МагъчIваялъе рес

Спикер нахъе витIичIо


28 сентябралда тIобитIараб Дагъистаналъул парламенталъул сессиялда спикер Хизри ШихсагIидов хъулухъалдаса ине вугин абураб хабар унлъичIо. Гьев гьеб сессиялде вачIунцин вукIинчIо.

Спикер сессиялда гьечIин яги гьев пуланаб гIиллаялъе гIоло вачIун гьечIин абураб баянги лъицаниги кьечIо гьениб. ШихсагIидовасул бакIалда сессия нухда бачана вице-спикер Юрий Левицкияс.

ПалхIасил, исана августалда туснахъ гьавуна Дагъистаналъул парламенталъул спикерасул вас, гьединго Буйнакск мухъалъул нухмалъулев Даниял ШихсагIидов.

Гьеб мехалда гIемерисез бицине лъугьана гьанже парламенталъе нухмалъи гьабизе бегьуларин гьесул инсуца, гьевги нахъе ине кколин хъулухъалдаса. Гьединлъидал 13 сентябралда республикаялда рищиял тIоритIизегIан чIезе кколин, щайин абуни Дагъистаналда «Единая Россиялъул» жавабияб хъулухъалда вугев чи кколин Хизри ШихсагIидов.

Рищиязда цеве гьев хъулухъалдаса гIодов чIезавуни, гъалмагъир ккезе бегьулилан бицунеб букIана республикаялда. Гьедин риидалил каникулаздаса хадусеб сессиялда гьоркьоб лъезе бугин Хизри ШихсагIидовасул суалилан бицунеб букIана политикаялда хадуб халкколел чагIаз.

Амма, цебехун бицухъе, 28 сентябралда спикер сессиялда гIахьаллъичIо. Цо-цо баяназда рекъон, гьев вихьизе чIолев рагIуларо, кидалъагIанали жеги мухIканлъи гьечIо.

Сессиялда вукIинчIо «Россиялъул патриотал» партиялъул нухмалъулев Эдуард Хидировги. ЭР-ялъ дагьалъ цебегIан бицун букIана рищиязда цебе республикаялда ахIвал-хIал хIалуцине рес бугин, Хидиров къватIив пачалихъалдеги ун чIун вукIиналъул.

Цо-цо чагIазда гьелъулъ хасаб гIилла бихьулеб бугоан. Масала, олигарх Сулейман Керимовас МахIачхъалаялда рагьараб «Нафта-банкалъе» нухмалъи гьабизе Эдуард Хидировасда тIадкъайдал, ккарал гIарцул хIиллаби.

28 сентябралда МахIачхъалаялда тIобитIараб сессиялда лъазабуна республикаялъул ХIисаб кьеялъул палатаялъул нухмалъулев Билал ЖахIбаров цогидаб хъулухъалде унев вукIун, гьесул бакIалда Шабанов Темирлан абурав чи толев вугилан.

Цеве республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялда экономикаялъул такъсиразда данде къеркьолеб бутIаялда хIалтIулев вукIун вуго гьев. Цо-цо баяназда рекъон, рес буго кватIичIого гьев Билал ЖахIбаров финансазул министрлъун тезеги.

Гьединго жинца Халкъияб Мажлисалъул депутатасул мандаталдаса инкар гьабулеб бугин лъазабуна МухIама Шабановасги. «Правое дело» абураб партиялъул парламенталда вугев цого цо вакил кколаан гьев. Мандаталдаса гьес инкар гьабиялъе гIилла ккола Шабанов МухIамад Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулевлъун вукIинги. Къануналда рекъон, гьеб кIиябго иш цадахъ гьабизе бегьуларо.

Къануназул проектал гьоркьор лъелалде гьеб сессиялда бицен гьабуна гьаб ахираб заманалда ккарал аслиял лъугьа-бахъиназул. Масала, рищиязул. Цо-цо партиязул нухмалъулезда ккун букIун бугин тIасахун Рамазан ГIабдулатIиповас командаги кьун, жидеца щибниги хIалтIиги гьабичIого, росун жидеда цере лъелин гьаркьазул къваригIарабгIанасеб къадарилан абуна гьениб республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

Гьединго бакIалъул нухмалъулездехунги бугоан гьесул тIадкIалъай. Халкъалда гьоркьоб тIубанго къадру хварал бакIалъул нухмалъулел ругин республикаялдаян абуна ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Амма гьедин букIаниги, реццардула, кIичIардула, жидерго къаркъалаги бихьизабун, доре-нахъе рилълъуна. Жанисанин абуни чIорогоял жал руго гьел. 50 проценталъ муниципалиял бутIрул хисана нижеца. Буйнакскиялъул бетIерги хисизе къваригIун букIана дие. Амма цо рищиял лъугIизегIанги тейин гьевилан чIезавуна дун.

Гьа, чIана. Щибха гьелъул ккараб? Дида бихьана гьев чиясул кинабгIаги къуват гьечIолъи. Дун кIалъана Буйнакскиялдаса гIадамалгун. Гьез дида абуна, рищиязда цебесеб къоялъниги шагьаралъул бетIер хисун вукIаравани дуца, жидеца гьеб 68 процент «Единая Россиялъе» кьолаанила».

Гьеб 68 процент ккола буйнакскалъулаз «ветераназул партиялъе» кьурал гьаркьал. Шагьаралъул бетIерасда ццим бахъарал гIадамаз лъиданиги лъалареб партиялъе гьаркьал кьеялда рази гьечIоан республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов.

Гьедин цо-цо къуватаз пайда босулеб бугила цIидасан шагьаралде рачIине. Буйнакскалъул гIадамаз абулеб буго жидецаги гьел гьаркьал батIаго «ветераназул партиялъейилан» гурила кьурал, ГIусман ГIусмановасейин кьунила. Гьев ккола цевехун Буйнакскалъул вукIарав мэр. Хадув гьев хIалтIана МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировгун.

Гьединлъидал данде кколев гьечIин ГIусман ГIусманов республикаялъул нухмалъиялъеян бицен буго МахIачхъалаялда.

Хадусеб тIадкIалъай республикаялъул бетIерас гьабуна медицинаялъул страхование гьабулеб фондалъул нухмалъулев хисулев Рафик Буттаев цевевахъиндал.

Гьесул халатаб кIалъайги гьокьоб къотIизабун, Рамазан ГIабдулатIиповас гьикъана республикаялда ругел гIадамазул 86 процент хIалтIуларелин щайин нужеца рихьизарун ругел, гьелъие жаваб щоларого кIиго сон унеб бугин жиндир. Балагьараб мехалда, гьеб гьабун букIун бугин федералияб централдасан гIарац бикIизелъун. Гьанже ахIвал-хIал хисун буго, республикаялъ кьезе кколеб буго гьел хIалтIуларелин рихьизарурал гIадамал сах гьаруралъухъ гIарац.

Гьединан тIатинарунин жинца къасисеб низамалда хIалтIулелин кагътида рихьизарурал, амма хIакъикъаталда гьезецин гьечIел школалгиян бицана Рамазан ГIабдулатIиповас. 105 млн гъурущ биччалеб букIун буго гьезие республикаялъул бюджеталдасан. Гьединанго кагътида рихьизарун, унголъунги киданиги рукIинчIел гIиязул щуго млн бетIерги балагьулеб бугин жинцаян тIадежубана республикаялъул бетIерас.

XS
SM
MD
LG