МагъчIваялъе рес

С. ГIумаханов: Цебе гьабизе кIвечIеб гьанже бецIизейин рахъун руго


Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов
Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов

Дагъистаналъул Хасавюрт шагьаралъул мэр разияв гьечIо гьев чIвазе къасд гьабулел рукIаралин диванаханаялъ чIезабурал кIиго чачанасе къотIараб хIукмуялда. Гьезие кьун руго туснахъалъул 9 ва 12 сонал. Сайгидпаша ГIумаханов гьеб диванаханаялде унги вукIун гьечIо. Араб соналъул марталда жанир тIамурал гьезда хурхун диван рагIалде бахъана гьал къоязда Хасавюрталда. Гьединго, гьеб ишалъулъ гIахьаллъи бугевин абун рехсолеб буго, федералияб цIех-рехалда вугев Чачанлъиялъул бетIер Рамзан Къадировасул гIакълучиясул цIарги.

Араб соналда жанир тIамурал гьезда хурхун диван рагIалде бахъана гьал къоязда Хасавюрталда. Гьединго, гьеб ишалъулъ гIахьаллъи бугевин абун рехсолеб буго, федералияб цIех-рехалда вугев Чачанлъиялъул бетIер Рамзан Къадировасул гIакълучиясул цIарги.

Гьал къоязда Хасавюрталда рагIалде бахъараб диваналъул хIакъалъулъ дагъистаниязда гIицIго интернеталдасан лъанин абизе бегьула, хасго «Новая газета» сабаблъун. Гьеб ккола Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов чIвазе хIалбихьизехъин рукIарал Чачаналдаса Бадруди ЖабрагIиловасдаги Рамзан Качаевасдаги бан гьабураб хIукму. Гьедин цоясе ичIго, цогидасе 12 сонги кьун жанир тIамуна гьел. Гьездаго цадахъ федералияб цIех-рехалде кьун рагIула Шаа Турлаев абурав чиги. Чачан Республикаялъул бетIерасул гIакълучи вугин абулеб буго гьев.

Гьел чагIаз Сайгидпаша ГIумахановасде ишан босулеб букIин тIатинабун буго гьесул хъаравулзабаз. Гьез гьел тIатинарилалде бащдаб лъагIалица цебегIан ГIумаханов унеб нухда кьвагьулеб жоги лъун букIана.

Россиялда машгьурал экспертаз загьир гьаруна гьеб хIужаялда хурхун жидерго пикраби. Гьезул пикруялда рекъон, гьев хутIулев вуго жакъа Кавказалда бищунго кIудияб асар ва сурсат бугел политиказул цоявлъун. «ГIумаханов хвезе, яги чIвазе рес буго, амма гьев политикияб нухдаса кьуризавизе лъиданиги кIоларо, гьев къвакIараб хасияталъул чи вукIинги хIисабалде босун. ЧIвадарухъабазул мурадги тIубан гьев гIумруялдаса ватIалъун вукIаравани, тIубанго батIияб ахIвал-хIал лъугьинаан Россиялъул Югалда ва тIубанго Кавказалъул политикияб картаялда», - ян абурал пикраби руго гIемерисезул. Гьелда тIасан кIудияб макъала кьун машгьураб федералияб информациялъул алат «Новая газеталда» «Тендер» абураб цIаралда гъоркь.

Сайгидпаша ГIумахановасулгун гара-чIвари гьабуна ЭР-ялъги.

ЭР: «Сайгидпаша, дуца кинаб къимат кьолеб диваналъул хIукмуялъе? Гъол кIиязго гьабизехъин букIараб пишаялда рекъараб тамихI бугин рикIкIунищ дуца гьеб?»

Сайгидпаша ГIумаханов: «Дун гьеб диваналда гIахьаллъичIо. Низам цIунулез жидецаго ккун, жидецаго жанирги лъуна гьел. Гьанже кин бугеб, щиб бугебали лъаларелъул гьеб. Лъалеб жо буго гьеб политикияб тIадкъай букIин. Дун гъоб заманалда (1999 соналда Дагъистаналда рагъ ккедал – ЭР) ополченцазул нухмалъулев вукIиндал. ГIемер батIи-батIиял чагIазулгун рагъги кколаан. Гьеб мехалда боевикал рукIарал чагIи гьанже министраллъун лъугьун руго. Гъоб заманалда гьабизе кIвечIеб жо гьанже бецIулеб буго цо-цо чагIаз. Гьеб буго дида лъалеб жо».

Сайгидпаша ГIумаханов гIахьаллъичIо диваналъул цониги данделъиялда. Щайгурелъул жиндир ишалъул цIех-рех гьабун бугин политик хIаракатчи чIвазе гьабулеб букIараб къасдалъул гIадин гуреб, къотIносан унев вукIарав цо гIадатияв чиясул гIадинилан абуна гьес.

Сайгидпаша ГIумаханов: «Гъоз гъолъул хал гьабуна дун политик гурев, гIадатияв гражданин вугев гIадин. 18 соналъ дица нухмалъи гьабуна МахIачхъалаялдаса хадусеб шагьаралъе, батIи-батIиял жамгIиял гIуцIабазеги, сахабго политикаялда жанивги вуго дун. Республикаялъе бищун хIинкъи цIикIкIараб заманалда ополчениялъул къокъабиги гIуцIун, щуазарго чиясе нухмалъи гьабулевги вукIана дун. Амма цIех-рехчагIаз гьеб хIужаялъе къимат кьун буго гIадатияб ишалъе гIадин. Гьединлъидал гъол кIигоязе дагьал соналги кьуна. Амма дие гьелъул авари гьечIо. Гъол риччан рукIараланиги дица щибниги абизе букIинчIо.

Дица гьелъул ахIи-хIурги гьабичIо. Низам цIунулез жидецаго гьабуна кинабго».

Гьеб киналдаго нахъа щив вугевали лъалищин дудаян гьикъидал, гьадин жаваб кьуна Сайгидпаша ГIумахановас.

Сайгидпаша ГIумаханов: «Шаа абурав боевик вуго. Федералияб цIех-рехалде кьун вуго гьев. Гьесул чIей Гудермесалда бугин абуна. Живго щивали лъаларо дида. Амма доб заманалда Шамиль Басаевасул кваранаб квер гIадаб чи вукIанин рагIана. Гъоб заманалда рукIарал боевикал гьанже полициялде хIалтIуде лъугьун руго. Дунги доб мехалда ополчениялъул командирлъидал вукIарав, гьанже бецIулел ратилаха».

Бицен гьабулеб ишалъул хъвалаго, «Новая газеталъ» рехсолеб буго Пачалихъияб Думаялъул депутат Адам Делимхановасул цIар. Амма жидер кIиязулго лъай-хъвай гьечIин, кинабгIаги конфликтги ккечIин жидер, рихьизеги гIицIго цо нухалда рихьун рукIанин абулеб буго гьебго газеталъе жаваб кьолаго Сайгидпаша ГIумахановас. Гьединго Рамзан Къадировасулгунги жиндир бухьенал хIалтIул рахъалъ ругила. Амма гьесул эмен АхIмад-хIажи Къадировасулгун гьалмагълъи букIанила.

XS
SM
MD
LG