МагъчIваялъе рес

Кремлалъ квер лъолеб Крым


Россиялъул рахъ ккурал Крымалъул тIадтараз лъазабуна жал хIадурал ругин крымтатаразул вакилзабазе вице-премьер, министразулги цогидал хъулухъалги кьезе. Гьеб гуребги, лъазабуна Крымалъул премьер-министр Аксеновас, гьеб автономияб республикаялда кIиго официалияб мацI букIине бугин – гIурус ва крымтатаразул мацIал.

Цебего абухъе Крым татаразул миллияб мажлисалъ лъазабун букIана жал тIубанго данде чIолел ругин 16 марталда букIине бугеб референдумалде Крымалъул статусалъул суалгун гьоркьоб.

Крымалъул премьер-министр Сергей Аксеновас лъазабуна, гьеб автономияб республикаялъул хIукуматалъул хиял бугин депортациялдаса ватIаналде тIад руссарал крымтатаразе хIалае кьолеб гIарцул къадар кIиго нухалъ цIикIкIинабизе жидерго рукIа-рахъиналъул шартIал лъикIлъизари мурадалда.

Нагагьлъун референдумалъул хIасилалда Крым Россиялде гъорлъе ани, гьеб бащдабчIинкIиллъиялъул тIабигIияб бечелъи билълъанхъизабулел щинал Украиналъул пачалихъиял идараби Крымалъул ТIадегIанаб шураялъул мал-мулклъун лъазабизе буго, ян тIаде жубана Сергей Аксеновас.

Гьеб гуребги – Крым гъурщил зонаялде гъорлъе ине бугин абуна гьес.
Крымалъул статусалъул суалгун гьоркьоб 16 марталда тIобитIизесеб референдум официалияб Киевалъ къануналде данде кколареблъун рикIкIунеб буго, щай гурелъул Украиналъул Конституциялда рекъон гьадинаб масъала тIолго Украиналъул даражаялда тIубазабизе кколелъул.

Амма гьелда балагьичIого Крымалъул тIадтараз Россиялъул квербакъиялдалъун гьаб суал гьоркьоб лъун буго. Кремлалъ лъазабуна Крымалда гIумру гьабулел гIурус миллаталъул гIадамал Россиялъ кIванагIан цIунизе ругин.

Гьелда разиял гьечIо Крымалъул татарал. Гьез абулеб буго жал жидерго умумузул ракьалде депортациялдаса тIад руссун хадусала бакIалъулал гIурус миллатчагIаз жидее зулму гьабулеб букIанин, гьединлъидал жидее бокьилаанин Украиналда рукIине.

Туркиялда бугеб Крымалъул татаразул диаспоралъ жиндир иргаялда гьеб улкаялъул тIадтараздехун буссун гьАрулеб буго тарихияб ватIаналда гIумру гьабулел жидерго ракьцоял цIунеян абун Россиялъ Крымалда ругел гIурусал цIунулаго гIадин.

Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъаница Эскишегьир абулеб шагьаралда букIараб митингалда цеве вахъун хъващтIан рагIи кьуна жидерго политикиял ихтиярал тIалаб гьабулел татаразе квербакъи гьабизе.

«Нижеца крымтатарал сан гьаричIого тезе гьечIо. Дица телефонияб гара-чIвари гьабуна Россиялъул президент Владимир Путингун ва абуна гьесде, Россиялда тIадаб бугин крымалда ругел гIурусал гурелги – крымалъул татаралги цIунизе».

Турказул Hurriyet абулеб газетаялъ лъазабулеб буго гьеб улкаялда житгараб къагIидаялда дандбалеб бугин Крымалъул статусалъул суал. РакIалде щвезабулеб буго 1783 соналда ГIурус чIужупача Екатерина КIиабилелъ гъулбасараб къотIи-къай.

Гьелда рекъон ГIусманияб къайсарлъи Россиялъул империялъе Крымалъул бащдабчIинкIиллъи кьун букIана, аммаила Туркиялъул ихтияр бугин Крымалда тIад жиндирго тIалъи цIигьабизе нагагьлъун крымтатараз жидерго лъидаго бачIеблъи лъазабуни ялъуни Крым лъабабилеб рахъалде гъорлъе ани, ян пикру гьабулеб буго Туркиялъул политикиял экспертаз.

Крымалъул ханлъи 1441 соналдаса байбихьун 1478 соналде швезегIан ГIусманияб къайсарлъиялъул рахъ кколаан. 1774 соналда Екатерина КIиабилелъ гъулбасараб къотIи-къаялда рекъон Крымалъул ханлъи лъидаго бачIеблъун лъазабун букIана. Амма гьелдаса нахъе гьенире щвана Турказул аскариял, рагъарана цо чанго кьал.

Гьезул хIасилалда Крымалъул ахирисев хан Шагьин Герайица тахалдаса инкар гьабуна ва Крым, Кубань ва Тамань лъугIана Россиялъул ракьлъун. Гьелда цIияб цIарги кьун букIана – таврида ян абураб, ва Турказул султIан гьелда разилъанин ракIалде швезабулеб буго турказул экспертаз.

Жиндирго территориялда сепаратизмалъул бербалагьи гьукъулеб Кремлалъ гьалкъояз ракIалде щвезабулеб буго «Инсанасул ихтияразул Декларация» абураб халкъаздагьоркьосеб документ.

Хасго щибаб миллаталъул ихтияр бугин суверенитет тIалаб гьабизе, ян абулеб мухъ. Ва гьеб тIалаб гьез базабулеб буго Крымалда ругел гIурус миллаталъул гIадамазул ахIвал-хIалалда. Гьелдалъун баккулеб буго суал – бугищ гьадинабго ихтияр крымтатаразулги гьез гьабсагIат гьединаб тIалаб гьабулеб гьечIониги.

Гьадинаб суал кьуна нижер радиоялъул мухбирас Оксфорд Университеталъул гIелмияв хIалтIухъан Адам Робертсие.

Адам Робертс: «Ращадал ихтияразул ва жидерго къисмат бачиналъул принцип Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Низамалъул тIоцебесеб бутIаялда лъазабун буго 1945 соналда. Гьелдаса нахъе гьанжелъагIан халат бахъунеб буго бахIс – кин гьеб принцип тIубазабизе кколебилан абураб.

Рес бугищ кагътида гуребги – гIумрудул шартIаздаги гьеб принцип тIубазабизе,- гьале аслияб суал. Рехсараб принцип цебеккунго ургъун мухIканаб гуреб къагIидаялъ лъазабун бугоан. Щибаб халкъалъул ихтияр бугин жиндирго пачалихъ гIуцIизе абураб магIна буго гьелъул.

Амма гьениб дурус гьабун гьечIо – хасго кинал халкъалъул гьадинаб ихтияр бугебали, ва ругищали гьадинаб ихтияралдаса махIрум гьарурал халкъал?

Узухъда гьеб принципалъ цо рахъалъан кIудияб роль хIана батIи-батIиял халкъал колонизациялъукьа рорчIизариялдаги Германия цолъизабиялдаги, цогидаб рахъалъан гьеб суал нахъеги баккана гIемерал конфликтазда.

Косовоялдаги, Шри-Ланкаялдаги, Гуржистаналдаги,Туркиялдаги. Крымалъулийн абуни – тIоцебесеб иргаялда гьикъизе ккола - гьеб ракь Украиналъул буталъун хутIизе ккола ян абураб пикру битIараб бугониги, бугищ крымтатаразул ихтияр жидерго лъидаго бачIеблъи тIалаб гьабизе?

ПалхIасил – рехсараб низамалда гIумрудул щибаб лъугьа-бахъиналъе, щибаб ахIвал-хIалалъе жавабал ратуларо. Гьединлъидал гьединал жавабал ратизе ккола кIалъа-басаязда, щибаб рахъалъул интересал цIунун».

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG