МагъчIваялъе рес

Аптекаялдаса туснахъалде нух къокълъизабуна къануналъ


Наркотиказда данде керкьей согIлъизабурабгIан наркотикал гъорлъ ругел дараби ва синтетикиял наркотикал хIалтIизари цIикIкIунин абулеб буго Наркотиказда хадуб халкквеялъул идарабазул хIалтIухъабаз. Хас гьабун аптекаялдаса росизе бегьулел наркотикал гъорлъ ругел дараби ричиялъухъ цебе тамихI гьаби гIицIго гIакIа бахъун тIубалеб букIун батани, 1 октябралдаса бахъун гьел ричиялъухъ чанго сон туснахъалъул кьезе рес буго.

«Лирика», «Трамадол», «Тропикамид», гьеб жеги тIубараб сияхI кколеб гьечIо аптекаялда ричун росизе бегьулел наркотикал гъорлъ ругел дарабазул . Аслияб къадар дарабазулго гIадин, гьел дарабиги кколел руго хас гьабун тохтурасул рецепталда рекъон гурого ричизе бегьулареллъун, амма лъиего балъголъи кколарила, аптекабаздаса кидаго гуреблъи рецептазда рекъон дараби ричулел рукIинин абулеб буго Наргиз Исрафиловалъ.

Наргиз кколел йиго «Я Помощник Президента» абураб жамгIияб гIуцIиялъул хIаракатчIужу. ГIуцIиялъул аслиял проектазда гъорлъ буго аптекабазде рейдал гьарун, къануналда рекъечIогон наркотикал ричулел тIатинари. ГIадатиял наркотикал нахъе цун, наркотикал тайпаялъул жал: спайс ва цогидал синтетикиял наркотикал хIалтIизари тIоцебесеб бакIалде бачIунеб бугин гIолилазда гъорлъ. Гьезул, наркоиказда данде ккун, цIакъго хехаб куцалда зарал тIатун, чиясул гIакълу нахъбуссин гьечIел хисиял ккун, психикиял гIунгутIаби раккулин абулеб буго Дагъистаналъул Наркодиспансералъул тохтур Мурад Абакаровас.

МахIачхъалаялда бугеб «Мекеги» абураб аптекаялъул хIалтIухъан Сагибат Салмановалъ бицухъе, наркотикияллъун гьел препаратал кколел руго гьезда гъорлъ кодеин абураб синтетикияб опиум букIунеб букIиналъ. Киналго наркотикал гъорлъ ругел дараби гурила кколел рецепталда рекъон кьолел, ругила гьеб хIажалъуларелги, масала Тропикамид абулеб бадибе тIинкIулеб дару.

Сагибат Салманова: « Чанго дару буго наркоманазул цIех-рех букIунеб, Терпинкод, Нурофен Плюс, Тетралгин, Терпин, Тропикамид, Лирика, Трамадол ва цогидал. Гьел киназдаго гъорлъ буго кодеин, гьеб ккола синтетикияб опиум. Чорхое гьабулеб асаралъул рахъал гьел киналго дараби ккола цIакъго къуватал анальгетикал. ГIемерисел гьел препаратал ккола сияхIалде росун гурого ричуларел. Рецепт бугониги, медикияб идараялде кIалъан, рецепт хIакъикъияб бугищали хал гьабун гурого кьоларо гьеб дару. Амма руго щибго зарал гьечIел, рецепт хIажалъулареб дараби, масала Тропикамид абураб бадибе тIинкIулеб дару. Наркоманаз гьеб «Нурофен плюс» абураб даругун жубан хIалтIизабулеб буго. Гьелъ голюцинациял ва цогидал гIажаибал асарал гьарула чиясе. Гьанже гьеб препаратги гIицIго рецепталда рекъон ричулезул сияхIалде босун буго».

2015 соналъул ихдал, Шималияб Кавказалъул республикаязда тIоритIун рукIана рази гьечIолъиялъул акцияби, аптекабаздаса наркотикал гъорлъ ругел дараби тIиритIизариялъухъ тамихI бихьизабулеб къанун хIажат бугилан абун. Гьал къояз, Россиялъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ бахъараб къануналда рекъон, 1 октябралдаса байбихьун, Россиялда кьваризарулел руго аптекаялдаса росизе щолел наркотик гъорлъ бугел препаратазул обороталда хадуб халкквей.

