МагъчIваялъе рес

«Мискинал» хIакимзаби ва гьезул бечедал руччаби


Дагъистаналъул парламенталъул спикерасул буго «Харли Дэвидсон» абураб мотоцикл, цо-цо депутатазул руго «Лексус», «Бентли» маркаялъул машинаби.

«Мискинал» хIакимзаби ва гьезул бечедал руччаби
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:45 0:00
Интернет-мухъ

Руго гьезда гъорлъ 12 азарго гъуруш гурони лъагIалида жаниб щвечIел, хIатта щибго щвечIел депутаталги. Гьел баянал кьолел руго жидерго буголъиялъул декларациялда депутатаз. Экспертаз рикIкIунеб буго, гьеб информация мекъаб бугин, хIакъикъияб буголъи бахчизе кIолеб бугин хIакимзабазда.

Дагъистаналъул депутатазда гъорлъ араб соналъ бищун гIемер гIарац щварав чилъун ккана МахIачхъалаялдаса депутат, «Горводоканал» абураб муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулев Ислам Гусейханов. Гьесие щун буго 69 млн гъурущ. Машинаби гьесул хъизаналда гьечIо. КIиабилеб бакIалда вуго ЛъаратIаса депутат Джамалудин ГIумаров 54 млн гъуруш гIарац щварав.

Гьесул буго жиндирго лъабго цIатари тIолеб станция ва цIатари бахъулеб завод. Лъабабилеб бакIалда вуго «Сулахъалъул гидрокаскад» абураб идараялъул генералияв директор НурмухIамад ГIалиев. Гьесие щун буго араб соналъ 35 млн. Машина гьесулги гьечIо.

Буголъи гIемерал депутатазда гъорлъ тIоцебесеб бакIалда лъезе бегьула Южно-Сухокумск шагьаралдаса депутат, 28 сон барав ТIалхIат МахIачев. Гьев ккола кIиго соналъ цеве хварав Дагъистаналъул вице-премьер ХIажи МахIачевасул вас. Депутатасул бугоан ичIго рукъ. Гьезул цоялъул гIатIилъи буго 921 квадраталъул метр. Гьединго гьесул буго анлъго ракьул бутIа, «Роллс Ройс» ва LEXUX LX 570 абурал багьаяб кIиго машина.

Киналго депутатазул халлъулеб буго багьаял машинабазде рокьи. Мисалалъе, Хайдакъ мухъалдаса депутат АхIмад ХIамзаевасе араб соналъ щун буго цо миллион гъурущ, амма босун буго 2 млн ва 300 азарго гъурщиде бугеб БМВ машина ва «Мерседес». Амма бищунго багьаяб машина босун буго Гъизилюрталдаса Мурад Пайзулаевас. Гьес «Лексус -570» босун буго 5 млн 700 азарго гъурщиде. Гьелдаго релълъараб «Лексус» ва жеги кIиго «Бентли» машина буго Гъизилюрталдаса депутат Джалалдин Шамхаловасул.

ЛъагIалие щолеб гьесул харж буго 276 гъуруш гIарац. Хасавюрт мухъалдаса ГIалигишиев ХIамидил лъагIалил харж буго 4I3 гъуруш гIарац, амма машинаби руго багьаял. Гьесул буго ункъо багьаяб машина: BMW Z4, Toyota Land Cruiser 200, Mitsubishi Pajero ва LEXUS LX 570.

Руго «мискинал» депутаталги. Мисалалъе, Джалалудин МухIамадов абурав депутатасе араб соналъ щун буго 12 азарго гъурущ, чIужуялъе абуни щибго щун гьечIо. Амма гьезул буго I92 квадраталъул метр бугеб рукъ ва 500 квадраталъул ракьул бутIа.

Бищунго кIудияб рукъ буго ГIахъуша мухъалдаса депутат ГIумархIажи ГIалиевасул. Гьелъул гIатIилъи буго кIиазарго квадратияб метр. Депутат Альбина АхIмадовалъул рукъалъул кIодолъи буго 24 кв. метр.

Араб соналъ цониги гъурущ щун гьечIо анкьго депутатасе. Гьезда гъорлъ вуго МахIачхъалаялъул цеве вукIарав мэрасул вас МухIамад Амиров. Депутат Будун Будуновасеги декларациялда рекъон щибниги щун гьечIо. ГIумруги гьес гьабулеб буго ункъо лъимергун 60 квадратияб метр бугеб рокъоб. Я буголъи, я гIарац гьечIо Дагъистаналъул парламенталъул цеве вукIарав спикер МухIамадсултIан МухIамадовасул. Гьесул чIужуялъеги араб соналъ щибниги щун гьечо.

Парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовасул буго декларациялда рекъон кIиго «Харли Дэвидсон» абураб мотоцикл, гьединго «Тойота Тундра» ва «Ранглер» абураб кIиго джипги.

Щай гьадин батIи-батIиял баянал ругел, божизе бегьулищ гьезда абураб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ журналист, ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъул член ГIабдулхIамидов Аликида. Рехсараб идараялъ цебегоялдаса нахъе хIакимзабазул буголъиялъул цIех-рех гьабулеб буго.

Алик ГIабдулхIамидов: «Дун гьел декларациязда божуларо. Гьениб бугеб информация битIараб батани, гIемерисел хIакимзаби жидерго руччабаз хьихьулеб къагIида буго. Щайгурелъул, гьезда тIад хъван букIуна магIишат. Руччабал руго аслиял бизнесменал ва кодоб гIарац бугел чагIи. Гьез кьолеб батизе ккола хIакимзабазе кваназеги, рекIинеги, ретIинеги жоялъе гIарац. Щаялиго къуваталъул идарабазги гьеб жоялде кIвар кьолеб гьечIо.

ГIажаибаб жо тIатинабун букIана нижер фронталъ араб соналъ. Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъ босулеб букIана 272 квадратияб метр бугеб рукъ 11 млн гъурщиде. Дида лъаларо, щив хIакимчи гьев вукIаравали. Гьесул анцIго чIужуги нусго лъимергийищ бугеб гьеб кIудияб рукъ босизе ккани? Гьеб хIужа тIатун букIана, ахирги босанищ гьеб рукъ, босичIищ лъаларо».

Лъалеб букIахъе, къануналда рекъон, щибаб лъагIалил апрель моцIалъ хIакимзабаз жидерго буголъиялъул декларация рагьизе ккола. Гьеб гьабичIого Халкъияб мажлисалъ мандаталдаса махIрум гьавун вуго кIиго депутат.

XS
SM
MD
LG