МагъчIваялъе рес

БухIулищ полициязги габани?


Дагъистаналъул полициялъулазухъ наркотикал ратиялда щаклъи буго хъулухъ гьабизе Дагъистаналде рачIарал Россиялдаса низам цIунулезул.

Хьаргаби мухъалда чIезабураб «Приора» машинаялда жаниб батараб чIахIил экспертиза гьабулеб буго. Гьеб наркотиказда гъорлъ рикIкIунеб хер-тIехлъун рикIкIани, къануналда данде кколаредухъ наркотикал рича-хисиялъул гIайиб гIунтIизабизе буго полициялъул лъабго хIалтIухъанасде. Документазухъ балагьизе Хьаргаби мухъалда чIезабураб машинаялъуб батун буго гьеб.

Амма гьел полициялъулазда гIайиб гьечIин бицана ЭР-лъе Шамилов МухIамадица. Гьев ккола низам цIунулел идарабазул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев. Шамилов МухIамадица абулеб буго гьел полициялъулал зигараги гьабун Шамил мухъалдаса тIадруссун рачIунел рукIанилан. Цинги Хьаргабире щвейгун гьел чIезарун ругила дора посталда эхетарал низам цIунулез. ЦIех-рехалда бугеб машинаялъул номерал данде кколел рихьун, чIезабун бугила гьез гьеб машина.

Шамилов МухIамад: «ЦIех-рехалда бугин гьебилан, бегуниса чIван буго машина. Гьениб жаниб щибниги батун гьечIо. Гьенив вукIарав цояв полициялъуласда дозул посталда гIодобе рехун батун буго гьитIинаб пакет. ГIодоса гьебги босун тIаде ворхилалде, тIадречIчIун руго гIурусал гьесда, цинги къахIан ккун вугоха гьаб щибин духъ бугеб жоян. Лъаларин, гьаниб гIодоб батанилан абун буго дос, валлагь гурилан тIаделъун руго гIурусал. Цо грамм гIечIеб гIурччинаб чIахI букIун буго эниб жаниб. Наркотикилан абулеб бугоха, жегиги экспертизаго гьабилалде. АхIи-хIур бахъинабун буго, УСБялдеги (полициялъул хIалтIухъабазе тамихI гьабулеб бутIа – ЭР.) цогидалъубеги рагIиледухъ. Рачун полициялдегун, 7-8 сагIаталъ сурав босун, ахирги гьадингосеб чIанда батун буго. Бидулги кIварщулги анализалги гьарун руго».

Шамиловасе гьел полициялъулал цIунизейищ бокьун бугеб, яги гIаксалда, гьезде гIайиб гIунтIизабизейищали бичIчIулеб гьечIин гьимана ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда жиндирго цIар радиоялдасан бицине разилъичIев полициялъул хIалтIухъан. Виххун ккарав полициялъулас кодобе босун бугин посталда гIодобе рехун батараб гьитIинаб пакетилан абулеб бугелъулдила.

Гьедин бигьаго тIаса ккезабулеб жойищин букIунеб гьеб, жеги цIех-рехго рагIалде бахъинчIогойин жаваб кьуна ЭР-ялъе Руслан ИбрагьимхIажиевасги. Гьев вуго республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан.

Руслан ИбрагьимхIажиев: «Нижго роххун рукIинаан ниж гьеб хIужа уяб батичIони. Полициялъулазухъ наркотикал ратанин чIезаби нижее рогьолъидал кколеб. Унголъунги полициялъулазухъищ гьеб чIахIил къвачIа букIараб, яги Шамиловас абухъе, гIодосайищ гьес гьеб босарабали цIех-рех гьабулеб буго гьабсагIат. Гьеб рагIалде бахъинчIого лъицаниги щибниги бицунаро. Наркотикал полициялъулазухъ рукIин тасдикълъани, гьел нахъе рехизе руго хъулухъаздаса».

Хьаргаби посталда Дагъистаналъул полициялъулал чIезарурал низам цIунулел руго хъулухъ гьабизе Россиялдаса ритIун рачIарал хIалтIухъаби. Гьезул рахъалдасан гIезегIан кколел ругила жидерго ишалдаса цIикIкIун пайда босарал хIужаби.

Шамилов МухIамад: «Гьезул рахъалдасан гIемер руго гьединал рекъечIел жал кколел – ярагъ батанин, гьабин добин – полициялъул хIалтIухъабаздаги гьездаги гьоркьоб дагIба-рагIи лъугьунеб буго. Дагъистаналда гьез гьарулел ругел жалазе къимат кьезе заман щун буго. БицинчIого щибилеб, доба Унсоколо мухъалда тоннелги къан, Временный поселокалда гьез гаьбураб зулму щиб? Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги журналисталги данделъун гьелъие къиамт кьезе къваригIун буго. Щайгурелъул дида бихьана доба гIощтIоца къотI-къотIун бараб Къуръан. Гьединлъидал гьадаб полициялъул хIалтIухъаби кквейги гьезухъ наркотикал ратанин абиги буго гьадингосеб чIанда. Дунгоги вукIана гьез цо нухалъ дова посталда ккун.

Гьабизе жо тIагIарал чагIаз байбихьана транспорт бачине изну кьолеб документалъул болжал лъугIун бугилан абизе. Полициялъул бутIаялде вехъерхъун, гьабичIеб жо течIо. ТIотIол варани гьабула гьез. Бищунго квеш ккараб жо буго – гьел гIурус низам цIунулездаса хIинкъун рухI унеб буго нилъер бакIалъул нухмалъулезул. ГIурусаз абулеб буго жидеца кIудияб хIалтIи гьабулеб бугин гьаниб. Гьанже бахъараб ахIи-хIуралъухъ балагьидалги букIанаха цо кIиго таргьа цIураб анаша бахъараб гIадаб хабар».

Амма цогидал дагъистаниязул пикруялда рекъон, гIемерисеб мехалда бигьа букIуна Россиялдаса хъулухъ гьабизе Дагъистаналде рачIарал гьел хIалтIухъабигун кIалъай гьабизе. ГIиси-бикъинаб жоялъул бицун рикIарулебги ришватал тIалаб гьарулелги гIамал гьечIин абула гьезул.

XS
SM
MD
LG