МагъчIваялъе рес

Аллагьасул калам питнаялъе хIалтIизабизе гьукъулеб буго Путиница


Къуръаналда рехсарал аятал экстремизамалъул ва терроризмалъул магIна бугел хъвай-хъвагIаяллъун рикIкIине гьукъизе бегьула кватIичIого Россиялда. Гьединаб къануналъул проект битIун буго Владимир Путиница Пачалихъияб Думаялде. Дагъистаналдаса диниял хIаракатчагIазул хьул буго гьелдалъун «исламияб терроризм» абураб бичIчIиялъе ахир лъелилан.

Къуръаналда ва Инжилалда хъварал аятал экстремистияллъун рикIкIине бегьуларилан абулеб буго гьеб къануналъул проекталда. Гьанже гьелда рекъон «Экстремизмалдагун терроризамалда данде къеркьей», - абураб Федералияб къануналдги хиса-басиял гьаризе ругилан абулеб буго.

Гьединаб къанун цебего гьабизе кколаанилан абулеб буго «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабурал гIадамаз. Гьанже гьеб къанун къабул гьабун хадуб хьул бугин «исламияб терроризм» абураб бичIчIи халкъалда гъорлъа лъугIилилан абуна нижер программаялъе Гъуниб мухъалдаса росдал имам ХIажиев Тажудин-хIажияс.

Къуръаналъул аятал экстремизмалъул магIна бугеллъун рикIкIунел чагIазда бичIчIулеб гьечIин хIакъикъияб исламалъул магIна. Мисалалъе хирияб Къураналда бугин халкъ гъазаваталде ахIиялъул магIна бугеб аят. Амма гьеб кида хIалтIизабизе кколебали баян гьабун, мухIканаб заманги, бакIги рехсон букIунин гьениб.

Гьеб бичIчIуларел чагIаз сундего гIаммаблъун гьабулеб бугин гьеб аят, гьелъ гIадамалги къосинарулел ругин. «Исламияб терроризм» абураб жо гьечIеблъи лъазе кколин чиясда. Гьеб бичIчIун бугин гьанже Путинидаги, гьединлъидал хIадур гьабун бугин гьес гьединаб къануналъул проектги.

ХIажиев Тажудин-хIажи: « Гьесда бичIчIун буго ислам щиб жо кколеб, терроризм щиб кколебали. Россиялдаго гIадин дунялалъул цогидал хIукуматаздаги бичIчIулебани гьеб цIакъаб букIинаан. Гьединго ГIабдулатIиповасги ва цогидал Кавказалъул регионазул нухмалъулезги тIадчIей гьабулеб буго исламги, терроризмги батIи-батIияб жо кколеблъи гIадамазда бичIчизабизе.

Имамзабаз вагIзаялдаги бицунеб буго гьелъул гIемер. Гьебги бичIчIун Путиницаги гьабулеб буго хIалтIи гIолеб гIелалда гьеб кIиябго жо батIа-бахъизе лъазе букIине. Гьеб гуришха нилъерги мурад».

Политолог Руслан Гереевас абулеб буго улкаялъул бетIерасда бичIчIун бугин кколелъубги кколарелъубги ислам гьоркьоб чIвазабулеб букIин ва цIакъ хIажатаб документ лъун бугин гьес Пачалихъияб Думаялда цебе.

Руслан Гереев: «Пачалихъалъул нухмалъулесда бичIчIун буго гьеб кIиябго суалалъ (исламги, терроризмги) хIукуматги, гьелъул халкъги босахине тIамулеб букIин. Гьединлъидал гьес гьукъана исламалдаги, гьелъул тIахьаздаги хъвазе.

Гьеб цебего гьабизе кколеб хIукму букIана. Щайгурелъул Къуръаналъул аятазул магIна гьабулаго гIемераб гьересиги, хиянатги хIалтIизабулеб букIана ва гьединаб инжитаб куцалда магIна гьарурал хириял аяталги кьочIое росун гьел лъазарулаан экстремистиял магIна бугел хъвай-хъвагIаяллъун.

Гьединаб жо гIагарде къазецин тезе бегьуларо исламалда. Гьеб кинабго бичIчIун Путиница квер данде бегьана гIадатияб исламалдеги, гьелъул рахъкколел гIадамаздеги».

Владмир Путиница гьабураб хIукмуялда тIаса жиндиго пикру гьадин загьир гьабуна «Фикр абураб информациялъулабгун, аналитикияб централъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаровасги.

МухIамадрасул ГIумаров: «ЦIакъ битIараб, киналго бусурбабиги рохизарураб хIукму ккола гьеб Путиница гьабураб хIукму. Амма гьениб цо квеш ккараб жо буго хIакимзабазги, цогидазги иш гьединаб бакIалде ккезе тей. Гьанже Пачалихъияб Думаялъ гьеб къабул гьабуни, кинабго лъикI ккелилан хьул буго, ИншаАллагь».

Владимир Путиница кIвар кьелалдего Россиялъул Парламенталда цебе гьеб суалаллъул бицен гьабун букIун буго Чачаназул рахъалдаса Пачалихъияб Думаялда вугев депутат Шамсаил Саралиевасги. Гьеб гьабиялъеги гIиллалъунги ккун букIана Южно-Сахалинск шагьаралъул диванчияс прокурорасги «Мольба к Богу: ее значение и место в Исламе» абураб тIехь экстремистияблъун рикIкIи.

Южно-Сахалинскалъул диванчи Перченкоца гьабураб хIукмуялда бан жаваб кьун букIана Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас. Хас гьабун жиндие кьезе кколин гьев диванчияс жавабин чIун вукIана чачаназул нухмалъулев.

XS
SM
MD
LG