МагъчIваялъе рес

Нугъаял цIидахъан ритIухълъи балагьун къватIире рахъана


Исана 6 октябралда, Нугъай мухъалъул полициялъул бутIаялда жанив чIварав, гIолохъанчиясул гIагарлъиялъ тIалаб гьабулеб буго гьеб такъсир гьабурав чи туснахъалда тIамейилан. Гьев васасда таманча речIчIиялда щаклъи бугев низамцIунулесда, гIайиб гьечIолъи чIезабизе къваригIун бугила къуваталъул идарабазе, гьединлъидал гьез цIех-рехалъул иш букIине кколедухъ гьабулеб гьечIилан лъазабулеб буго гьез. Жидерго тIалабал загьир гьарун, чIварасул гIагарлъиялъ 15 ноябралда Терекли – Мектеб росулъ митингги тIобитIана.

400-ялдаса цIикIкIун чи вакIарун вукIана шамат къоялъ Нугъай мухъалъул Терекли-Мектеб росулъ тIобитIараб митингалде. Гьеб гIуцIараз лъазабуна акция тIобитIииялъе гIиллалъун кканила Эрадил Асановасда таманча речIчIиялда щаклъи бугев полициялъул подполковник Жамалудинов Сайпуллакъади жеги туснахъ гьавун гьечIолъи.

Протесталъул гIахьалчагIи
Протесталъул гIахьалчагIи

Къуваталъул идарабазда гьев туснахъ гьавизе ракIалдацин гьечIин абун разигьечIолъи загьир гьабулеб бугоан гIадамаз.

Митинг гIуцIцIаразул цояв, чIварасул гIагарав чи ГIадильгереев Рустамица лъазабуна жидеца киналгIаги къанун хвезабулел, бегьуларел ишал гьаризе гьечIила, амма къануналда рекъон гьев Жамалудиновасе гIадлу гьабизабичIогоги жал гIодоре руссунарилан.

Рустам ГIадильгереев: «Ниж гьанире тIалъиялде, яги президентасде дандечIей лъазабун гуро къватIире рахъун ругел. Ниж гьанире рачIун руго гьаб гIорхъолъа араб ишалдаса разигьечIого. ГIорхъолъа ин букIинарищха чи чIван моцI аниги жеги гьеб такъсир гьабурасда тIад гьелда хурхун такъсиргьабиялъул ишцин рагьун гьечIеб мехалда.

Гьес жиндирго хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда бан гурони гьесда тIад иш гьабун гьечIо. Гьанже чи чIвай хъулухъалдаса цIикIкIун пайда боси кколеб рагIулаха.

Рустам ГIадилгереев
Рустам ГIадилгереев

Ццин бахъинчIого букIинищха гIадамазул гьединал ишал рихьараб мехалда, амма ниж сабру гьабун чIун руго. Эрадилида речIчIарав полициялъулав я нижехъе кьейин, я нижеца гьесда тIад диван гьабилин абулеб гьечIо, нижее къваригIун буго гьесие ритIухъаб тамихI гьабизе».

ЧIварасул гIагарлъиялъул рахъ ккун хIалтIулев вугев, адвокат Асланов Дилимханица митингалда бицана къуваталъул идарабаз жив хIалтIуде гьоркьове лъугьинецин виччалев гьечIила, Эрадил Асанов чIваялда хурхун гьабулеб цIех-рехалъул баянал кьолел гьечIила жиндихъе. Гьел идарабаз къанунги хвезабун, гIадамал тIаса рихьиялъе гьабулеб бугила хIалтIийилан.

Дилимханов Арслан: «Гьев Жамалудиновас цIех-рехалъул идарабазул кумекалдалъун живго тамихIалдаса ворчIизе хIаракат бахъулеб буго. Дица гьев туснахъ гьавейин абун тIалаб гьарурал хитIабалги, гIарзалги диваналъ цоялда хадуб цойгидаб гьабун нахъчIвалел руго. ГIадамазул разигьечIолъиги бихьун, гьел гIодоре риччаялъе тIаса-масаго хIалтIи гьабулел руго гьел.