Гьедин, цебе рецепталда рекъон чанго нухалъ босулеб букIун батанани наркотик гъорлъ бугеб дару, гьанже провизораз рецепт цоцIул бичараб даруялъул цIунизе ккезе буго лъабго соналъ. ГIакIа гуребги, къанун хвезабурал аптекаялъул хIалтIухъабазе чанго сон туснахъалъулги кьезе рес бугин, къануналда рекъон рича-хиси гьабулеб гьечIонийилан баян гьабулеб буго Дагъистаналъул Наркотиказда хадуб халкквеялъул идараялъул пресс-секретарь Шамиль Сайбулаевас. Гьебго заманалда, дару-сабабалъе гьеб тайпаялъул дараби хIажатал чагIазе щибго квекIен ккезе гьечIила, тохтурасухъа хIажатаб рецепт бугони, гьеб кьун босизе бегьизе бугила гьебго «Тропикамид» ва цогидаб дару.

Араб соналъ, Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъ ракIарун рукIана аптекабазул хважаинал, Лирика бича-хисиялда хадуб халкквей тIалаб гьабун ва гIолилал гьелъул заралияб асаралда цIуниялде ахIун. Амма жакъа къоялъги чанги аптекаязда ратулин гьел ричулелилан абулеб буго ЯППялъул вакил Наргиз Исрафиловалъ.

Наргиз Исрафилова: «Аптекабазде рейдал гьарула нижеца Наркотиказда данде къеркьолел идарабазул хIалтIухъабигун цадахъ. Гьел халгьабиязул мурад ккола лицензия гьечIогон хIалтIулел ва эркенго наркотикал гъорлъ ругел дараби ричулел гIуцIаби тIатинари. Гьел ричулел ратани, гьезухъа гIакIа бахъула, гьелдалъун лъугIизеги лъугIула, щай гурелъул гьабсагIаталда гьезие кьварараб тамихI гьабизе сурсатал гьечIогон къануналъул Ахираб заманаялъ Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул хIалтIухъаби гьечIогон тIоритIулел руго нижеца рейдал.

МахIачхъалаялда цIакъго тIибитIун бугин абизе бегьуларо гьеб рагьун бича-хиси, амма балъго бичулел ратизе рес буго. ГьабсагIаталда бищун квешаб хIал буго Дербент шагьаралда. Гьениб щибаб кIиабилеб аптекаялда рагьун ричулел руго наркотикал гъорлъ ругел дараби. Ниж гьенире ун, гьеб лъугIизаби тIалаб гьабун, къватIиб чIвазабулеб рукIаго, камуларо хIинкъабиги, гIемерисел гьел аптекаязул бетIергьаби ратулел руго яги Жанисел ишазул хIалтIухъаби яги цогидал хIакимал. Гьеб хIалалда буго гьабсагIат иш».

1 октябралдаса бахъун, гьел сурсатал рукIинин, амма гьеб мехалдаги цогидал нухал ратун ричичIогон телин гьез гьелилан абураб жоялда божи гьечIила.

ГьабсагIаталдаго, чанги гIолилал, спорталде руссарал ва гьенир сакъатлъаби щварал ругин ругьунлъун гьел тайпаялъул дараби хIалтIизарун. Кодоб рецепт гьечIогон, тIаде гIарац босун ричулин цо-цо аптекабазда гIолилазе гьелго «Лирика» ва цогидал накркотикал гъорлъ ругел дарабийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар абизе бокьичIев гIолилас. Аптекаялъул хIалтIухъабигун хасаб къагIида букIунила гьезул кIалъалеб, гьелдасан ратIа-рахъизе лъалила ракIчIарал ричизе бегьулел чагIи. ЦIакъго тIибитIараб бугила гIолилазда гъорлъ «Лирика» абураб препараталдасаги «Трамадол».

Аноним: «Руго аптекаби, хасал рагIаби рукIунел, гъодинал дараби росизе хIажатал чагIаз абулел, цинги аптекаялъул хIалтIухъабазда бичIчIула дуе наркотикал гъорлъ ругел дараби хIажат рукIин. Масала, «Трамадол» босулаго, Ланахер кьейилан абула цо-цо бакIалда, гьеб буго гьеб дару гьабулеб фирма, цинги аптекаялъул хIалтIухъабазда бичIчIула, сундул бицен бугебали».

«Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабурав чияс баян гьабухъе. Гьеб система хIалтIулеб буго чIахIиял гурел аптекабазда. Гьез къанунияб гуреб хIалалъ наркотикал гъорлъ ругел дараби ричулаго кIиго-лъабго нухалъ багьа бахинабун ричулел руго гьел.

XS
SM
MD
LG