МагъчIваялъе рес

Гъурщил иргадулаб антирекорд


Москва 20Янв2016
Москва 20Янв2016

Россиялъул гъурущица гIодобе бортиялъул рахъалъ лъун буго иргадулаб рекорд. Гьан анкьалда гьелъул официалияб багьа рещтIана цебе киданиги рештIун букIинчIеб бакIалде ва бащалъана цо долларалъухъ кьолеб 81-ялдаса цIикIкIун гъурщида.

Россиялъул гъурущ бортун буго цебе киданиги бортун букIинчIебгIан гIодобе. Гьанже гьелъ нахъа танин абизе бегьула 2014 соналъул декабралда гьитIинабго паникаялъул заманаялда гъурущ щун букIараб тIину. Араб арбагI къоялъ цо долларалъухъ кьолеб букIана 81-ялдаса цIикIкIун гъурщ.

Гьелъие асар гьабун буго нартил багьа гIодобе ккеялъ. АрбагI къоялда чIегIернартиял багьа рещтIун букIан цо баррелалъухъ 28 долларалде. Исана соналъул байбихьуда букIараб багьаялде дандеккун гъурщил багьа 12 проценталъ учузлъун буго.

Россиялъул хIукуматалъе щолел хайиразул бащдаб бараб буго нартихъ ва газихъ щолеб гIарцуда.

Россиялъул бищунго кIудияб банк Сбербанкалъул бетIер Герман Грефица абун букIана араб анкьалда Россия гьанже дауншифтерал улкабазул кьералъе кколеб бугин. Гьелъул магIна буго харжал дагьал улкабазул кьералъе лъугьунеб бугин абураб.

2014 соналъул декабралда 80 гъурщиде доллар бахараб мехалда улкаялъулго банказул системаялъе хIинкъи бугин абун Россиялъул Централияб банкалъ процентазул бихьизаби аварийный абулеб 6,5 проценталде бахинабун букIана.

Россиялъул фондазул базараздаги улкаялъул бищунго кIудиял Сбербанкалъул ва ВТБялъул акциял 3% учузлъана.

Экономикиял суалазда сверун президент Владимир Путинил гIакълучи Сергей Глазьевас банкал ахIана гъурущ дагьабги учузлъизе биччаларедухъ гьеб ситуациялде гьоркьоре лъугьине.

«Централияб банкалъул нахърател букIиналъулго магIна буго миллияб валютаялъе гьелъ кверчIвай ва стабилизация гьаби»,-ян абуна Глазьевас ТАССалъе. Экономикаялда ругел гъурщазул къадаралдаса кIиго нухалда цIикIкIараб буго улкаялъул нахърател ва гьединлъидал гъурщил курсалъе стабилизация гьабиги бигьаяб иш бугин абун буго гьес.

Улкаялъул финансазул стабилизациялъе хIинкъи бугони гьеб ахIвал-хIалалде гьоркьобе Централияб банк лъугьине рес букIиналъул лъазабуна арбагI къоялда гьеб банкалъул нухмалъулей Эльвира Набиулиналъ, амма гьаб заманаялда гьединаб хIинкъи гьечIин рикIкIунеб буго гьелъ.

Нарт ва цоги цIатари бичиялда экономика барал цоги гьеб регионалъул улкабазулги экономикаялда ахIвал-хIал лъикIаб гьечIо. Масала Азербажаналъ талат къоялда лъазабуна къватIисел улкабазде инвестициял гьаризелъун улкаялдаса нахъе унеб валютаялъул 20 процент гъоркь кквезе букIиналъул. Гьединго 20 проценталъул магъало лъолеб буго лъагIалида жаниб къватIисеб улкаялде 50 азаргоялдаса цIикIкIун доллар битIулеб бугониги.

Казахсатаналъул тенгеги гьаб анкьалда бортун буго цебе киданиги бортун букIинчIеб даражаялде. Цо долларалъухъ кьолеб буго 377 тенге. Ахирисеб бащдаб лъагIалида жаниб гьеб улкаялъул валюта 50 проценталъ учузлъун буго. Гьебго заманаялда Туркменистаналъ дагьлъизарулел руго валюталъулгун операциял. Гьедин гьез хIаракат бахъулеб буго долларалъ экономикаялъе гьабулеб асар дагьлъизабизе.

XS
SM
MD
LG