МагъчIваялъе рес

"Халкъиял" кучIдул рукIунаро


Кин бижараб жо халкъияб кечI, сарин, назму, магIу, хьами, аби, кици-бицен? Кинаб цебе бижараб ва кинаб хадуб бижараб? Кин гьеб халкъалъ гьабураб?

ГьабичIо халкъалъ кечI. Цо бакIалде халкъги бакIарун кечI гьабуларо. Гьел руго автор виларал кучIдул ва бетIергьан лъаларого "халкъиял" абун цIар лъурал. Цоцахъе кьун халкъалъ цIунана гьел. Масала, некIо магIарухъ кочIохъан гьарун цIалун цеве вахъизавулаан кечI ахIизе. КочIохъанас кидаго кьолеб цохIо суал букIана.

"Рокьулищ ахIилеб, кьалулищ?" - абун. Гьеб кIиго кечI букIун бугоха бищунго гIенеккаразул рекIеда квалулеб ва асар гьабулеб. БукIинчIебани гьедин гьикъилароан кочIохъанас. Рекьулищ ахIилеб вехьлъиялъулищ, ялъуни хурухъанлъиялъулищ ахIилеб ахихъанлъиялъулищан гьикъулеб рагIичIогури нилъеда киданиги.

Гьезул чIобогояб рокьи-кьалалдаса хIисаб гьабурабго кигIан кIвар бугеб жо бугеб цагърал цIун бачIинги чIалда мохмохги? Бугоха. Батани щайха ал рокьи-кьалалъул ахIулел ругел? Щай гурелъул магIарулаца кидаго чехьалдаса напс тIадегIан гьабулеб букIун. РухIияб рахъалъул кIвар цIикIкIараб букIун. ГIадада цебе гьабураб жо гуро ахихъанлъиялдаса рокьигун кьал?

Щибанха гьениб ахIулеб букIараб, киналъеха цIикIкIун кIвар кьолеб букIараб, рокьуейищ, кьалуейищ? Гьеб кIиябго кидаго цадахъ рукIана. ГIемерисеб мехалда рокьи кьалде буссунаан. Буссинеги гьеб кьалде буссинабулаан гIадатазги диналъги. РакIалъ гIолилазда цо абулеб букIун, гIумруялъул, гIадатазул, диналъул цойги тIалабал рукIун.

Гьеб цIакъго рекIеда хъатIуледухъ къабул гьабулаан, гьеб жидер рекIел хIал загьир гьабулеб шигIру-кечIалъ асарги гьабулаан, гьелъ ахIизеги тIамулаан. Кин доб букIараб поэтсаул кочIол ва жергъадул хIакъалъулъ?

БагIараб цIадуца боркьизе гьабун,

Рокьул кечI ахIеян кьола гIолилаз.

ГIолохъанаб заман ракIалде щвезе,

Кьалул бицейилан абула хераз.

Дир жергъен, дир жергъен -

ГIумрудул гьудул..." - ин ахIулаан ХХ гIасруялъул машгьурай кочIохъан Муи ХIасановалъ. Кидаго магIарулаца гIелаз гIелазухъе кьун ахIулеб кечI букIана гьеб кIиго темаялда - рокьул ва кьалул. РукIана цойги темабиги, масала "Кьурулъ хутIарав ГIали" - жахIда, хIусуд, хъантIи, инсанасул бищунго гIодобегIанаб, инжитаб рахъ бихьизабулеб асар. Жидедаго гьоркьоб боцIи бикьиялъул мурадалъ вацаз вац кьурса гъоркье реххулев вуго, чIвалев вуго.

Гьеле гьеб инжитлъи такрарлъичIого букIиналъул мурадалда бижана, ахIана, некIсиял умумузухъа бахъараб нилъехъе щун бачIана гьеб кечI. Гьединабго кIваралъул асар бугин абизе бегьула "МугIрузул ГIали". МацIал гьариялъ цоцаца чIван реххулел рукIин бихьизабулеб. Гьадинал социалиял темабазул ва хъантIи, вахIшилъи, мацIихъанлъи бихьизабулеб асар нилъер кIалзул гьунаралда цо чанго гурони гьечIо. ХутIанщинал киналго асарал руго рокьулги кьалулги.

Гьеле гьеб кIиго темаялда гурони кечI ахIулареб авар миллаталда гьоркьоса ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда вачIана хIикматаб пасихIлъиялъул, лъикIаб пагьму-гьунаралъул, гъваридго инсанги, гIаламги, гIумруги, динги бичIчIулев гIалим ва шагIир ТIадинхоса ГIалихIажияв. ХутIанщинзда шагIирлъиялъулъги, кочIохъанлъиялъулъги заман чIвай ва ихтилат бихьулеб букIун батани, гьесда бичIчIана шагIирасда тIад гIалам кантIизабиялъул борч букIин. Аллагьас инсанасе кьураб пикругун пасихIаб мацI живго Вижарасда цебе жавабияб букIин ва гьелъ инсан витIараб нухде вачизе ккей.

Гьеле гьеб бичIчIиялъул хIасилалда хъвана гъос алфазалги, инсан хвалил пикру гьабизе тIамулел философияб гъварилъиялъул "Ракь", "ХъахIаб рас" абурал кучIдулги. "Макка бахъи" ва Дагъистаналъул гъазаваталъул бахIарзазде назмабиги. ГIалихIажияс рокьулгун кьалул гурел кучIдул ахIулареб миллаталда гьоркьоб кьучI лъуна аваразул классикияб адабияталъе.

Гьес инсан ахIана бахIарчилъиялде ва жавабчилъиялде: "Балагьазул къояз къирарал цаби, къалмаллъун рахъуна нахъе ругезе" - ян гIадада абичIо шагIирас. Гьев квалана аза-азар цIалдолезул ракIазда ва жакъаги такрар гьавулев вуго халкъалъ.

Инхоса ГIалихIажиясул гIумруялъул, шигIрияб нухлул ва гьелъул хаслъабазул бицинеб буго иргадулаб гьатIан къоялъ. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG