МагъчIваялъе рес

Сагид МуртазагIалиев хисизе чи валагьулев вуго


Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул нухмалъиялда щив телевани бицен гьабун буго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги Россиялъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Антон Дроздовасги.

Гьеб кандидатураялъул хал гьабулеб бугин гьабсагIаталда Москваялъилан бицана ГIабдулатIиповас гьал къоязда «Взгляд» газеталъе интервью кьолаго. БитIун гьал къоязда чIухь балеб букIана МахIачхъалаялда Пенсиязул фондалъул минаялъуб низам цIунулезги. Гьез гьелъие гIиллалъун бачунеб бугоан гьеб фондалъул нухмалъиялда вукIарав Сагид МуртазагIалиевасда сверухъ байбихьараб цIех-рех.

Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул нухмалъиялде аслияв кандидатлъун республикаялъул хIукуматалъул вице-премьер МухIамад ГIисаев рехсолев вугин абуна ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналда биччалеб «Московский комсомолец» газеталъул бетIерав редактор Юсуп ХIапизовас. Гьелъулъ вице-премьерасе кумекги гьесулго ракьцоял олигархаз гьабулеб бугила.

Юсуп Хапизов: «Цо-цо экспертаз абулеб буго гьесул кандидатура цебе тункулеб бугин «Сумма» компаниялъул бетIергьаби, олигархал Зиявудингун МухIамад МухIамадоваз. ГIисаевасул хIакъалъулъ бицен чанго моцIалъ цебехунго букIана. Жалго Пенсиязул фондалъул хIалтIухъабазги абулеб букIана гьанже гурев, гьанже тIамизехъин вугин жидер нухмалъулевлъун МухIамад ГIисаев.

Гьединго кIиабилев кандидат вуго рехсолев. Гьев ккола Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат МухIамад ХIажиев. Гьев ккола олигарх Сулейман Керимовас рахъкколев чи. Гьединго абулеб буго хас гьабун МухIамад ХIажиев тIамулев ватичIониги, гьесул вац яги гьезул сверухълъиялдаса чи тезе рес бугилан.

Лъабабилев кандидатлъун рехсолев вуго моцIалъ цеве Хасавюрталъул мэрасул хъулухъалдаса гIодов чIарав Сайгидпаша ГIумаханов.

Амма гьел лъабаздаго гъорлъа МухIамад ГIисаевасул кандидатура тIаса бищилин ракIчIей буго дир».

Доб цебехун бицен гьабураб, «Взгляд» газеталъе кьураб интервьюялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас Сагид МуртазагIалиевасул рахъалъ жеги абулеб буго хъулухъалъ хвезавунин гьев, Олимпиялъул хIаязул чемпион. Гьесда сверухълъи бацIцIадаб букIарабани, жиндир ракIчIараб бугин, лъилниги тIадкIалъалъай гьечIев нухмалъулев вахъинавизе бегьулаанин МуртазагIалиевасул. Гьединаб чорокаб сверухълъи букIиналъ гIадада гьоркьор инарунин нилъеца 90 абилел соназда лъикIал гIолохъаби.

Сагид МуртазагIалиевасда сверухъ ахIи гьес МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасда дандечIун диваналда баянал кьуралдаса бахъанин рикIкIуна МуртазагIалиевасул рахъккураз. Гьеб заманалда цIакъ божизарулеб куцалда тIибитIун букIана кватIичIого МахIачхъалаялъул мэрлъун Сагид МуртазагIалиев вачIунев рагIулин абураб хабарги. Амма СагIид Амировасда данде диванчиясе баянал кьун хадур гьел харбал къотIана. Цинги цIех-рех байбихьана живго Сагид МуртазагIалиевасда хурхун. Цо-цояз абула Москваялде щвезегIан Амировасул ругел бухьеназ гьабунин гьесие гьеб тату бахъи.

Масала, ЭР-ялъе гьединаб пикру загьир гьабулеб буго Сагид МуртазагIалиевасул ракьцояв, блогер МухIамад ХIажица.

МухIамад ХIажи: «ГIабдулатIиповас букIине кколеб куцалда кIвар кьечIо гъов (Сагид МуртазагIалиев – ЭР). Живго Сагид вуго нилъер – Дагъистаналъул - вукIинесев цевехъан. Политикиял конкурентазул тIадкъаялда рекъон гьабулеб жо буго гьесие гьеб. Амма гьебги заманалъул жо бугин тола. Дир пикру гьединаб буго».

Амма руго гIадамал Сагид МуртазагIалиевасда сверухъ байбихьараб цIех-рех ритIухъ гьабулелги. Масала, гьез рехсола лъабго соналъ цере Гъизляралда чIварал вацал ХIамзатовазул иш. Гьелъул гIайиб МуртазагIалиевасдегун Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасде гьабула ХIамзатовазул гIагарлъиялъ. Амма диваналъ ритIухъ гьавуна Виноградовасул анлъавго хъаравул.

ПалхIасил, Сагид МуртазагIалиевасда сверухъ ахIи-хIур бахъиндал цо-цо экспертаз загьир гьабулеб пикру букIана Москваялъ ургъунго чуч гьарулел ругин дагьабниги жидедаго ракIчIей бугел гIадамалилан. Бащдаб лъагIалица цебеги республикаялда билълъун араб пикру букIана Сагид МуртазагIалиевасул кверщелалда гъоркь бугин Дагъистаналъул Бабаюрт, Гъизляр ва Тарумовка мухъалилан.

XS
SM
MD
LG