МагъчIваялъе рес

С.МуртазгIалиев халкъаздагьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вуго


Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиев террористазе квербакъиялъухъ, чанго чи чIвазе къасд гьабиялъухъ ва пачалихъалъул гIарац бикъиялъухъ халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вугин абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе. Гьел баяназдаса хадуб МуртазгIалиевасул сверухълъиялдаса гIадамаз лъазабулеб буго гьесул рахъккун тIоритIизехъин рукIарал акциялги тIубан нахърахъун ругин жидецайилан. Гьел тIоритIичIого теялъе гIиллаги бицунеб гьечIо гьез.

Гьал къоязда хасал идарабаз халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вугин Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиевилан абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе федералияб хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул идараялъул вакилзабаз. Официалияб къагIидаялъ жеги гьеб баян къватIибе кьун гьечIо.

Гьединго гьел хасал хъулухъазде мугъчIвайги гьабун «Московский Комсомолец» газеталъги кьун буго МуртазгIалиев цIех-рехалде лъазабиялъул хIакъалъулъ информация. Гьединго «Эркенлъи» радиоялъул баяназда рекъон Сайгид МуртазгIалиев ккун ВатIаналде витIейилан абун ГIарабазул Эмиратазде хасаб буюрухъ битIун буго Россиялъул федералияб хIинкъигьечIолъи чIезабулеб идараялъ.

Жиндаго сверун бахъараб ахIи гIодобе буссинегIан Эмиратазда вахчун вугин МуртазгIалиевилан абурал баянал рукIана, гьесул сверухълъиялъни лъазабулеб букIана гьев вахчун гьечIила, вахчизе ккани гьесул хIинкъараб жоги гьечIилан. Гьев захIматаб операциялдаса хадув сахгьавизе ун вугила къватIиса хIукуматазде, мадар лъугьарабго тIадги вуссине вугилан.

МуртазгIалиев цIех-рехалде лъазавиялъе гIиллалъун лъугьун буго хасал идарабазул щаклъи букIин гьес изну гьечIого яргъидгIуцIаразе гIарац кьолеб букIиналда. Гьединго гьезул щаклъи буго гьесул буюриялда рекъон чIвазе хIал бихьанин Гъизляралъул мэр хисулев Василий Наумочкин ва чIванин Дагъистаналъул жанисел ишазул экстремизмалда данде къеркьолеб центарлъул хIалтIухъан Шевкет Куджаевилан.

ЦIех-рехалъул баяназда рекъон гьел кIиялго чIваялъухъ I00 доллар кьун букIун буго МуртазгIалиевас Гъизляралъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул бетIер Пахрудин ХIажиевасе. Гьелго экстремистазе МуртазгIалиевас цебе-цебеги чанги квербакъи гьабулеб букIун буго, цоцIул 2 миллионги 700 азарго гъурущгицин кьун букIун буго гьес гьезие.

Гьеб гIарац босун ритIулел чагIиги, гьебго такъсиргьабиялъул ишалда хурхун туснахъ гьавун вугев, Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградовги, цIех-рехалде лъазавун вугев Гъизляралъул шураялъул депутат ГIумар Асадулаевги рукIун руго.

Сайгид МуртазгIалиевасда сверун хасал идарабаз хIалтIи гьабизе лъугьиналъе батIи-батIиял гIиллаби рехсолел рукIана гIадатиял гIадамазгун экспертаз. Гьезул гIемерисез абулеб букIана МахIачхъалаялъул мэрасул бакIалде гьев МуртазгIалиев вачIинчIого букIиналъе гIоло Дагъистаналъул тIалъиялъ багъиризабунила гьесде данде гьеб ишилан. Гьелдаго цадахъ рехсолел рукIана МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировас рецIел босулеб бугила гьедин Сайгидидасайилан абурал пикрабиги.

Амма журналист ва тарихчи Маркъо ШагIбановас гьеб иш Амировасул бажариялдалъун гьабунин абурал баянал гьадингояб чIанда бугин рикIкIунеб буго. ГьедигIан кутакав чи Амиров ватани МуртазгIалиев кквезавичIого цин живго щайилаха гьес туснахъалдаса къватIиве вахъуларевилан абулеб буго гьес.

МуртазгIаливасда хадур хасал идараби лъугьиналъе ругел унго-унгоял гIиллабазул гьадин бицана Маркъо ШагIбановас «Эркенлъи» радиоялъе.

Маркъо ШагIбанов: «Сайгид МуртазгIалиев кквеялъе аслияб гIиллалъун, дир баяназда рекъон, ккун буго цебегIанго ГIарабазул Эмиратазда МуртазгIалиевги Россиялъул тIалъиялъул чагIиги гъорлъ ругеб лъугьа-бахъин кканилан. Гьелъие гIайибияв Сайгид вукIиналъ гьесдаса рецIел босизе букIине тIоритIулел ругила гьанже гьесда сверун хасал тадбиралин.

КIиабизе гIиллагиялъул бицунаго абизе ккола федералияб централъ Рамзан Къадиров вахъизе бажарунгутIиялъ, гьесул сверухълъиялдаса гIадамал кколел рукIин. Гьедин Къадировасул чи вукIиналъ ккунила МуртазгIалиевилан. Гьебги гIезегIан кьучIаб гIилла бугин абизе бегьула. Щай гурелъул МуртазгIалиевасулги Виноградовасулги дора хасал тадбирал тIоритIизе хасал идарабазул хIалтIухъаби Моздокалдаса бахъараб Чачаналъан, бронетранспортеразул читIирги гьабун рачIана.

Гьеб хасаб операция гьеб Моздокалдаса хасаб гьитIинаб рагъулаб вертолетги битIун тIубазе бегьулеб жо букIана. Гьеб рагъулаб техника Чачаназул гIорхъоде щвараб мехалдаго гьелъул хIакъалъул цо минуталда жаниб лъазабун батула Рамзан Къадировасда.

Гьелъ гIезегIан рахIатхун гьаниве-дове кIалъазе лъугьунги вукIун вуго гьев. Живго кквеялда хIинкъун гурев, жиндир сверухълъиялъул цонигиясда хадур рачIун ругин гьел аскариялин ккун букIун буго гьесда. Гьедин гьесул рахIатхвезабизе, хIинкъизавизе ургъунго тIобитIараб операция бугин абизе бегьула гьеб».

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе Сайгид МуртазгIалиевасул сверухълъиялъул чагIаз гьесул ва Виноградовасул рахъккун митинг тIобитIизехъин букIана МахIачхъалаялда 15 августалда. Амма Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялъ гьезда лъазабуна гьеб акция тIобитIизехъин бугел къояз республикаялда террактал ккеялъул хIинкъи бугила, гьединлъидал сентябралъул 20 къоялде бахъейин гьебилан.

Гьеб хIукмуялда разигьечIел гьез лъазабулеб букIана жидеца гьеб министерлъи диваналдеги кьун, жидеца абураб къоялъ митинг тIобитIизе ихтиял тIалаб гьабизе бугилан. Гьеб рес кьечIони жидеца ракъунчIей лъазабизе бугинги лъугьун рукIана гьел. Амма гьаб сагIат я диваналде гIарзал хъвалел гьечIила жидеца я акциял тIоритIизехъин гьечIилан лъазабуна «Эркенлъи» радиоялъе МуртазгIалиевасул чагIаз, щай гьеб хIукмуялде гьел рачIаралиги баян гьабичIо гьезул цонигияс.

XS
SM
MD
LG