МагъчIваялъе рес

Ришватчилъи тIагIинабулел ришватчагIи


2015 сон байбихьаралдаса Дагъистаналда лъабнусидаса цIикIкIун ришватчилъиялъул хIужа тIатинабун так]сир гьабиялъул иш рагьанин лъазабулеб буго Дагъистаналъул прокуратураялъ. Ахираб заманалда цIайи бугел чанго хIакимчагIи кквей тIоцересел галаби ругин ккоррупциялда данде къеркьеялъул, амма гьеб хIалтIи аслияб куцалъ жеги цебе бугилан рикIкIунеб буго экспертаз.

Гьал къояз, Дагъистаналъул прокуратураялъ 2015 соналъул тIоцебесеб бащалъиялда идараялъ гьабураб хIалтIул хIасилал лъазарулеб доклад бахъана. Гьеб докладалда, цогидал тIатинарурал такъсиразул хIужабазда гъорлъ рехсолел руго коррупциялда данде къеркьеялъул хIасилалги. Гьедин 2015 сон байбихьаралдаса 325 таксир гьабиялъул хIужа тIатинабун ва гьезда хурхун такъсир гьабиялъул ишал рагьун руго. Араб соналъул гьебго заманалде данде ккун гьеб буго 30 проценталдасаги цIикIкIараб къадар.

Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградов, Буйнакск мухъалъул бетIер Даниял Шихсаидов кквей, ва цогидал тIалъиялъул вакилзабазда хурхун хал гьабиял ва гьел полициялъ кквей хIисабалде босун абизе бегьулин, цересел соназде данде ккун исана Дагъистаналда коррупциялда данде гьабулеб хIалтIи бугин, амма гьеб хIалтIи унгоги кколеб хIалалда тIобитIулеб бугин абизе кIоларин жегийин рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ва журналист ГIалисултIан ГъазимухIамадовас. Экспертасул пикруялда гьебго прокуратураялда жанир руго корруциялъул лъалкIал.

ГIалисултIан ГъазимухIамадов: «Гьеб тарихалъ нилъеда бицунеб буго прокуратура хIалтIизе ккун букIиналъул, гьанже лъагIан низам цIунулел цогидал идарабазго гIадинан бизнесалда рекъон тIуралаан гьел суалал. Жакъа 325 иш рагьун батани, гьелъул магIна ккола цере гIадин гьез берал къанщун толел гьечIин ришватчилъиялъул хIужабийилан абулеб. Амма гьелдаго цадахъ дида абизе кIоларо жибго прокуратура ришватчилъиялдаса бацIад бугилан, щай гурелъул гIемерал саназ прокуратураялде гIадамал хIалтIизе росулаан кIудиял лъай-хъваяздасан яги, биценазда рекъон, щибаб хъулухъалъухъ чIезабураб багьа-къадарги букIана. Гьединлъидал жибго прокуратура кидайин бацIалъилебин суал кьезе бегьула».

Журналистас баян гьабуна щаклъи букIанин Дагъиснаналъул нухмалъуда Рамазан ГIабдулатIипов хутIиялда, гьесда данде гIемер хIалтIиги гьабулеб букIанин, амма Москаялда букIараб ахирияб гьесул дандчIваялде балагьун бихьулеб бугила Кремлалъул гьесда божилъи букIин. Гьелдаго цадахъ Дагъистаналда 20 гIасруялдаса нахъе ирсалъе щварал тIалъиялда ругел тухумаздаса хIакимчагIи къануналдаса рорчIизехъин гьечIила.

ГIалисултIан ГъазимухIамадов: «Цо-цо къуватазе хIажат букIана ГIабдулатIипов хисизе, амма нилъеда бихьулеб буго федералияб централъ гьесда божилъи гьабулеб букIин, гьелдаго цадахъ гьесул сверухълъи къануналдаса борчIизе бакI гьечIолъиги. ЩихсагIидовасул вас жанив тIами, Виноградов кквей-гьелдаса бихьула Москваялъ кумек гьабулеб букIин ГIабдулатIиповасе, амма тIубан гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабизе заман хIажалъула, бищун дагьалдаса кIиго сон».

Дагъистаналда, Россиялъул цIияб тарихалда жаниб, 90 соназдаса байбихьун лъугьарал политикиял тухумаз рикъун, пасат гьарун лъугIизарулел рукIанин Москваялдаса рачIунел трансферал, ай батIи-батIиял мурадазда республикаялда харж гьабизе биччалеб гIарац. Шималияб Кавказалъул цогидал регионазде дандеккунцин Дагъистаналда коррупция цIакъго кIудияб букIанин баян гьабулеб буго жамгIияв хIаракатчи Гейдар Джемалица «Зеркало» абулеб сурсаталъе. Масала, гьевго МухIамадгIали МухIамадов вугила дунялалда ругел бищун бечедал гIадамазул цояв.

Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къукъаялъул нухмалъулей Екатерина Сокирянскаяялъ баян гьабухъе, СагIид Амиров кквеялдаса байбихьараб иш цебе унеб буго жакъа. ХIукуматалъул институтал тIуран цо хасал чагIаз кверде росун рукIанила Дагъистаналда ва гьабсагIаталда гьел институтал цIигьариялъул иш дагь-дагьккун рукIалиде бачIунеб бугила. Амма гьеб Рамазан ГIабдулатIиповасул хIалтIул хIасилал гурила, гьеб бугила Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал хисизариялда хурхун Россиялъул тIалъиялъул планал гIумруялде рахъинарийилан рикIкIунеб буго эксперталъ.

XS
SM
MD
LG