МагъчIваялъе рес

Пенсиязул фондалда щай цIидасан чIухь бараб?


Dagestan / Pension fund
Dagestan / Pension fund

22 сентябралда Дагъистаналъул Пенсиязул фонд сверун ккун, гьенир чIухьал ралел руго. Гьединго сверун ккун, чIухь балеб бугила Дагъистаналда бугеб Пенсиязул фондалъул нухмалъулев ишал тIуралелъул рокъорги. «Новое Дело» газетаялъул редакторасул пикруялда гьел чIухьал раялъе буго кIиго гIилла.

Радал сагIат микьго тIубаралдаса сверун ккун бугин Пенсиязул фондалъул мина, хIалтIухъабиги жанире риччачIин, хIажатаз рачIарал гIадамалги гьединго нахъе ритIанин абулеб буго гьений кIалтIа чIун йигей, Пенсиязул фондалъул хIалтIухъан Мусаева Жавгьаратица. БачIиндаго жидеда щибго абулеб букIинчIила. «Урал» машинаби лъун, тIад маскIаби хурал чагIаз нух къотIун букIанила рагьде. Хадур гьел рагIалдегIан лъунила ва метер рачIани гурони жакъа нуж хIалтIизе рес букIунирин абунила жидедайин бицана Жавгьаратица «Эркенлъи» радиоялъе.

Мусаева Жавгьарат: « Ниж гьанире рачIаралго, гьел рачIун ратана. ХIалIуде сагIат ичIго тIубалеб заманалда рачIуна ниж. Нижедаги щибго лъаларо, гьезги щибго бицунеб гьечIо. ГIицIго лъала чIухьал ралел рукIин. Цин гьеб иш чанго сагIаталъ гурого халатбахъунеб батиларин чIун рукIана ниж, амма заманалдасан рокъоре ине бегьилин абуна, щиб гьениб кколеб бугебали нижеда лъаларо, гьеб гьезул хIалтIи буго».

Пенсиязул фондалъул кIалтIа чIун вукIарав цо рагъулас лъугьа-бахъунеб баян гьабуна Шималияб Кавказалъул округалъ тIобитIулеб операция гIадин. Гьеб бакIалда гIахьаллъулел щинал рагъулал ругила Ставрополь мухъалдаса рачIарал, метер, 23 октябралдасан, Пенсиязул фондалъул хIалтIулъ щибго квекIен букIине гьечIилан лъазабуна гьес.

Гьединго, къалъутIаялдехун чIухьал ран руго Дагъистаналда бугеб Пенсиязул фондалъул нухмалъулесул ишал тIуралей Руфина МухIамадовалъул рокъорги.

Рагъулал гьелъул рокъоре рачIун ругила, жийго Руфина МухIамадова ва гьей хисулел гьеб заманалда рукIанила Пенсиязул фондалда, чIухьал тIоритIулел низам цIунулелгун цадахъ. ГьабсагIаталдаги гьел жеги гьенир ругин лъазабуна бакъанидехун жиндир цIар рехсезе бокьичIев хIалтIухъанас.

МуртазгIалиевасул иш байбихьаралдаса гьоркьоб чанго моцI индал ралел чIухьал сунда хурхарал рукIине рес бугебали баян гьабулаго, «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад СагIитовас бицана гьелъие бугин кIиго гIилла, цо рахъалъ цIех-рех щвараб бакIалдасан хIажат ратизе рес бугила Пенсиязул фондалда хурхарал кинал ругониги хIужаби, цогидаб рахъалъ, гьеб бугила нухмалъулев хисулесул ишал тIуралей хIинкъизайизе гьабулеб гIадинаб жо.

ХIажимурад СагIитов: «Сайгид МуртазгIалиевасда тIад гьабулеб ишалда хурхун гьарулел ругин гьел чIухьалин абулеб буго, щай гьел гьанже гьарулелали, гIицIго цIех-рехалъул хIалтIухъабазда лъалеб батила. Батизе рес буго, гьабсагIаталда цIех-рех, гьесул ишалда хурхараб, щун батизе рес буго гьеб фондалда хурхарал мухIканлъаби хIажатаб бакIалде.

КIиабилеб гIилла, гьеб фондалъул нухмалъулей хисулелъул рокъоб чIухь баялъул кинаб бугониги ишалъе пайда гьечIолъи лъалеб жо буго, щай гурелъул, гьезие ратизе къваригIарал документал ратаниги, щиб батаниги, рокъоб цIунуларо, амма гьезда бан щиб бугониги лъалеб батизе рес букIуна.

Амма гьеб чIухь бай гьей хIинкъизайизе, цIех-рехгун рекъон хIалтIизе йикIине гьабулеб бугеб гIадинаб жо буго. МухIканго гьеб уголовияб ишалъе кинаб бугониги пайда гьечIо нухмалъулесул ишал тIуралъелъул рокъоб чIухь баялъул, амма гьеб чIухь бай батизе рес буго гьей хIалтIухъаналде тIаде цуй гьабиялъул цо тайпа гIадинаб жо».

СагIитовасул пикруялда, гьабсагIаталда низам цIунулезе ва цIех-рехалъе хIажат руго МуртазгIалиевасул ишалъе цIиял хIужаби.

22 октябралъул радалалдаса нахъе республикаялъул пенсиязул фонд хIалтIулеб гьечIолиялда бан, чIун хутIун бугила хIалтIи тIолго мухъазул ва шагьаразул Пенсиязул бутIаяздайин лъазабулеб буго жиндир цIар рехсезе бокьичIей хIалтIухъаналъ.

XS
SM
MD
LG