МагъчIваялъе рес

Пачалихъалъул буголъиялъул гьечIолъи гьабулел


Дагъистаналъул парламенталъул иргадулаб данделъиялда гьоркьоб лъуна 30 суал. ХIукму гьабуна депутатасул статус хисизабизе ва гьес жиндир буголъиялъул декларация кьолеб гьечIони, ялъуни лъабгоялдаса цIикIкIун данделъи гьоркьоб биччани гьев мандаталдаса махIрум гьавизе. Депутатал гIенеккана Счетний палатаялъул хIисабкьеялъухъ, хиса-басиял гьаруна республикаялъул бюджеталда ва мухъазул депутатал рищулеб къагIидаялда.

Халкъияб мажлисалъул данделъиялда аслияб суал букIана ХIисабалъул палатаялъул нухмалъулев Тамерлан ШагIбановасул араб соналъул хIасилал гьарураб цевевахъин. Гьес бицана, араб соналъ палатаялъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда тIатинабун бугин 4 млрд гъуруш гIарац мекъи хIалтIизабиялъул хIужаби. Республикаялъул бюджеталде тIадбуссинабун буго 170 млн гъурущ гIарац. Аслиял бюджеталъулал такъсирал гьарулел руго муниципалитетаздаян рикIкIунеб буго гьес. Мисалалъе, араб соналъ 2 млрд ва 300 млн гъуруш гIарцул мекълъаби гьарун руго муниципалитетазда. ТамихIалде цIан вуго 118 хIалтIухъан ва гьезул 13 чи хIалтIудаса эркен гьавун вуго.

ГIемер ратулел руго батIи-батIиял бакIал ралаго гьабураб хIалтIул ва хвезабураб гIарцул къадар цIикIкIинабиялъул хIужаби. Гьединал хIужаби гIемер тIатун руго Гъизилюрт мухъалда ва Дагестанские Огни шагьаралда. Бюджеталъул гIарац харж гьабулаго цIакъ гIемер батулеб буго х1асил гьеч1еб, гIадада гIарац хвезабурал бакIал. Мисалалъе, ратулел руго гIемер гIарацги хвезабун рарал кIудиял, амма жанир лъимал гьечIел ясли-ахал. Ялъуни, цо-цо азарханабазда ратулел руго хIалтIизаричIого тарал кIудияб багьаялъул медицинаялъул алатал. Гьедин республикаялъул бюджеталдаса хвезабун буго 500 миллионалдаса цIикIкIун гIарац.

Гьединго ХIисабалъул палатаялъул нухмалъулес бицана ХIукуматалъул ракь ялъуни буголъи ижараялъе кьолаго гьарулел гъалатIазул. Араб соналъ ижараялъухъ щвараб гIарцул къадар бахана 270 миллионалде, щвечIого хутIараб буго 500 миллионаласа цIикIкIун. Ахиралда депутатаз гьесие чанго суал кьуна. Депутат АхIмад Изиловасул суал букIана пачалихъалъ батIи-батIиял фирмабазе кьолел гарантиязул хIакъалъулъ ва гьезда хурхун ХIисабалъул палатаялъ кьолеб информациялъул хIакъалъулъ.

АхIмад Изилов: «Ахираб чанго соналда жаниб республикаялъ кьуна чанго фирмаялъе миллиардазде гIагарун пачалихъиял гарантиял. Ай, нагагь гьел фирмабазул банкрот ккани республикаялъул бюджеталъ бецIизе ккола гIарац. Гарантиял кьун рукIана нужер ХIисабалъул палатаялъ кьураб информациялда рекъон, гьел фирмабазул буголъи бугин абун. Гьанже тIатунеб буго гьезул щибниги гьечIолъи, банкалде процентал кьезецин гIарац гьечIеблъи. Щиб абизе кIолеб гьеб суалалда хурхун».

АхIмад Изиловасул гьеб суалалъе ХIисабалъул палатаялъул нухмалъулес жаваб кьуна, хIакъикъаталда гьединал баянал кьун рукIанин, гьеб суалалда хурхун жидеца исана хIалтIи гьабулеб бугин. Депутат ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадовас цIехана, дагьалъ цебе информалатазда бицунеб букIанин республикаялъул захIматалъул ва социалияб цIуна-къаялъул министерлъиялда 250 млн гъуруш гIарац бикъиялъул суал. Гьеб нужеца тIатинабурабищ абун. Тамерлан ШагIбановас жаваб кьуна, гьеб бугин цебего букIараб х1ужа, жинда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жо гьечIин. Доб мехалъ рехсараб министерлъиялъул нухмалъулевлъун вукIана гьабсагIаталда республикаялъул бетIерасул администрациялъул нухмалъулев ИсмагIил Эфендиев.

Хадуб Халкъияб мажлисалъ къабул гьаруна бюджеталда хиса-басиял. Ричулел руго республикаялъул кверщаликь рукIарал газалъул рогIрал. Гьезухъ щвезе кколеб 5 миллиардалъул 1 млрд кьолеб буго басриял рукъзабахъа гIадамал гочинариялъул программаялъе, 1 млрд кьолеб буго нухал гьариялъе, 986 миллион сахлъи цIуниялъе, бакIал раялъе ва архитектураялъе 1 млрд ва 700 млн.

Иргадулаб данделъиялда мандаталдаса махIрум гьавуна лъабго Халкъияб мажлисалъул депутат. Гьезул кIигояв – Сагид МуртазагIалиев ва Мурад ХIажиев жиндир заманалда буголъиялъул декларация кьечIого, Джапарбег Шамхалов пачалихъияб буголъиялъул комитеталъул нухмалъулевлъун тIамиялда бан.

Гьединго депутатаз къабул гьабуна мухъазул депутаталлъун росабазул бутIрул рукIине бегьуларо абураб къанун. Гьеб тIалаб гьабулеб букIана Россиялъул Конституционнияб диваналъ араб соналъул т1оцебесеб декабралда гьабураб хIукмуялъ. Гьанже гьезул бакIалда цIиял чагIи рищизе ккола. Гьединго къануналъ ихтияр кьолеб буго росабазе жидеего бегавул вищулеб къагIида жидецаго чIезабизе. Гьев вищизе бегьула лъабго бат1ияб къаг1идаялъ, ай, гьанже г1адин конкурсалъул комиссиялъ рихьизарурал кандидатаздаса, тIолгохалкъалъул рищияздалъун, ялъуни росабазул депутатазда гьоркьоса. Депутатаз гьединго х1укму гьабуна Унсоколо мухъалъул центр Унсоколо росулъа Шамилхъалаялде бахъинабизе.

XS
SM
MD
LG