МагъчIваялъе рес

«Кирпичалъул» лагълъиялдаса полициялъул лагълъиялде ккарал


Лаваша мухъалда "лагъзал" хlалтlулел бакlазул цояб, 14Maй2013
Лаваша мухъалда "лагъзал" хlалтlулел бакlазул цояб, 14Maй2013

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул вакилзабаз гьал къояз лагълъиялдаса эркен гьавуна Россиялъул Иркутск икълималдаса чи. Инсанасул ихтиярал цIунулезе гьес бицун буго жиндица чанцIулго хIал бихьанин лагълъиялдаса тIуризе, амма къуваталъул идарабаз кквезеги ккун жив цIидасан цойгидал гIадамазе вичулаанилан.


Лъабго соналъ Дагъистаналъул батIи-батIияб бакIалда лагълъиялда вукIарав Иркутск мухъалдаса чи эркен гьавураб операция тIобитIана гьал къояз инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул вакилзабаз. Гьес жиндир цIар бицунгейин гьаранин абуна мемориалалъулаз. Лагълъиялда вукIарасул рагIабазда рекъон хIалтIи балагьун Москваялде щварав гьесда вокзалалда аскIоре рачIун руго кIиго гIолохъанчи. Гьез лъикIаб мухьги кьолеб, бигьаяб хIалтIи бугин Дагъистаналда, гьенире хIалтIизе гIадамал къваригIун ругин , мун вилълъинарищан цIехон буго гьесда. ХIалтIиги, гIарацги гьечIого Москваялда хьвархьвадилев вукIинчIого, кигIан рикIкIад букIаниги инин Дагъистаналдейилан ракIалде кканин жиндайилан бицун буго гьес.

Гьедин нилъер республикаялде щун хадуб гьанир цо гIадамаз вачун вуго гьав магIарухъе, щиб районалда ва росулъ жив вукIаравали лъалебцин гьечIо гьесда. Кодоса документалги рахъун гьенив батIи-батIияб росдал магIишаталъул хIалтIабазда вукIун вуго гьев. Гьез, лъим баччиялдаса бахъараб хур бекьиялдеги, гIи хьихьиялде щвезегIан. Гьенисан цин-циязухъе кьун, вичун квеш-лъикI гьев ккун вуго Хъумторхъала мухъалде гьоркьобе унеб Сарыхум росулъе щун вуго. Гьениса цойги Вячеслав абулев чияс ахIанин жидехъе гьев лагълъуда вукIарав чиясе кумек гьабейилан абунин бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Мемориалалъул» хIалтIухъан Дациев Сиражудиница.

Сиражудин Дациев: «Рокъове ине бокьаниги рес гьечIо гьаб сагIат гьев чиясул, щай гурелъул документал гьечIо гьесул. Гьевги вачун полициялде ун рукIана ниж гьесие заманалъул документал гьаризе. Полициялде инеги дагьав нахъекъангIадин вукIан гьев цин, щай гурелъул лагълиялдаса тIурун чанги нухалъ рокъове инее хIал бихьун буго гьес, амма автобусалдаги рекIун калмыкалъе щварав гьев полициялъ гьенисан рещтIинеги гьавун Калмыкиялда бугеб Артизиан росулъа цо чиясе вичун вуго.
Гьенисаги тIурун цин чачаналъе хадув гьенисан цIидахъан Дагъистанадеги щун Сарыхумалда вукIун вуго гьев».

