МагъчIваялъе рес

Хасавюрталъул мэр чIвазехъин рукIаразул апелляция къабул гьабичIо


Хасавюрт шагьаралъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов чIвазе хIадурулъулел рукIаразе гьабураб тамихI битIараб бугин чIезабуна Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялъ.

РакIалде щвезабила, Хасавюрталъул диванханаялъ 17 февралалда гIайибаллъун чIезаруна Чечняялдаса Бадрудин ДжабрагIилов ва Рамзан Качаев. 9 ва 12 соназ гьел туснахъалде тIамуна.

Гьезул адвокатаз апелляция битIана республикаялъул тIадегIанаб диванханаялде, амма 15-леб февралда гьениса жаваб щвана Хасавюрталъул динвачиясул хIукму битIараблъун кколин.

XS
SM
MD
LG