МагъчIваялъе рес

Рузманалъул вагIза ва жаваб балагьулел суалал


Жакъа МахIачхъалаялъул вокзалалда бугеб мажгиталъур рузманалде рачIарал гIадамаца лъабабго тIалаги цIун къотIнор халичабигицин тIамун рукIана. Мажгиталде гIагарлъанагIан рикIкIадисаго рагIулеб букIана гIенеккаразе асар гьабулеб имамасул вагIза.

ЦIакъ кIвар бугеб суал бугоан имамас жакъасеб рузманалда борхун - Исламалда чIахIиял мунагьал. Бицунеб букIана чи чIваялъул, рибачилъиялъул, зинаялъул, ширкалъул ва цогидал мунагьазул.

Масала, зиначагIи тIамулила доб дуниялалда жужахIалъул агьлуялдаса къватIибе бачIараб хъублъи, гIетI, би ва рецIцI гьекъезе. РакI къалел ва ракI гъанцIизабулел суратал цере тIамизарулел рукIана мунагьазул ва гьезухъ къачIараб жазаялда хурхун. Гьединго бицунеб букIана рибачилъиялъул, цо чиясухъе къарзалъе гIарацги кьун гьелда тIаде бачIараб проценталда кванаялъул бугеб мунагьалъул. Амма киналго мунагьазда хурхун гьабураб вагIзаялдаса цо рахъ хутIана тIубанго бичIчIичIеб ва хадув гъезе захмалъараб.

Имамас абулеб буго: "Бищунго кIудиял мунагьаздаса цояблъун ккола чи чIвай.

Цо чи чIвай бащалъула тIубанго инсаният чIваялдаян абулеб буго ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда. Жинда свалатги саламги лъеяв нилъер аварагасда гьикъун буго асхIабзабаца, я МухIамад, (с.т.гI.в) щив чи кколев бищунго кIудияб мунагь гьабурав ва Аллагьасул рахIмуялдаса махIрумлъаравин. Жинда свалат салам лъеяв аварагас абун буго бищунго кIудияб жаза бугин жиндие хьихьизе захIмалъилин хIинкъун, жиндир чохьол тIалаб цебе гьабун вас чIварав инсуе. Нужеца хIисаб гьабеха, диналъул вацал, жакъа нилъеца гьарурел абортал (ургьилго лъимал чIвай) абурал жал кколел руго гьел мунагьаздаса" - ян.

Гьаниб дир суал бачIунеб буго, бугодай, масала, квание зарал гьабилин, чIагояв, жинда "дада" - ян ахIулев лъабго, ункъго, яги щуго сон барав вас чIваялда, ялъуни тIубанго инсаният чIваялда бащадаб мунагь гьеб аборт абураб жоялъул? Мунагь букIин хIакъаб жо буго, гьелда щаклъизе нилъее нухги гьечIо, мунагьалъукь ккола, Аллагьас цIунайги гьелдаса. Суал буго гьеб мунагьалъул ва жазаялъул бащалъиялда хурхун.

Гьенибго абуна имамас цойги тIад ургъизе тIамулеб гIадаб жо. "КIиго кодоб ханжаргун вагъизе вахъарав чиясул жив чIварасеги жинца чIварасеги буго бащдаб мунагь ва гIазаб доб дунялалда. Щай гурелъул кIиясулго цохIого ният букIана, чи чIвазе. Гьанибги живго чIварасул хIал жеги квешаб буго жинца чIварасдаса. Щай гурелъул жинца чIварасул рес буго тавбу гьабизе, жив чIварасул гьечIо". Дица цо бакIалда цIалун букIана, Исламалъул рахIматаздаса бугин, бусурманчиясе мунагь хъвалин гIицIго гьабураб мунагьалъухъ, нияталъухъ хъваларин, гьеб мунагь гьабун гьечIони.

Амма лъикIаб ишалъе, масала, дудаго рачIел гIиллабаз ниятги букIун гьабичIого хутIаниги кири хъвала, щай гурелъул рес ккани дуца гьеб лъикIаб иш гьабулаан абун. Гьеб пикру нахъе чIвараб гIадаб жо кколеб бугищ гьадаб имамас абураб жив чIваравги, жинца чIваравги ващалъулин абураб пикруялъ. ХIисабал, суалал... ЦIакъ кIвар бугеблъун дида бихьана имамас лъималазе Аллагьасул кириги рахIмуги эбел-эмен разилъиялдаса гурони гьечIин абураб вагIза. Аварагасул (с.т.гI.в) цо асхIаб вукIун вугила хвалил бусада вугев.

РухI бахъулеб лахIзаталъ гьес шагьадат битIизе ва витIун ккезаввиялъул мурадалда аскIор асхIабзаби чIаниги кIолеб букIун гьечIо гьесда шагьадат битIизе. КIалъалев вукIун вуго, шагьадат такрар гьабун бажарун гьечIо кигIан кIалъаниги. Жинда салам лъеяв аварагасда абурабго гьес асхIабасул эбел ахIизаюн йиго жиндихъего ва абун.

-Дур васадаса разилъи гьечIолъи бугищ? - ан.

-Валлагь бугинха, Бисасул авараг, гьев лъадухъ гIенеккулаан, рукIана гьесул дир ракI хвезарурал бакIал - ин. Аварагас (с.т.гI.в) абун буго.

-ГIумру гIибадаталда аниги гьесда шагьадат битIизе кIолеб гьечIо мун тIаса лъугьинчIого. Гьеб мунагьгун дове иналдаса гьесие азарцIул бигьаяб буго гьанивго цIаги бакун цIадав вухIи - ян. Жиндир вас цIадав вухIулев цеве тIамун эбел гIодун йиго ва Аллагасде гьардон йиго тIаса лъугьайигин. Гьелдаса хадуб салават битIизе кIун буго асхIабасда ва Аллагь тIаса лъугьун вуго. Аллагьас ритIун тIоритIайги киналго. ТIадехун рехсарал суалазе жаваб щвани иргадулаб рузманкъоялъ кьезе буго гIалимчиясул кьучIаб жаваб ва баян хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG