МагъчIваялъе рес

Спайсал: кепалдаса хвелалде нух


Гьал къоязда Россиялъул Федерациялъул Мажлисалъул вице-спикер Александр Торшиница лъазабуна хIукуматалъ гIагараб заманалда спайсилан абулел рухIулел жал гьукъизе ругилан. Жеги официалияб къагIидаялъ тIубан наркотикал ругин чIезабичIел, гьел спайсаз гIемерав чиясе чорхое зарал гьабулеб бугилан ахIи балеб буго сиясатчагIаз. Дагьаб цебегIан спайсал рухIун Россиялъул батIи-батIиял регионазда 20 цIикIкIун гIолохъанчи азарханаялде ккун рукIана.

ТIолгороссиялъул тохтурзабазул цолъиялъ лъазабулеб буго Россиялда щибаб къойил спайсал рухIун хадуб азарханабазде 2-I0 щвезегIан чи кколилан. Гьезул гIемерисел школлъимал яги гIисинал гIолохъаби ругилан. Ахираб заманалда цIакъго тIибитIараб гьеб спайс кколеб буго синтетикияб наркотик, амма гьеб жеги къануналъ гьукъун гьечIо. Жеги официалияб къагIидаялъ наркотиклъун лъазабун гьечIо гьеб Россиялда. Гьединлъидал гьеб цIакъ хехго тIибитIулебги бугин гIолилазда гьоркьобилан абулеб буго гьез. Тохтурзабаз лъазабухъе бищунго квешаллъун кколел руго гьел синтетикиял наркотикал. Гьез бищун цебе инсанасул гIадалнахалъе ва нервабазе зарал гьабулин лъазабулеб буго тохтурзабаз. Гьел рухIун хадуб лъай-гIакълуялдаса инарун, чи гIадаллъизавизецин бегьулин абулеб буго гьез. Гьедин дагьал церегIан къоязда Россиялъул батIи-батIиял регионазда цадахъго гIадин гьел спайсал рухIулел 20 гIан гIолохъанчи азарханабазде ккун рукIана. Гьезул гIемерисел цIакъ захIматаб хIалалда, реанимацияздагицин рукIана. Гьеб сияхIалде гьоркьоре ккана МахIачхъалаялдаса кIиго гIолохъанчиги, гьезул цояв гьабсагIатги жеги реанимациялдаго вугила, цойгидасул дагьаб мадар лъугьун бугин абурал баянал кьолел руго Дагъистаналъул сахлъикьеялъул министерлъиялъ.

МахIачхъалаялда кинал рокьаниги наркотикал росизе къварилъи букIунарин, гIарац бугони бокьараб мехалда, бокьараб бакIалде гьел рачIунеб хIалгицин бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялдаса 27 сон барав Мурадица. Гьесги гьесул кIудияв вацасги зама-заманалдасан гьел спайсал рухIулел рукIун руго. Гьелъул хIасилалда 29 сон барав Мурадил вац инсультги ккун 4 моцIалъ азахранабазда сахгьавулев вукIун вуго. Жеги гьев тIубан рукIалиде вачIун гьечIин, гьесул сахлъиялъе цIакъго кIудияб зарал ккун букIанин, жеги лъикI кIалъанцин бажаруларин гьесухъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Мурадица. Цебе-цебе жидеца спайсазул бакIалда анаша абулеб габанидул тIанхазул гьабураб наркотик бухIулаанила, гьанже гьелдасаги спайсаз кеп кьолеб букIиналъ ва гьеб учузаб букIиналъ гьелде ранин жалилан бицана гьес.

Мурад: «Социалиял бухьеназдасан, ва лъале-хъвалездасан ралагьула МахIачхъалаялда гьел спаайсал ричулел чагIи. Гьел кигIан бокьаниги руго, гIарац бугони гьел росизе щибго къварилъиги букIунаро. Масала дуе къваригIун бугони жакъа гьеб босизе, дуца цин интернеталдаса бухьен гьабула гьел ричулел чагIигун, гьез гIуцIун рукIуна хасал веб-мани, яги киви гIадинал интернет-кошелекал. Гьенибе реххула дуца гьез абураб гIанасеб гIарацги. Гьелдаса хадуб масала, кьищни къул балеб къолониб, яги почалъул къалиялъуб, гIемер чиясда бихьулареб гIадаб пуланаб бакIалда бахчун тола гьел чагIаз спайс. Гьеб мехалда духъе ахIула гьадинаб бакIалда бугеб гьеб босизе нахъе айилан абун. Билълъун араб иш буго гьеб нилъер гьаниб. Щибниги къварилъиги букIунаро гьелъул, бокьарал школлъималазда цIехани гьездагицин лъала лъидасан гьел спайсал росизе бегьулелали. Гьеб кинабго бича-хисиялъул иш интернеталдаса гьабулелъул гьел чагIи щалали чIезабизе захIмалъула, гьел жалго рихьизе чIоларо. Гьединлъидал гIемер рукIуна гIолохъаби махсароде кколел чагIиги. Гьез гIарацги босун гьел спайсал кьечIогоги тола чанги».

Гьединго Мурадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана къануналъ гьукъичIел спайсал росиялъулищила захIмалъи букIунеб, гьукъарал наркотикал росизецин щибго къварилъи букIунарила МахIачхъалаялда. Ахирал саназда Дагъистаналъул тахшагьаралда гIемерлъун ругел хасал хъалиян бухIулел бакIаздагицин гьенир хIалтIулел чагIигун къотIи-къайги гьабун бухIизе бегьулила гьеб анашайилан.

Мурад: «Бокьараб хъалиян бухIулеб бакIалда гьеб гьабулев чиясе габаниги кьун, яги тIаде дагьаб гIарац кьун бухIизе бегьула гьеб анаша. Гьединго спайсалги рухIизе бегьула гьенирго. Цо-цо бакIазда рихьдаего хъван букIуна гьаниб анаша бухIуларилан, амма гьеб кинабго букIунебго чIанда буго. Дун МахIачхъалаялъул бищун кутакал ва хириял хъалиян бухIулел бакIаздеги, бищунго учузаздеги щвана, амма кибниги гьеб анаша бухIичIого хутIичIо. Чанги МахIачхъалаялъул хириялин рикIкIунел рестораналъул хIалтIухъабаздасангицин босун бажарула анаша. Гьездасан бухьен гьабула гьеб бичулев чиясулгун. Мун рестораналдаса иналдегоцин щола духъе гьеб. Яги рестораналъул хIалтIухъанасдасан дуца гьесухъе кьураб гIара щварабго гьес ахIула духъе гьадинаб бакIалдаса гьеб босизе вачIаян».

Дагьаб цебегIан Россиялъул наркотиказде данде къеркьолеб идараялъул нухмалъулев Виктор Ивановас хIисаб кьеялъул данделъиялда рахIат хвей лъазабуна Россиялда спайсал цIакъго тIиритIиялда бан. Гьесул баяназда рекъон ахираб 7 соналда жаниб 135 нух цIикIкIун спайсал рахъун руго гьесул идарабазул хIалтIухъабаз. Гьединго спайсал хIалтIизарулел гIемерлъулел рукIиналъ ва гьез гьабун азарханабазде гIемерав чи ккеялда бан Россилъул Федерациялъул мажлисалъул вице-спикер Алексей Торшиницаги лъазабуна гIагараб заманалда хIукуматалъ гьел спайсал гьукъизе хIукму къотIизе бугилан.

XS
SM
MD
LG