Дилимхан Асланов
Дилимхан Асланов

Гьедин абичIого кинха букIинеб 14 ноябралда гьеб ишалда тIасан гьабулеб диваналда цIех-рехалъул вакилзабаз гьев Жамалудинов туснахъ гьавейин абун тIалаб гьабуна, амма диваналъ гьеб тIалаб нахъчIвана.

Щай гурелъул гьединаб тIалабалъул халгьаби тIобитIизе ккани жинде гIайиб гIунтIизабулевги вукIине ккола гьенив, гьев гьениве щвезабиялъул ишги цIех-рехчагIаз тIубазе кколеб жо буго. Гьеб кинабго гIемер лъикI лъалел гьез Жамалудинов диваналде вачун вачIинчIо, амма гьев туснахъ гьавейин абун тIалаб бачIана.

Гьеб жо буго гьадингояб чIанда, гIадамал тIадрелъулеб жо, гьединал жалги гьарун гьезие къваригIун буго халкъ гIодобе буссинабизе, амма гьелъул жо кколаро.

Гьедин къанунги хвезабун бачунеб буго гьез жидерго хIалтIи, тIаде жояялъе гьеб ишалда хурхарал я документал щолел гьечIо дихъе, яги цIех-рех унеб бугеб куцалъул хIакъалъулъ баянал кьолел гьечIо. Щиб гьабунги гьеб иш рагIалде бахъинчIого букIине хIаракат бахъулеб буго гьез».

Митингалде гьединго ячIун йикIана чIварав 22 сон барав Эрадиль Асановасул эбелги. Гьелъ бицана жиндитIе киса кибего тIадецуй гьабулеб бугила, гьеб иш лъугIизе тейин, гьелда сверун ахIи-хIур бахъинабугейилан абун.

Марина ГIадильгереева: «Гьаниб киназго бицунеб буго дица гIарац босун бугила, дие миллионал кьун ругила гьеб ишалда сверун ахIи-хIур бахъинабугейин абун. Амма дица лъихъаниги гъурущ босичIо, босизеги гьечIо. Дун гIарцухъ вас вичулей чIужу гуро, дун гIадатияй мискинай гIадан йикIаниги йичун йосун бажарулей чIужу гуро.

Марина ГIадильгереева
Марина ГIадильгереева

Дие гьаниб кIанцIизе бакI тIагIинабулеб буго къуваталъул идарбазги, тIалъиялъги, гьезие къваригIун буго гьаб ишалда сверун ахIи-хIур дица гьоркьоб къотIизе тезе. Гьедин дун хIалтIулей йигеб почалдасангицин байбихьун буго гьанже диде тIадецуй гьабизе.

Гьелго низамцIунулез дица гIарац босун бугилан абун харбал риччан руго, амма гьеб буго лахIчIегIераб гьереси. Киналниги миллионазухъ вичуларо дица вас, гьел миллионаз гьев нахъги вуссинавуларо».

Митингалде рачIун рукIана цохIо Нугъай мухъалдаса гурелги цойгидал мухъаздасаги, хIатта аскIо ругел республикабаздасагицин гIадамалги.

Гьезул цо-цояз лъазабулеб букIана митингалги тIоритIун гIадада харбал рицун жо кколарила, гьедин чIчIун ругони гIадамазухъ гIин тIамулев чи вукIунарилан.

АхIиги, тIалабалги тIалъиялда рагIизе ккани я нухал къазе кколила, яги МахIачхъалагун Москва бакьулъ акциял тIоритIизе кколилан. Амма тадбир гIуцIараз лъазабуна гьедина гIорхъолъа арал, къанун хвезабулел ишал гьаризе гьечIила жидеца, жидеца гьеб такъсир гьабурав чиясе тамихI гьаби къануналда рекъон тIалаб гьабизе бугилан.

Акциялъул гIахьалчагIаз ахиралда къабул гьабуна Россиялъул ва Дагъистаналъул тIалъиялдеги, къуваталъул идарабазул нухмалъиялдеги гьабураб хитIаб.

АкциячагIаз гьелда тIалаб гьабулеб буго Эрадил Асанов чIваялъул ишалда хадуб гьезул щивас хасаб халкввей гьабейилан. Гьеб хитIабалда гъоркь дагьалдасан азарго чиясул гъулбас бакIаризе ракIалда буго митинг гIуцIаразда.

XS
SM
MD
LG