МагъчIваялъе рес

Митингазул регионалияб хаслъиялъул хIакъалъулъ


Дагъистаналдаги, тIолабго Шималияб Кавказалдаги тIоритIулел митингазул, протесталъул акциязул хаслъи бугин рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи Шамилов МахIамадицаги Гъизилюрталдаса блогер Бадрудин Ибрагьимовасги. КIиясулго пикруялда, гьел акциязул хасияталда буго тухумчилъиялъулги миллатчилъиялъулги лъалкI.

Бадрудин Ибрагьимовасул пикруялда, Шималияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда митингал яги протесталъул цогидал акцияби рикьизе бегьула чанго тайпаялде.

КIудияб пачалихъалъул хъулухъалда вугев жидер гIагарав чи яги росоцояв хъулухъалдаса махIрум гьавизе виччангутIиялъул мурадалда тIоритIулел митингал республикаялда рикIкIине бегьулин гIадатиялъунин, абулеб буго гьес.

Акциязул кIиабилеб тайпаги чанги хурхараб букIунин пачалихъиял хъулухъаздаги локалиял интересаздаги, гьезул гIахьалчагIи рукIунин аслияб къагIидаялда цо миллаталъул чагIиян, рикIунеб буго блогерас.

ГIадамал данде ракIариялъул лъабабилеб багьана гIуралъ тIибитIараб бугин ахирисел, «КТОязулин» абизе бегьулел соназдайин. Гьединал акциязул гIахьалчагIи кколин аслияб къагIидаялда низам цIунулез «рохьилазде» хурхен бугин абун ккурал яги жал кире ккаралали лъачIого тIагIарал гIолохъабазул гIага-божарал яги росоцоялин, абулеб буго Ибрагьимовас.

Гьесулго пикруялда, гIемер халкъ гIахьаллъараб акциязул иргадулаб тайпа хурхараб букIуна чанги пуланаб росдае яги гIадамазул къокъаялъе сундухъ букIаниги рихьизарурал пуланал гIарцил компенсацияби яги харжал заманалда кьунгутIиялда.

Митингазул тайпабазул бицунаго, Ибрагьимовас кIвар буссинабулеб буго, гьел киназулго цо гIаммаб хаслъи букIиналде - гьединал митингазда нахъ рукIунин цо чиясул яги пуланаб къокъаялъул интересалин ва тIолабго пачалихъалъул яги халкъалъул интересал загьир гьарулел акцияби Дагъистаналда тIоритIуларин абизе бегьулин, жубалеб буго блогерас ва кIвар буссинабулеб буго цо-цо митингал ракIариялъе гIараццин хIалтIизабулеб букIиналде.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:52 0:00
Интернет-мухъ

Низам цIунулезул профессионалияб цолъиялъул лидер МахIамад Шамиловас рикIкIунеб буго, Дагъистаналъул халкъазул гIаммал проблемаби рехсон, гIаммал тIалабал загьир гьарун гIадамал къватIире рахъунгутIиялъе аслияб багьана ккола, пачалихъиял хъулухъчагIазул миллатаздагьоркьосеб гьуинлъиялъул бакIалда гIагсалда рокьукълъи бижинабиялъул хьвада-чIвади букIиналда.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:45 0:00
Интернет-мухъ

Шамиловасул пикруялда, митингазда хурхун Дагъистаналда загьирлъеб хIакъикъаталъ бихьизабулеб буго республикаялда гражданияб жамгIият гьечIолъи яги гьелъул тохлъи.

XS
SM
MD
LG