Дациевас бицана гьел документал кодоре щваралго жидеца гьев чи рокъове витIизе кумек гьабизе бугилан. Амма цIидасанги гьев гьаниве яги цойгидаб бакIалде лагълъиялде ккеларин абун ракIчIей гьечIила жидер, щай гурелъул гIемерисел гьел лагъзал рукIунила я рукъ-бакI, я хъизан-агьлу гьечIел, гьекъезе бокьулел чагIи. Гьедин чанго нухалъ тIа-тIала цIида-цIидахъан Дагъистаналде долго кирпич гьарулел заводаздеги, къоногун-гамачI бахъулел карьераздеги, бакIал ралелъуреги тIад руссун рачIунила гьел. Инсанасул ихтияарал цIунулес гьединго бицана бищун гIемер лагъзал церего гIадин МахIачхъалаялда ва Каспийскалда гьоркьор ругел кирпич гьабулеб заводазда рукIунилан, гьоркьо-гьоркьосан жал гьениреги унила, амма хIинкъунищ яги сундулниги ургъел гьечIолъиялъищали лъаларила къанагIатго гурони жал лагълъиялда ругин, жал гьениса нахъе рачейилан абуларила гьел гIадамазилан.

Гьелго кирпич гьарулел заводазулги гьенир ругел лагъзадерилги бицана «Эркенлъи» радиоялъе тIолгороссиялъулаб лъагълъиялдаса гIадамал эркен гьарулеб «Альтернатива» абураб жамгIияб гIуцIиялъул дагъистаналда вугев вакил ИсмагIилова Закирицаги. Гьал гIагарал къояз МахIачхъалаялда аскIо ругел кирпич гьарулел заводазда рейд гьабулаго «Альтернативаялъул» вакилзабаз лъабго чи эркен гьавун вуго гьениса.

МухIамадов Закир: «Гьал къояз тIагIарал чагIазул гIагарлъиялъ кьурал баяназда рекъон гьел ралагьулаго кирпич гьабулел заводаздаса лъабго чи эркен гьавуна нижеца. Гьел руго Иркутск мухъалдаса, Москваялдава ва Алтаялдаса гIолхъаби. Гьел киналго жидеего бокьичIого чIезарун рукIун руго заводазда, гьел кинабго захIматаб хIалтIуда рукIун руго. Гьезие гьабураб хIалтIухъ харжги кьун гьечIо цохIониги нухалъ, докуенталги кодоса росун, квабнихъ ва гьекъолеб жоялъухъ хIалтIизарулел рукIун руго гьел. КиналгIаги гьел лагъзал ккурал чагIаз гьел гьекъезарула, гьебгицин чорокаб, квешаб качествоялъул гьекъелги кьун, гьекъолдухъаб и рахъинарула гьезул. Гьединав чиясе щибниги къваригIун букIунарелъул, цохIо гьекъолеб жоялъухъ хIалтIизе хIадур рукIуна гьел. ГIемерисел цого къагIидаялъ ккола лагълъиялде, лъикIаб хIалтIиги бугин цIикIкIараб харжги бугинги абун махсародеги ккун рачIуна гьел Дагъистаналде. 5 нухалъ эркенги гьарун цIидасан гьанире ккаралги рукIана гIадамал. Гьедин сундулниги батIалъи гьечIелги рукIуна гIадамал. Нижер идара гъоркьисала гурони жигаралда хIалтIизе лъугьичIо Дагъистаналда, гьедин цохIо соналда жаниб 40 гIан, исана соналда жаниб I5 гIан чи эркен гьавуна нижеца».

Гьединго Закирица бицана жидер хIалтIулъ цIакъ кIудияб кумек гьабие лъугьанила гьаб ахираб заманалда, къуваталъул идарабазул ва хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул хIалтIухъабазилан. Жидеда цадахъ жидер баяназда рекъон лагъзал ругел бакIазде рилълъунила гьел, гIадамал эркен гьариялъеги кумек гьабулила. Амма кигIан хIаракат бахъаниги гьел кирпич гьарулел заводал къазаризе кIолеб гьечIила жидер идараялда. СагIид Амировасухъе гIарзалъ араб мехалда гьес лагъзал хIалтIизарулел рукIарал цо чанго завод къазарун рукIанила, амма цо заманалдасан гьел цIидасан хIалтIизе лъугьанила. Гьел заводал ругила хъулухъ – ишалда ругел чагIазул бакIал, гьединлъидал гьел къазе цIакъ захIмалъулеб бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ИсмагIилов Закирица.
XS
SM
MD
LG