МагъчIваялъе рес

Канлъухъгун газихъ гIарац: бакIаруларогойищ яги бикъулебищ?


Сайгидпаша ГIумахановасулгун хъулухъчагIазул данделъи, 3Фев2016
Сайгидпаша ГIумахановасулгун хъулухъчагIазул данделъи, 3Фев2016

Транспорталъулгун бухьеналъул ва энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIумахановасда лъикIаблъун бихьулеб буго канлъухъгун газалъухъ кьолеб гIарац МФЦ абураб идараялде кьезабизе. Амма энергетикаялдагун газида тIад кверщел гьабулезе гьеб пикру тIубан рекIее гIолеб гьечIоан.

Исана 1 январалде Дагъистаналда газалъул налъи бахун буго 27 млрд гъурщиде, электроэнергиялъул рахъалъ – 17 млрд гъурщиде. Амма гIадамазищ гьеб гIарац кьоларого бугеб, яги кьуниги, хIакимзабазищ гьеб бикъулеб бугебали лъазе ракIарун рукIана 3 февралалда транспорталъулгун бухьеналъул ва энергетикаялъул министерлъиялде гьеб иш тIаде кколел хIакимзаби.

ЛъагIалил байбихьудехун республикаялда гьеб налъи цIикIкIун буго 3 млрд гъурщиде щвезегIанги (15-20 процент ккола гьеб).
Амма Шималияб Гьириялда (Северияб Осетия – ЭР) гIадин квешги гьечIин Дагъистаналда гьеб суалин бицана «Газпром межрегионгаз Пятигорск» идараялъул вакил Александр Федяшевас. РукIа-рахъиналъул хъулухъазухъ налъи кьечIолъиялъул рахъалъ гьеб республика Россиялда лъабабилеб бакIалда бугила.

Федяшевас абуна Дагъистаналда жидехъе лъицаниги кьолел гьечIин чIванкъотIун лъида хадуб кигIан налъи бугебали хъвараб сияхI. Гьеб мехалда хIалтIиги бигьалъулаанин. Гьединго къватIазда цIарал гьечIел, минабазда номерал гьечIел бакIал гIемер ругила республикаялда. Гьез бухIулеб канлъигун газида хадубги лъицаниги халккун бажарулеб гьечIила.

Гьелдаго цадахъ, транспорталъулгун бухьеналъул ва энергетикаялъул министерлъиялъухъ руго баянал пачалихъияв хъулухъчиясул I7 азарго чияс кьун гьечIин канлъухъгун газихъ гIарацин абурал. Гьедин банказда рагьулел гьезул лицевой счетазул баянал жидехъе кьейин хитIаб гьабун букIун буго энергетиказул ва газалъул идарабаз муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезде. Амма гьезие инкар гьабун буго гьединаб баянал тIатинаризе бегьуларин къануналда рекъонилан.

Транспорталъулгун бухьеналъул ва энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIумахановасда лъикIаблъун бихьулеб бугоан канлъухъгун газалъухъ кьолеб-кьолареб гIарцул лъалкIда хадуб халкквезелъун, гьеб гIарац МФЦ абураб идараялде кьезабизе. 290 батIияб хъулухъ гьабулеб гьеб идараялъ, канлъухъгун газихъ гIарац бакIариги кодобе босулин, гьелдалъун кассиразе кьолеб гIарацги тIокI гьабизе бегьулин абулеб букIана гьеб данделъиялда. Амма энергетикаялдагун газида тIад кверщел гьабулезе гьеб пикру тIубан рекIее гIолеб гьечIоан. ЧIванкъотIун далилги бачинчIо гьез, щай гьеб данде кколаребали.
Хадубго Ростехнадзоралъул нухмалъулев Закаря ГIалимурзаевасги загьир гьабуна канлъухъгун газихъ гIарац бакIарулел контролераздаса разилъи гьечIолъи. Щайин абуни моцIалъ хIалтIун щолеб харжидасаги цIикIкIун гIарац гьабулеб бугила гьез гIадамазухъа ришваталги росун. Жинца лъазабунила бащдаб ставкаялдагицин хIалтIулел гIадамал гьенир рукIин.

Гьелъул магIна ккола харжил бащадаб щолел гьел чагIи – масала, 5, 500 гъурщихъ – гьел чагIи азаралда щунусгогIан чиясул рокъореги раккун, канлъухъгун газихъ гIарац бакIаризе разиял рукIин. Щолеб-толеб давла гьечIого чияс моцIица гьебщинаб хIалтIи тIаде босуларила. Гьеб бащдаб харжги Закаря ГIалимурзаевас бензадул кIиго бакалда ва тумазулин цIар щварал бихьиназул хьитазул багьаялда бащалъизабуна. ЦIакъ битIараб дандекквей бугилан Сайгидпаша ГIумахановги гьимана.
Канлъухъ гIарац бакIарулеб энергетиказул гIуцIиялдаса вакил Мутай МухIамадовасе гьадин суалги кьуна хадубго министр Сайгидпаша ГIумахановас.

Сайгидпаша ГIумаханов: «ЧIа, чIа, гIедегIуге. Дуца бице чан соналъ мун гьаб хъулухъалда хIалтIулев вугевали. Къого соналъ. Гьеб къого соналда жаниб щиб хIалтIи дуца гьабураб? Мисалалъе босилин ахираб сон. ЦохIо кагъталги цIезарун, гьенир налъабазул къадарги хъван гурони, щиб хIалтIи гьабураб дуца бакIазда? Бюджеталъулал гIуцIиялги, ЖКХ телин, гьез кьезе кколеб налъи кIудияб гьечIелъул, бищунго гIемер налъи халкъалда тIадлъидал бугеб.

Мун тIокIаб чIечIого федералиябгун бакIалъул бюджеталъул бицунев вуго. ЖКХ (рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишат – ЭР) - гьеб буго жибго жиндаго чIараб идара, гьелгун цадахъ хIалтIизе нужее бигьагоги буго, щайха нужеца гьездаса тIалаб гьабулареб налъи? Чанго моцIалъ кьечIого хутIаралги, жалго тун ахирисеб моцIалъухъ гIарацниги кIолаан гурищ нужеда. Гьеб жо гьабизе кIолаан гурищ нужеда? ГIарац бакIарулев 340 гIанасев чи вугеб мехалъ».

Гьеб данделъиялда дандбана хадубккун гьеб суал роцIцIиналъе щиб гьабилебалиги. Масала, цояз абуна жидеда тIад бугеб налъи бецIичIого, субсидиял кьолареб къагIида ургъизе кколила.
Канлъулгун газил налъи бугел идарабиги муниципалиял гIуцIабиги рехсана гьеб данделъиялда. Масала, Дубки росу. Ахираб щуго соналда жаниб гьелъ кепекги кьечIин канлъухъилан бицана гьениб.

XS
SM
MD
LG