МагъчIваялъе рес

Пенсионный фондги, гIарацги, тIурал биялги


Республикаялда хисана Пенсионный фондалъул нухмалъулев. Гьев рагIула цевехунги Россиялъул пенсионный фондалъул системаялда хIинкъигьечIолъи цIуниялъул отделалъул нухмалъуда вукIарав чи. ЦIарги буго гьесда Азнавур ХIажимирзоев.

Пенсионный фондги, гIарацги, тIурал биялг
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:57 0:00
Интернет-мухъ

Миллатги гьесул буго тумав. Гьаниб миллат рехсеялъе гIиллалъун буго Дагъистаналда хъулухъалда чи толаго тIоцебе бачIунеб "щиб миллаталъул чи?" абураб суал. Гьелъул хIасилалда рижарал руго Россиялъул цойги субъектазда ричIчIуларел, хIатта релъизецин рачIунел "аваразул хъулухъ", "даргиязул хъулухъ" ва " тумазул хъулухъ" абураб жо.

ХIатта "Миллат" газеталъе кьураб интервьюялда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасцин абун букIана: " Лъалеб жо бугин хъулухъалда чи толаго тIоцебесеб иргаялда профессионалияб лъай ва махщел хIисабалде боси, гьелдаго цадахъ цIунизе кколеб "национальный паритет" абураб жо, ай миллияб ращаголъи" абун.

Гьеб рахъ хIисабалде босани, республикаялъул бетIерлъун Рамазан ГIабдулатIипов вугониги, авар миллаталъул вакилзабаца ахираб анцIго соналда жанир гIезегIан хъулухъал рилун ругин абизе бегьула.

20-30 соналъ аваразда хадуб букIараб МВДялъул министрасул тахбакI билана, гьенив вуго тумав, гьеб аваразул хъулухъ били бащад гьабураб гIадаб жо букIана Пенсионный фондалъул нухмалъуде тумав Амучи Амутинов хисун Сайгид МуртазагIалиев вачIин. Гьанже бихьулищха ккун бугеб жо? Батила гьелъиеги цо хIисаб, миллияб ращаголъи цIунизе республикаялъул министерствабазда жаниб гьабизе батила цониги хиса-баси.

Гьеб Пенсионный фонд абураб бакI СССРалъул заманалда букIанищалицин лъаларо. Муниципалитетазда гьеб 90 абилел соназул байбихьудаги социалияб рахъалъ гIадамал хьезариялъул отделазда цадахъ букIана. Хадуб батIа гьабураб гIадаб жо ккана. Республикаялда I990 абилел соназул бащалъуда гьеб хъулухъ ккуна Хъуппаялдаса Шарапудин Мусаев абурав чияс.

Гьев вукIана Саид Амировгун данде кколарев чи. ГIезегIан соназ гIарацги, жидер политикиял дандеккунгутIиялги роцIцIине кIоларого кьвагьдана гьев кIиго бахIарчи. Щибаб бащдаб лъагIалидаса чIвалел рукIана ГIахъуша районалъул бутIрул, цояс лъурав цояс реххун, хадусев дандияс реххун. Гьеб къеркьеялъул кульминациялъун букIанин абизе бегьула Пархоменкол къотIноб теракт гьабун Саид Амиров кьвагьизеян нусгоялдасаги тIаде гIайиб гьечIел гIадамал чIвай.

Ахиралда Москваялъул цо гостиницаялда вичун восарав охранникасул квердаса чIванин абула Шарап. Гьесул гIарцул легендаби рукIана дол соназда. ХIатта жив республикаялъул бетIер вукIине кколин МухIамадгIалида данде кандидатурацин лъуна. Ахир Колесниковасул "чисткаялъ" тIад доб заманалъул гIарцул 45 миллиард бикъун бугинги чIезабун валагьулевцин вукIана.

Шарап хъулухъалдаса вахъаниги гьесул тахбакI кквезе гIедегIулел рукIинчIо. Ахирги Амучи Амучи абурав тумав вачIана гьевго гIадав "крутой нравалъул" чи. Бицуна Шарапил кабинеталъул кIул кодоб щоларого Амучица нуцIа амоналги лъун кьвагьун бахъанин. Хадуб Шарапилго гIадаб къисматги, политикияв дандиявгун кьвагьа-гIанхъиялги гьесулги байбихьана.

Гьасул рагъ ана маххул нухазул управлениялъул кIудияв Гъази Гъазиевасулгун. МухIамадсалам МухIамадов хъулухъалде щварабго политикияв дандияв хIисабалда цIияб нухмалъиялъ реххана Амучи. Гьеб тахбакI жиндие букIине кколин битIахъе трофей босизе унев рагъухъан гIадин тIаделъана ХъахIаб рукъалдеги Пенсионный фондалдеги Сайгид МуртазагIалиев.

ГIорхъолъа араб гIарацги, политикияб ва къуваталъулаб сурсатги щварабго гьев данде тункана МахIачхъалаялъул мэр Саид Амировгун. Гьезул къеркьей битIун завалалда букIаго вачIана республикаялъул нухмалъуде Рамазан ГIабдулатIипов. Гьеб букIана цIакъ цIияв республикаялъул нухмалъулесе санагIатаб ахIвал-хIал. Балагьейинха нуж, гьадинал чагIи руго республикаялда, гьазухъ гъоркьлъалида буго Дагъистанги абураб гIадаб сигнал битIараб къагIида Рамазаница, гIемер кватIичIого раккана Дагъистаналда вертолеталги, БТРалги.

Хадусеб къеркьохъабазул къисматги, лъугьа-бахъарабги нужеда лъала. Сайгид МуртазагIалиев ана къватIир улкабазде. Интерполалъ валагьулев вуго гьев ва гIунтIизарулел руго чIвай-хъвеялгун терроралде гIунтIун гIемерал такъсирал. Живго Сайгид аниги Пенсионный фонд ва киналго хъулухъчагIигун гIарац бачIунел бакIал гьесда хадур рукIана.

Ахир гьечIеб жо букIунарелъул вачIана гьанже цIияв чи. Гьев Дагъистаналда 99 процент халкъалда, хIатта хъулухъ ишалда ругел чагIаздацин лъалев гьечIоан. Кинаб букIинеб гьесул къисмат хъулухъалда?

Лъица ва щиб мурадалъ ккезавурав чияли гIагараб заманалда лъала. Нижехъе щварал баяназда рекъон гьев хъулухъалда ккезавизе кумек гьабун буго Думаялъул депутат МухIамад ХIажиевас ва Сулейман Керимовас. МухIамад ХIажиев (Фикса) вукIана Сайгид МуртазагIалиевгун данде кколарев чи.

Гьес масъала лъун батизе буго цIияв чиясда цебе Сайгидил жибго фондалда жаниб бугеб "империя" биххизеги, гIарцул чваххиял хIажатаб рахънире руссинаризеги. Щиб гьелъул ккелебали ишаз ва заманаялъ бихьизабила. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG