МагъчIваялъе рес

Крым: Украиналдаса Россиялде


Крымалъ лъазабуна лъиданиги бачIоголъи ва официалияб къагIидаялда гIарза кьуна Росиялъул Федерациягун цолъиялъул. Гьединаб хIукму къабул гьабиялъул мурадалда тIобитIана Крымалъул парламенталъул хасаб данделъи. ХIукму тасдикъ гьабуна данделъиялда вукIарав нусго депутатасдаса гъорлъан 85-яс.

Цолъарал миллатазул гIуцIи ва пачалихъал Крымалъул депутатаз ахIана бащдабчIинкIиллъиялъул цIияб статус къабул гьабиялде. Хадусел галаби дандразе Москваялде ана хасаб делегация.

Гьединал галаби Крымалъул нухмалъиялъ гьаризе байбихьана гьатIан къоялда тIобитIараб референдумалда халкъалъ Украиналдаса батIалъун Россиялде нух бахъиялъул рахъ ккун хадуб. Официалияб лъазабиялда рекъон, Крым Россиялъул Федерациялъул субъекталде буссиналъул рахъ ккун буго гьаркьал кьуразул 97 гIанаб проценталъ.

Магърибалъул улкабаз ва жибго Украиналъ Крымалъул плебесцит лъазабуна къануназде данде кколареблъун. Референдумалда цебе Крымалъул парламент бихизабиялъул хIукму гьабуна Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ.

Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул тIадегIанай вакил Кэтрин Эштоница лъазабуна, Европаялъ Россиялде битIизе кколин Крымалда хурхун гьарулел галабазе гIоло гьелъие рукIине бегьулел захIмалъабазда хурхараб сигналин.

Польшаялъул къватIисел ишазул министр Радослав Сикорский: «Загьирлъун буго Крымалъул «аншлюс», ай, гьелъул аннексия. Халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъ гьеб жаваб гьечIого тезе бегьуларо. Референдум конституциялде данде кколеб гьечIо, гьелда гъоркь гьечIо къанунияб кьучI. Крымалъул гали къабул гьабизе гьечIо халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъ. Гьеб ккола, Евроцолъиялъ жинцаго абураб, гIумруялде бахъинабизе бугин абураб».

Талат къоялда Евроцолъиялъул улкабазул къватIисел ишазул министразул Брюсселалда тIобитIараб данделъиялъ хIукму гьабуна Украиналда загьирлъулеб кризисалда хурхун Россиялдаса ва Украиналдаса 2I официалияв хъулухъчиясде данде санкцияби хIалтIизариялъул. Гьезие визабазда хурхун чIезарулел руго гIорхъаби ва банказда ругел гьезул гIрацазул хьвади чIезабулеб буго.

Литваялъул къватIисел ишазул министр Линас Линкявичюсица лъазабуна, цогидал тадбиразда хурхарал хIукмаби хадусел къоязда къабул гьаризе ругин. Лъазабулеб буго жидеде данде санкцияби гьарулел гIадамазул сияхI халалъизабизе бугин Россиялъул президент Владимир Путинил сверухълъиялда ругел хъулухъчагIазул цIарал журанин.

Гьезда релъарал жидерго санкцияби лазаризе хIадурулел руго Америкаялъул Цолъарал Штаталги.

Россиялъ лъазабулеб буго Крымалда тIобитIараб референдум къанунияб кколин. Кремлалъул лъазабиялда рекъон, Россиялъул президент Владимир Путиница талат къоялда тIобитIизесеб парламенталъул данделъиялда цебелеъей загьир гьабизе бугин Крым Росиялъул Федерациялде гъорлъе босиялда хурхараб.

Россиялъул кIудияб даражаялъул парламентарияз рикIкIунеб буго формалияб къагIидаялда Крым Россиялде гъорлъе жубай кколин къокъаб заманалъул суалин.

Крымалъул депутатаз итни къоялда лъазабуна гьединго, украиналъул пачалихъияб кинабго буголъиялъул национализация гьабулеб бугин ва гьеб гьанжеялдаса нахъе кколин Крымалъул республикаялъулин.

Парламенталъ гьединго гривнаялда цадахъго гъурущги биччалеб буго хIалтIизе официалияб валюта хIисабалда. Гьелъ лъазабуна Крымалда гривна хIалтIизабизе бегьулин 20I6 соналъул тIоцебесеб январалде щвезегIанин.

Крымалъул парламенталъул спикер Владимир Константиновас лъазабуна, украиналъул рагъул гIуцIиял бащдабчIинкIиллъиялда риххизаризе ругин.

Крымалъул премьер-министр Сергей Аксеновас жиндирго Твиттералда хъван буго, 30 марталда республика Москваялъул заманде буссине бугин.

Итни къоялда Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ тасдикъ гьабуна президентасул 40 азарго резервистасул рагъул къуватазде мобилизация гьабиялъул буюри.

Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул ва улка цIуниялъул мажлисалъул секретарь Андрей Парубийица парламенталда лъазабуна 20 резервист рагъул къуватазде ритIизе ругин, хутIарал журазе ругин гьанже гIуцIараб Миллияб гвардиялде гъорлъейин.
XS
SM
MD
LG