МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул экономика хьуцIилъе цIалеб "тахмановщина"


Талат къоялъ МахIачхъалаялда тIобитIана республикаялъул парламенталъул ЦIияб cоналда цебесеб сессия.

22 декабралда МахIачхъалаялда тIобитIараб Халкъияб мажлисалъул сессиялда республикаялъул бетIерас бадибчIвай гьабуна Дагъистан "хьуцIилъе цIалев" хъулухъчиясе. Финансазул министрас бицана республикаялъул бюджеталде магъалодул 6 миллиард гъурущ бачIинчIолъиялъул. Спикерас хIасил гьабуна исана соналда жаниб парламенталъ 112 къануналъул проект къабул гьабунилан.

22 декабралда МахIачхъалаялда тIобитIизесеб сессиялда Дагъистаналъул гимналъул хIакъалъулъ бицине бугилан хъвалеб букIана фейсбукалда. Амма бицинчIо.

Лъалеб букIахъе, гьабсагIаталда бугеб гимналда ракIги рекъечIого, республикаялъул бетIерас цIияб гимналъе къец лъазабун буго. Гьелъул лъабго батIияб къагIида тIаса бищунги рагIула гьанже.

ПалхIасил, гимналъул бакIалда сессиялда бицана бюджеталъулги, магъалаби лъикI ракIарунгутIиялъулги, школал гIунгутIиялъулги.

Масала, Дагъистаналъул бюджеталъул бицунаго, федералияб бюджеталдасан республикаялъе тIадеги 2 млрдгун 699 млн гъурущ бачиIнехъин бугин тIасияб соналъилан абуна сессиялда финансазул министр Билал ЖахIбаровас. Амма гьебго заманалда Дагъистаналъул бюджеталде бачIун гьечIо магъалодул 6 млрд гъурущ. Магъалаби лъикI ракIарунгутIиялъул магIна бугила гьеб аслияб куцалда, гьединго цо-цо магъалабазул къадар дагь гьабиги кколила гьелъие гIилла.

Федералияб бюджеталдасан биччазехъин бугеб 20 млн гъурущ Дагъистаналъ харж гьабизехъин буго Украинаялдаса лъутизе ккарал гIадамазе рукIа-рахъиналъул шартIал чIезаризе.

Гьедин чIамучIго унеб букIана сессия депутат АхIмад Изиловас суал кьезегIан. ГIадамазе хIалтIизе бакIал чIезариялъул хабарги букIунин санайилго, амма хIалтIи гьечIого хутIаразул къадар дагьлъунгутIиялъе гIилла щибин гьикъана гьес. Жаваб кьезе цеве вахъана Мусалан Тахманов абулев хIакимчи. Добаса бахъун, аниса бикIун, цо бичIчIизе захIматаб жаваб кьезе лъугьарав гьев гьоркьов къотIизавуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Бицен гьабулеб суал гьедигIанго гъваридго бичIчIичIониги, Изиловас битIун суал лъунин, амма Тахмановас «тахмановщина» гьабизе лъугьанин абуна гьес.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьеб тарих ккола федералияб бюджеталдаса гIарац цIцIулеб заманалда жибго ФОМСалъ понцIозабун бихьизабулеб букIараб жо. Гьелдалъун пачалихъалъул гIарцуда кьабулеб букIана хIакимзабаз. Гьанжейин абуни иш батIайисан буго. Гьел хIалтIуларел чагIи сах гьаруралъухъ гIарац биччазе кколеб буго республикаялъул бюджеталдасан. Гьале гьабсагIаталда дица тIдакъай кьолеб буго хIукуматалъул бетIер ГIабдусамад ХIамидовасе, ФОМСалъул нухмалъулев МухIамад Сулеймановасе – цIияб соналдаса хадуб дагь гьабе гьел чагIазул къадар. ГIодоса гIодобе 300 азарго чи вукIине ккола. Цо камилаб статистика гьечIо нилъер. Гьединлъидал цойиде ккезаре тарихал!

Мунгиха, гьудулав чи, Тахманов! Дица мун цо хъулухъалдаса цоги хъулухъалде вачунев вуго. Дуцайин абуни дуда сверухъ ругелщинал цIалел руго хьуцIилъе. Дуда релълъаралщинал хIакимзабазулги 50 процентгIаги буго киналниги пачалихъиял идарабазда. Нужецайин республика гьабсагIаталда бугеб хIалалдаса цебехун туркIизе биччалеб гьечIеб».

ХIисаб кьолеб палатаялъул нухмалъулев хисулев Хъазамби Хъазамбиевасул рагIабазул рекъон, федералияб централда цебе Дагъистаналъ кьечIого хутIараб налъул къадар бахунеб буго 17 млрд гъурщиде.

Гьебго заманалда цIикIкIинабулеб буго цо-цо суалал тIураялъ биччалеб гIарац. Мисалалъе, «гIаммал пачалихъиял суалал» тIуразе тIадеги кьолеб буго 340 млн гъурущ, «миллияб хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъегун низам цIунулезул хIалтIуе» - 624 млн гъурущ, лъай кьеялъе – 700 млн-са цIикIкIун гъурущ, культурагун кинематография цебетIезабизе – 25 млн гъурущ (гьелда гьоркьоса кIигогIан млн гъурущ инехъин буго терроралдагун, миллатчилъиялда, экстремизмалда дандечIун тIобитIулеб акциялъе, 7 826 млн гъурущ – Тахо-Годил цIаралда бугеб музеялъе хIажатаб къайи босизе).

Пачалихъиял газетал-журналазеги биччалеб буго тIадеги гIарац. Масала, хIукуматалъул газеталъун рикIкIунеб «Дагестанская правдаялъе» - 1 567 млн гъурущ.

ТIасияб соналда гьединго 20 млн гъурущ биччалеб буго Хунзахъ мухъалда ГьоцIалъ ГЭС балаго къварилъи ккарал гIадамазе кьезелъун.

300 млн-са цIикIкIун гъурущ тIаса къотIулеб буго финансазул министерлъиялъе, энергетикаялъул Агентлъиялъе, Конституциялъул диваналъе биччалеб гIарац.

Коммунистазул депутат МухIамад МухIамадовас гьениб разилъи гьечIолъи бихьизабуна тIасияб соналъул бюджеталда цо-цо объектал хIисабалде росун гьечIолъиялдаса. Жидер Гъаякент мухъалда лъималги гIемерлъун, школал лъабго сменаялъ хIалтIулел ругила. Щайила гьенир школал разе хIисабалде босичIеб бюджеталда? Экономикаялъул министр Раюдин Юсуповас жаваб кьуна лъабго сменаялъ лъимал цIалулеб 12 школа бугила Дагъистаналда. Хадубккун гьеб суал тIубалила жидеца, амма кида ва кинали мухIкан гьабичIо.

XS
SM
MD
LG