МагъчIваялъе рес

Доку ГIумаров, ГIавухъазул «жамагIат» ва ИГИЛ


ИГИЛалъул пропагандаялъул видеоялдаса сурат
ИГИЛалъул пропагандаялъул видеоялдаса сурат

Интернеталда экстремистиял цо-цо сайтазда кьун буго Шималияб Кавказалда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул лидерлъун вукIарав Доку ГIумаровасул ахирисеб абулеб видео. Гьелда гьес какулеб буго Эркенлъи Радиоялъул чачаназул хъулухъ ва ахIулел руго цоцалъ рукIарал рагIирекъонгутIиялги жалго тун гIаммав тушманасде данде цолъизе. Цолъун рукIарал Шималияб Кавказалда ругел яргъидгIуцIаразда гьоркьоб рикьел лъугьун букIана ГIумаровас «Имарат Кавказ» гIуцIулеб букIиналъул лъазабураб мехалда. Гьанжеги ракIкIулел руго гьел иргадулаб нухалъ рикьиялъул гIаламатал.

2007 соналда ГIумаровас живго лъазавун вукIана Имарат Кавказалъул лидерлъун. Гьеб «Имаратги» лъазабун букIана Шималияб Кавказалда гIуцIулеб ва мухIканал гIурхъаби рихьизаричIеб исламияб пачалихълъун. Гьелъул хIасилалда яргъидгIуцIаразул чачаназул гIаркьелалда рикьел лъугьун букIана. Чачаназул яргъидгIуцIаразул чанго чияс лъазабун букIана Доку ГIумаровасе кьураб гьа жидеца нахъе босулеб бугин ва жал гьесие мукIурлъуларин.

Шималияб Кавказалда хурхун машгьурав эксперт ва журналист Сухов Иваница абун букIана ЭР-лъе ГIумаровасда живго «мужагьидазул глобалияб багъа-башариялъул бутIалъунин» вихьулев вукIанин.

Сухов Иван: «Гьеб букIанин абизе бегьула Кавказалда сепаратистазул багъа-башариялда хиса-басиял ккараб мех. 90-билел ва 2000 соназул авалалда гьел жидер ракь Россиялъул Федерациялда бачIого букIиналъе гIоло къеркьолел рукIун ратани, Имарат Кавказ лъазабуралдаса нахъе гьезул къеркьей сверана динияб багъа-башариялде. Гьелдаса нахъе дандечIей гьабулезул лидераз жидер къеркьеялъул аслияб гIиллалъун дин бихьизабулеб букIана».

ТIадехун рехсараб видеоялда Доку ГIумаровас Эркенлъи Радиоялъул чачаназул хъулухъалда гIунтIизабулеб буго жидер къеркьей чучлъизабиялъул гIайиб. Амма жиндир рагIаби тасдикъ гьарулел мисалал рачунел гьечIо гьес гьенир.

Гьес гьединго ахIулел руго, гьес абухъе, капурзабазул пачалихъияб системаялде данде къеркьезе жидер кьеразулъе лъугьинеги.

Доку ГIумаров
Доку ГIумаров

Доку ГIумаровасда гIунтIизарулел рукIана Россиялъул территориялда гьарурал терактазул ва тIадекIанцIиязул гIайибал. Гьездаго гьоркьоб 2004 соналда Бесланалъул школалда гIадамал гъоркьлъалие росиялъул гIайибги. Гьеб мехалда хун вукIана 334 чи, гьезулги цIикIкIунисел лъимал. Амма 2005 соналда Эркенлъи Радиоялъе кьураб интервьюялда ГIумаровас какулеб букIана Бесланалда школа гъоркьлъалие боси ва абулеб букIана тактика хIисабалада терроризмалдаса жидеца инкар гьабун бугин.

Хадуб гьез тактика хисизабиялъул хIасиллъун ккана 2009 соналда Москваялдаса Санкт-Петербургалде унеб букIараб «Невский Express» поезд кьвагьизаби ва гьенив 26 чи хвейги.
Гьес гьединго тIаде босун букIана 2010 соналда 39 чи чIвараб Москваялъул метроялда гьарурал кьвагьиязул жавабчилъиги. 2011 соналда Домодедово аэропорталда 36 чи чIвараб терактги.

Доб мехалда интернеталда лъураб видеоялда гьес абулеб букIана аэропорталда гьабураб кьвагьи бугин «Кавказалда Россиялъ гьарурал такъсиразухъ къисас босийин».

Интернеталда ахираб заманаялда ракIкIарал цоги видеоязул бицани, буго гьениб Дагъистаналда бугеб ГIавухъазул абулеб «жамагIаталъ» ГIиракъалъулгун Сириялъул территориялда бугеб «Исламияб пачалихъин» жидедаго абулеб радикалияб къакъаялъул лидер Абу Бакар Багъдадие мукIурлъулел рукIиналъул гьа баялъул видеоги.

Кколищ гьелъул магIна гьел Доку ГIумаров хун хадув гьесул бакIалде вищарав Кебеков ГIалиасхIабие мукIурлъуларин абураб?

Гьебго интернеталда тIиритIарал лъазабиязда рекъон, Шималияб Кавказалда ругел яргъидгIуцIаразе данде кколел гьечIо ИГИЛалъул къагIидаби ва гьез гьарулел вахIщилъаби.

Гьанибго абизе ккола «Исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялда хурхун «Имарат Кавказалъ» официалиял лъазаби гьабун гьечIин, амма исана июналда Кебековас лъазабураб гьезул тактикаялде ай ракълилаб халкъалде данде терактал гьарунгутIи, руччабазе жалго кьвагьизаризе гьукъи ва гьел рагъулал акциязда гIахьаллъизе ахIунгутIи «Исламияб пачалихъалъул» тактикалде данде кколеб гьечIин.

Гьенисан бижунеб буго Шималияб Кавказалъул яргъидгIуцIаразда гьоркьоб цIидасан рикьелищ лъугьунеб бугебин абураб цоги суал?

Гьеб суал нижеца кьуна Сухов Ивание.

Сухов Иван: «ЯргъидгIуцIаразда гьоркьоб кколеб бугебщиналъул хIакъалъулъ бицине рес буго гIицIго гьез къватIире кьолел видеояздасан, гьезул рахъалдасан тIокIаб батIияб информация щолеб бакIал гьечIелъул. Гьел видеоялги унго-унгоял ругищали лъицаго гарантия кьоларо. Амма гьезул кьералъ лъугьунелда хадуб хал ккун ругел гIадамаз абулеб буго яргъидгIуцIаразда гьоркьоб рикьи лъугьун бугин. Дида бичIчIухъе, Имарат Кавказалъул нухмалъиялъ Аль-Багъдадигун яги ИГИЛгун кинал рукIаниги гьоркорлъаби чIезарун гьечIо. Амма лъалеб буго ГIагараб Машрикъалда ругел цоги радикалиял багъа-башариялгун, масала Сириялда ругел радикалиял къукъабигун гьезул бухьен букIин. Исламияб пачалихъгун гIаммаб жо гьезие къваригIун гьечIин кколеб буго. ГIавухъазул жамагIаталъ Багъдадие ритIухълъиялъул гьа баялдаги гIажаиблъизе ккараб жо гьечIин рикIкIуна дица, щайгурелъул Шималияб Кавказалдаса гIемерав чи Исламияб пачалихъалъул кьеразулъ вагъулев вукIун».

ЭР: Дуда кIолищ Сириялда яги гьеб регионалъул цоги бакIазда рагъулел ругел кавказалъулаз тIадруссун рачIинаго ИГИЛалъул идеология Шималияб Кавказалде бачIине бугин ва гьезул тактика гьенибги тIибитIизе бугин абизе?

Сухов Иван: «Дида рикIкIуна гьеб бугин Россиялъул Шималияб Кавказалъе ругел хIинкъабазул бищунго аслиязул цоябин. Дида ккола гьениб ИГИЛалъул кинал рукIаниги территориалиял амбициязулцин гуребин бицен бугеб, бицен буго гьезул идеология тIибитIизабиялъул».

ИГИЛалъул идеологиягун рачIаразда ва Шималияб Кавказалда ругел яргъидгIуцIаразда гьоркьоб кьал ккезе рес бугищин гьикъараб мехалда Суховас абуна бугин, амма 2010 соналда Доку ГIумаровас «Имарат Кавказ» гIуцIулеб букIиналъул лъазабураб мехалда гьезул кьеразулъ рикьел лъугьун букIанин ва гьеб гьезулъ жанибго хутIанин. Гьединлъидал гьанжеги рикьел лъугьаниги гьелъул къватIибехун лъалеб жо дагьаб букIине рес бугин рикIкIунеб буго Суховас.

Москваялда бугеб Карнегил централдаса Алексей Малашенкол пикруялда щаклъи буго ИГИЛалъул идеология Шималияб Кавказалда тIибитIиялда, щайгурелъул гьеб гьениб машгьураб гьечIого. Сириялда рагъулел рукIарал тIадруссине байбихьараб мехалда гурони гьез гьабизе бугеб жо лъаларин рикIкIунеб буго экспертас.

XS
SM
MD
LG