МагъчIваялъе рес

Сайгидпаша ГIумаханов хисун цойги буртинисев…


Хасавюрт шагьаралъул бетIерасул хъулухъалдаса нахъе Сайгидпаша ГIумаханов ин буго Дагъистаналъул цIияб тарихалъул тIанчал регараб, гIасруялъул ункъил бутIагIанасеб заман хисараб, хасавюрталъулазеги, магIарулазеги рекIее цIакъ асар гьабулеб хIужа. ХIабургъарал 90 абилезда, цебесебги биххараб, цIиябги гIуцIичIеб мехалда гугариялъул ургуялдаса политикаялдеги вачIун республикаялъул бищунго хIалуцараб шагьаралда власть кодоб босана гьес. Гьесда кIвана жиндир лебаллъиялъ, бахIарчилъиялъ, тIоцебесеб иргаялда гIакъиллъиялъ гьеб данде бачине.

ГIемерисезда ккола гьениб цохIо бахIарчилъи ва бетIер борхани сверухълъи мерхьунеб къуват гIолин. ГIоларо, гьеле гьеб гIакълу ва бугеб ахIвал-хIал бичIчIунгутIиялъ чанги лебалал гIолохъаби ана нилъер, цIадуде роржунел кIалкIучIал гIадин жидедаго лъалареб бакIалде хвел балагьизе. Гьезул гIемерисел рухIана ва мукъур лъугьана. ЦохIо ГIумахановасда кIвана власть босизеги, къого соналъ кквезеги, къадру хвечIого хадусесухъе, хадусесухъе кьезеги. Гьеле гьеб буго политикаялъул бищунго тIадегIанаб пилотаж.

Гьесул гIелалъул политикал цоял къаникье ана, кIиабилел хIалхьуде ана, лъабабилел вертолеталъул пасажирарллъун лъугьана, ункъабилел улка тун ине ккана. Нилъеца щукру гьабизе ккола Сайгидпаша жиндир къадру хвечIого, вацIцIадго хадусеб хIокIиде вахине рес щвеялъухъ. Гьеб цIакъ кIвар бугеб суал буго миллаталъе ва миллаталъул къадруялъе, щай гурелъул цохIо гьев гурони жидер хасал интересал гьечIого магIарул миллаталъул тIалабалда цеве вахъунев политик нилъер вукIинчIо ва жакъа гьечIо.

Дихъе щварал баяназда рекъон жакъа радал Рамазан ГIабдулатIиповасулгун букIараб телефоналъул гара-чIвариялдаса хадуб хIукму гьабун буго Сайгидпаша ГIумаханов хисун Казбек районалъул буртунай росулъа Окмазов Зайнудин абурав чи тезе Хасавюрт шагьаралъул бетIерасул ишал тIуразарулевлъун. Гьеб буго рукIине рес букIаралщинал вариантазул бищунго рекъараб къагIидаян кколеб буго хал гьабурабго. Живго Зайнудин рагIула цевехун вукIарав Комсомолалъул хIалтIухъан Рамазан ГIабдулатIиповасул чи.

Сайгидпашаеги гьев росулъа чи вуго, лъикIал гьоркьорлъабиги ругев. Щиб чIаголъиялъул, кигIанасеб нахърателалъул ва политикияб хIалбихьиялъул чи гьевали абизе кIоларо, дида лъалезулги гьесие къимат кьезе кIолел чагIи ратичIо. Лъалеб жо буго Хасавюрт шагьаралъул хадусеб къисмат, миллаталъул къадру цIуни ва гьениб лъугьа-бахъине бугеб жоялъул жавабчилъи тIубанго жакъаялдаса нахъе букIина цIияб власталда тIад. ГIумахановас жиндир борч тIубана ва цIунана жиндирго ва миллиталъул къадру. ХутIанщинаб букIина хадусел гIелазда ва цIияб заманаялъул политиказда тIад.

Живго Сайгидпашаца кинаб хъулухъ кквезе бугебали жеги цо пикруялде рачIун гьечIо. Рамазан ГIабдулатIипов ана Москваялде ва тIад руссун хадур рачIинин гьеб суалалдеян абун рагIула. Нижехъе щварал баяназда гIагараб заманаялъ республикаялъул хIукуматалда рукIине руго кIудиял хиса-басиял, рес буго тIубанго хIукумат гIодоб чIезеги. ГIумахановасул политикияб сурсат ва хIалбихьи хIажалъизе батила цIияб хIукуматалъе, цо федералияб, яги республикаялъул министерствоялъул нухмалъуде вачIунеб гIадал руго прогнозал. Хабар лъикIаб рагIайги.

-------------------------------------------------------------------------------​

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG