат вукIине вугилан абун гурони.

Диваналъул цIияб халгьаби букIине буго ункъабилеб марталда.

XS
SM
MD
LG