МагъчIваялъе рес

Цо гимналъул къиса ва гьелда сверухъ политика


Ахираб заманалда Дагъистаналъул жамгIияб гIумруялъулъ лъугьа-бахъулебщиналда гъорлъ бищунго гIемер бахIсалги дагIбаялги гьарураб тема ккола араб сессиялда парламенталъ тасдикъ гьабураб гимн.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:53 0:00
Интернет-мухъ

Лъалеб букIахъе официалияб къагIидаялда Дагъистаналъул гимнлъун лъугьана Расул ХIамзатовасул рагIабазда ва Мурад Кажлаевасул бакъаналда ахIулеб "Гьа" абураб кечI.

Гьеб кечI гьанжеялдаса 22 соналъ цебе Пачалихъалъул Советалъ ва доб заманалъул парламенталъ лъазабураб гимналъул къецазде хIадур гьабун букIун рагIула автораз.

Щаялиго музыкаялъул ва шигIру-кечIалъул дунялалда бищунго гвангъарал цIарал Расулгун Кажлаев вугониги, гьеб къабул гьабун букIун гьечIо доб заманалда.

Щиб хIисабалъ гьедин ккарабали абизе захIмат буго. Лъалеб букIахъе доб заманалда Дагъистаналъул гIоркь МухIамадгIалил хъатIикь букIана. Парламенталда ТIанусиса МухIуги вукIана.

МухIухъ рагIи букIинчIиланги кинха абилеб, гьеб шигIру-кечI гIадаб, законал, кагътал, протоколал ва хIукмаби абураб вала-рахас МухIамадгIалица гьесухъе цIикIкIун тун букIана. Тунги букIана гьев жиндаса лъай бугев вукIиналъги, живго МухIамадгIали гьел гимназдасаги интересал ишазде машгъуллъун вукIиналъги.

Масала, хъулухъазде рахъулел тIамулел гIадамал, бюджет бикьа-къотIи, федералиял программабаздалъун гIарац балагьи ва гъоб инеги бачIинеги кколел бакIазда тIад ургъи. Гьеди-гьединал жалаздаса гьев гимналде регIун вукIун ватиларин ккола дида. Гьелъул бакIалда щиб кечI ахIаниги щиб эсие?

Амма гьоркьо-кодов эркенлъарабго гьикъулеб букIун батизеги рес буго щибинха нилъер гимналъул ккараб абун. ХIасил калам, Кажлаевасул ва Расул ХIамзатовасул гимн нахъе чIваялда гъорлъ политика букIинчIин абизе кIоларо. БукIанин ккола, нахъе чIваялъе гIиллабиги рукIана дир хIисабалда.

ТIоцебесеб иргаялда расги лъикIал гьечIел МухIулги Расулилги гьоркьорлъаби рукIанин ккола. Расулие аслияб хъулухъ бугел чагIи цIикIкIун рокьулаан кIиабилеб хъулухъалда ругездаса, гьебги лъикI Расул лъалел чагIазда лъала. МухIуги жиндирго хасият бугев чияс нух кьун батиларо.

Гьеб гурищха къварегIун букIараб сихIирав МухIамадгIалиеги, ниж пачалихъ гIуцIулеб миллат бугин керен буххулел аваразул шагIирасул рагIабазда гимналдаса батIияб лъикI букIинарищ?

ТIаде жоялъе жив гьоркьов жувачIого суал роцIцIунебги бугеб мехалда. Гьелъул хIасилалда хех гьабун къабул гьабуна Чалаевасул бакъан рагIаби гьечIого. Кутакалда лъикIаб бакъан хъван бугин жинцаян Чалаевасги, бугинха бакъан-квара бичIчIулел чагIазги абун цо рагъулел кутузул гIадал гьаркьал ругеб жо тасдикъ гьабуна.

Гьединаб гимн тасдикъ гьабун букIана Дагъистаналда. Щаялиго къоябго соналъ ункъоялда анцIила ичIабго процент дагъистаниязда лъалароан жидер гимн букIин.

БукIин лъалездаги гьеб кинаб букIин лъалароан. 2013 абилеб соналъ бетIерлъун вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповас щибаб сессия байбихьилелде цебе Россиялъул, хадуб Дагъистаналъул гимн биччаян тIалаб гьабуна. РокьичIо гьесие Чалаевасул "рагъулел кутул".

Хъван битIана кагъат спикер ШихсагIидовасе гьаб гимн рагIарабго дида чи хваралда бакIалда бачунеб "похоронка" ракIалде бачIунеб буго хисе гьаб, лъазабе конкурс абун. Тункун жасусаз цIураб ХъахIаб рокъоса гьеб кагъат реххун бачIана интернеталде. Баккана ГIабулатIиповасдаса Чалаев цIунулеб партия.

Хасго гьеб кагътидаца керанзул унти ккезабуна Москваялда чIарав тохутр ГIабдулахабировасул. Анкьи-анкьидаса хъвалан ГIабдулатIиповасухъе рагьарал кагътал гимн цIунун.

Гьелъул жо ккечIо. КигIан тумазулгун багвалазул керен унтаниги араб хамиз къоялъ республикаялъул парламенталъ кьурун буссун къого соналъ цебе нахъе чIван букIараб Расулилгун Кажлаевасул бакъан тасдикъ гьабуна. Иргадаз цере рахъун беццизеги беццана, 82 депутатасдаса 80 гьаракьги кьун тасдикъги гьабуна.

Ахиралда цевеги вахъун ГIабдулатIиповас лъикIав композитор вугин Чалаевги веццун минорила мажорила абун цо терминалги рехсон, мухIканго ахирисел магIал кьабг1ана Ширванил гимналда тIад ва баркана дагъистаниязда республикаялъул цIияб ва аслияб бакъан тасдикъ гьаби. Гьединаб ккана къисмат цо бакъаналъул.

Гьезул кинабха лъикIабин суал кьуни, битIараб жаваб кье захIматаб масъала буго. Цо-цояз абула гьелъие хасаб музыкалияб лъай къварегIунин. Гьеб лъай бугониги гьечIелъул бакъаналъул лъикIлъи борцунеб хасаб роцен. Халалъи къокълъи боцуна, кIодолъи гьитIинлъи борцуна, бакъаналъул лъикIлъи кин борцунеб?

Гьеб щивасда бичIчIула жидерго къагIидаялъ. Масала, гIурусазул бакъаназул устарзаби ва машгьурал цIарал жалго къосана гьаб суалалъулъ, Кобзоница Кажлаевасул бакъан беццулеб буго, Пахмутовалъ Чалаевасул. Бокьахъе бичIчIа гьанже. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG