МагъчIваялъе рес

Кин лъазе бугеб чи ИГИЛалда вагъаравищали?


Унсоколо мухъалъул ХарачIиса МухIамадов ХIажи туснахъ гьавун вуго Шамалда ИГИЛалъул рахъалда вагъулев вукIанилан. Ункъо моцIалъ цеве гьев ккуна Москваялъул аэропорталда.

Унсоколо мухъин абун гурони, туснахъ гьавурасул цIарги росуги бихьизабун гьечIо цIех-рехалъул комитеталъул сайталда. Гьеб идараялъул пресс-секретарь Расул Темирбековас абуна цIех-рех рагIалде бахъинчIого жидеца гьединал баянал къватIире кьоларилан. ЭР-ялъе гьес баян гьаруна гIицIго гьадинал хIужаби.

Расул Темирбеков: «Шамалдаса воржун вачIунаго Москваялда ккуна гьев. Дове инегIанги низам цIунулез валагьулев вукIана гьев изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабулев ватун. Гьев живго мукIурлъулевги вуго гьелъие».

ЭР: «Мех-мехалда букIунарищха доре цIализе яги дарам гьабизе ун рукIун, тIадруссун рачIунел гIадамал жанир тIамиялъул хIужаби. Гьединаб гIилла букIине рес бугодай гьесулги?»

Расул Темирбеков: «Гуро, дица абулеб гьечIищха гьев къватIиве иналде гьанивго вукIаго валагьулев вукIанин низам цIунулез. Гьеб рахъалъ кинабгIаги гъалатI гьечIо низам цIунулезул».

Темирбековасул рагIабазда рекъон, ИГИЛалъул рахъалда вагъулев вукIун Москваялда ккурав Унсоколо мухъалдаса чи жанив тIамун Дагъистаналда вуго.

Унсоколо мухъалъул гIадамазулгун гара-чIвари гьабидал, гIемерисезда рагIун гьечIоан гьев чиясул хIакъалъулъ. Амма цояс абуна гьев ХарачIиса вукIине кколин, гьитIинаб мехалда жинда вихьидал, гIезегIан гIодовиччарав вас вукIанила.

Гьев кколин ХарачIиса МухIамадов ХIажиян бицана ЭР-ялъе туснахъ гьавурасул адвокат МухIамадов НурмухIамадица. Гьале гьеб хIужаялда хурхун гьесул пикру.

МухIамадов НурмухIамад: «Гьев вас вукIинчIо гьенив вагъулев. Низам цIунулезда кIолеб гьечIо гьесда гьеб гIайиб тIадчIезабизеги. Гьев вас вуго Египеталда цIалулевги вукIун, паспорталъул заманги лъугIун, доз аниве нахъвуссун витIарав чи. КинабгIаги Шамалдаги рагъдаги гьоркьов вукIарав вас гуро гьев».

ЭР: «Дун кIалъана цIех-рехалъул комитеталъул пресс-секретарьгун. Гьес абуна гIорхъи тун къватIиве иналдего цIех-рехалде кьун вукIанин гьевилан».

МухIамадов НурмухIамад: «ВукIинчIо. Гендерил чанго гIолохъанчи викъун индал, Временный росдада аскIоб нух къан букIана. Гьеб бакIалда гIахьаллъун вукIана гьев. Гуребани, гьездаго хадур цоги-цогидалги тIагIине рес букIана.

Дица нусцIул хъвана рахъ-рахъалде хитIабал гьев чи Шамалда вукIинчIилан. Гьеб лъазабизе захIматаб жойищ? Жив Каиралдаса Стамбулалде рекIанилан зулмуялдалъун кьезабун буго гьесда баян. ХIакъикъаталдаги щал-щал роржунел рукIарал аэропланалдаяли лъазе, гьезул сияхIалъул документ тIалаб гьабеха Каиралъул аэропорталдаса! ГьанжелъагIан гьеб ишалъул цIех-рех гьабулеб букIана республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъ, гьанже цIех-рехалъул комитеталде кьун бугоха. КьечIеб гIакъубаги тун гьечIоан гьев васасе.

Кисан гьев Москваялде воржаравали лъазе я Каиралъул, яги Стамбулалъул нухмалъиялдаса кагъат тIалаб гьабуни гIолеб жо буго гьеб».

МухIамадов ХIажи гIицIго гендерил тоннель къаялъулъ гIахьаллъанилан МухIамадов НурмухIамадица бицаралъул мухIканлъи гьадинаб буго. 2012 соналъул ноябралда гендерил 500 гIолохъанчи вахъун вукIана гьеб тоннель къазе. Гьеб гьабун букIана Туркиялдаса рачIунел гендерил гIолохъаби МахIачхъалаялъул аэропорталдасанго туснахъ гьаризе рачун иналда дандечIун.

Ансадерил гIадамазухъа щварал баяназда рекъон, Шамалда рагъулаго Балахьуниса кIигоял чIван руго дора. Лъабго-ункъо соналъ церего Мисралде цIализе ун рукIун руго гьел.

Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ моцIалъ цебе тIибитIизабураб информациялда рекъон, ИГИЛалъул рахъалда рагъулел россиялъулазул къадар 800 чи ккола. Руго гьединго гIемер чачаналги, къватIиса пачалихъазул гражданаллъун рахъарал. Масала, Гуржиялда рахчун рукIарал.

XS
SM
MD
LG