МагъчIваялъе рес

20 соналъ Дагъистаналда... лагълъиялда


Роман Развозжаев, 20 соналъ Дагъиcтаналда лагълъиялда вукIарав чи
Роман Развозжаев, 20 соналъ Дагъиcтаналда лагълъиялда вукIарав чи

Дагъистаналда лагълъудаса эркен гьавун вуго Волгоград шагьаралда гIумру гьабун вукIарав чи. ГIаммаб къагIидаялъ лагълъуда гьес бан буго къого гIанасеб сон. Гьев эркен гьавуна «Альернатива» абураб къукъаялъ.

Волгоградалдаса Развозжаев Роман аслияб куцалда хIалтIулев вукIун вуго батIи-батIиял хъутабазда, гIи-боцIи хьихьулеб бакIалда. Цо заманаялъ кирпич къотIулеб заводалдаги вукIун вуго гьев. Гьес жиндицаго бицунелда рекъон гьеб къагIидаялда къого сон бан буго гьес лагълъуда Дагъистаналда. Гьал къоязда живго хIалтIулев вукIараб бакIалдаса лъутизе кIун буго гьесда. Гьанже «Альтернатива» къукъаялъ кумекги гьабун рокъове ине вуго гьев. Гьесул гIага-божарал ратун руго Тюмень икълималда бугеб Ноябрьск абулеб шагьаралда.

«Альтернатива» абулеб къукъаялъ чанго чи хвасар гьавуна Дагъистаналда лагълъудаса. Гьедин араб соналда Лаваша мухъалда лагълъуда хIалтIулев ватун, эркен гьавурав Подмосковьеялдаса чи рокъоса аралдаса ункъо сон балеб букIун буго, 2010 соналдаса нахъе валагьулев вукIун вуго гьев гIагараз.

Гьединго 2014 соналъул январь моцIалдаги эркен гьавуна гьез Белоруссиялдаса чи, 2013 соналъги цIакъ гIемерав чи хвасар гьавун вуго гьез лагълъиялдаса. Кинабниги жакъа къоялъ лъагIан «Альтернатива» къукъаялъ Дагъистаналда лагълъудаса эркен гьавун вуго 200 гIанасев чи. Москваялда бугеб «Альтернатива» къукъаялъул хIалтIухъан Алексейица абулеб буго гьелдалъун дагьлъизе гьечIила хвасар гьарулел гIадамазул къадар:

Алексей: «Лагълъуда гIадамал хIалтIизе тIамун ратиялъул хIужаби нижеца тIатинарула чанго батIиял регионазда. Хас гьабун Дагъистаналъул бицани гьенире лагъзал рачун рачIине руго гьале гьанже, ихдалил гIужалъ. Щайгурелъул кирпич къотIулел заводазда хIалтIи тIадбан байбихьизе буго гьанже. Мисалалъе, Москваялъул Повелецкий вокзалалда ватарав чи вачуна цояс хIалтIи бугиланги абун. Хадуб гьевго чияс гьединазул 15-20 чи цадахъ ричула цогидав чиясе. Гьес гьел рачуна кирпич къотIулел заводазде, лъикIаб гIарац кьезе бугилан божизеги гьарун. Амма гIарац гьезие кьолеб батуларо. Риидал хIамул гIадин хIалтIизеги тIамун, цояв квенги кьун гьенив заводалдаго тола хасало, цогидав гIи боцIи хьихьулел хъутабазде вичун ватула, лъабабилезе рокъоре ине изну кьола, амма копейкги кодоб гIарац гьечIев гьев пакъир добго къагIидаялъ нахъойги лагълъун цо кивениги вичун ватула»

Аслияб куцалда лагълъуда хIалтIизе тIамурал гIадамал ратулел руго кирпич къотIулел заводазда. МахIачхъалаялдагун Каспийскалда гьоркьоб буго гьединаб 70 завод. Гьезда гьоркьор цIакъго дагь ругин къануналда рекъон киналго ихтияралги цIунун хIалтIулел заводалилан бицана Дагъистаналда бугеб «Альтернатива» къукъаялъул вакил ИсмагIилов Закирица. ХутIаралщиназ гьабулеб жо гIадан бицун божулеб хIалалда гьечIила. Гьенив хIалтIизе вачарав чиясулгун гьез хъваларила кинабниги хIалтIул къотIи-къай, паспорталги нахъе ракIарун рогьаралдаса рукIкIинегIан хIалтIизе тIамулин гьез лагъзал.

ИсмагIилов Закир: «Бокьараб кирпич къотIулеб завод босе, бищун дагьалдасан I5 чи гьечIони гьеб заводалъул мукагIалъи букIине гьечIо. Гьел гIадамал чара гьечIого къваригIарал гIадамал ккола заводалъе. Гьединал заводал МахIачхъалаялдагун Каспийскалда гьоркьор 70-ниги руго. ГIажаибаб жо, жалго хIалтIулел бакIазда гара-чIвари гьабулеб мехалъ кинабго бугеб къагIидаялъ бицунаро нижее. ХIалтIул бакIалъул нухмалъулесухъа хIинкъулев ватизе вуго гьев. Аслияб куцалда цIиял лагъзал Дагъистаналде рачIуна ихдалил гIужалъ».

Гьаниб дагьаб баян гьабизе ккола щай хас гьабун ихдал гьенир лагъзал цIикIкIунилан Закирица абураб рагIи. Хасало кирпич дагьаб гурони къотIулеб гьечIо, гIемерисеб заман гьезул хIухьбахъиялда унеб бугилан бицана гьес. Ихдал абуни хасало гьел хьихьизелъун гьезда тIад харж гьабураб гIарац кIиго бутIаялъ бецIизе кколеб буго гьес хважаинасе.

Амма гьел гIадамал лагъзал гIадин хIалтIизе тIамун ругилан абураб жо лахIгIан чIегIераб гьереси бугилан абулеб буго цо-цо дагъистанияз. ГIемерисел гьел рукIунила щибниги хIалтIи гьечIого къватIал сверулел ратун, кванихъги, гIаракъидул шишихъги хIатIулел гIадамал. Мисалалъе, жиндир цIар рехсезе бокьичIев чияс бицана нижер программаялъе, жиндир гIагарав чиясул боцIи хьихьулеб фермаялда ругила гьедин хIалтIулел гIадамал. Рокъове щайин мун унарев, дур лъимал, хъизам-рукъ гьечIищилан жиндица цоясда гьикъидал, щибизе къваригIарал чагIийин жинде гьелилан агъаз гьечIеб гьечIеб жаваб кьунила гьев гIурусас.

XS
SM
MD
LG