МагъчIваялъе рес

Алиса Ганиева: «Литературияб процесс гьечIо Дагъистаналда»


Дагъистаналдаса хъвадарухъан Алиса Ганиевалъул «Жених и невеста» абураб тIехь «Русский Букер» абураб премиялъул финалалде бачIун буго. Гьеб кколеб буго гIолохъанай хъвадарухъаналъул лъабабилеб тIехь. Романалда бихьизабулеб жакъасеб Дагъистаналъул жуба-гъубаялъул щиб хадуб лъугьинебали нилъеда бараб бугин абулеб буго хъвадарухъаналъ, гьелъул бицунеб бугила тIехьалдаги.

Гьеб тIохьода бицен гьабулеб буго Каспий ралъдал рагIалда бугеб цо поселакалда рукIа-рахъин гьабулел, 50-60 соназ магIарухъа гIодолъиялде гочарал гIадамазул хIакъалъулъ. Гьел кколел руго магIарул гIамал-хасиятги тIагIарал, Европаялъул хьвада-чIвадиги жеги тIубан босичIел, гьоркьолъиялда ругел чагIи.ц

«Жених и невеста» абураб тIехь къватIибе бачIарабго лъазабун букIана гьеб тIехь «Русский Букер» абураб премиялъул сияхIалде босун букIиналъул, гьал къояз лъана гьеб финалалде борчIун букIиналъул. ТIоцебесеб хъвадарухъаналъул «Салам тебе, Далгат» абураб тIехь мустахIикълъун букIана гьединго «Дебют» абураб литературияб премиялъе.

«Русский Букер» кколеб буго бищун тIадегIанаб даражаялъул литературияб премиял Россиялда кьолеб. Премиялъул комиссиялъ жиндир тIехь рикIкIиналъ жиндир асарал цIалдохъабазда гъорлъ машгьурлъи бугила жиндие рекIее гIолеб хIужа, амма кинаб премия щваниги жий дойго гIадан йигин баян гьабуна хъвадарухъаналъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Алиса Ганиева: «Гьел сияхIал ракI разиял жал руго, амма гьелъул кIудияб батIалъи гьечIо. Гьелъул кIудияб пайда буго тIехь къватIибе лъай, къватIисан хабар, гIадамазда тIохьол хIакъалъулъ лъай. ЦIалдохъабазул къадар цIикIкIин буго бокьарав хъвадарухъанасул анищ, адабияталъул премиялъ кьола гьеб рес.

«Русский Букер» буго Россиялда бищун тIадегIанаб даражаялъул премия, амма кинаб премиялул финалалде аниги, инчIониги дунги йиго дойго гIадан, дир тIахьалги долго руго».

Гьеб романалъул тIанчаздасан нилъеда бихьула жакъасеб Дагъистаналъул хIакъикъат: динги светияб рахъги, политикаги, криминалги, гIадаталги модернги. ГьабсагIат бугеб гьеб кинабго жуба-гъубаялъул, щиб хадуб лъугьинеб ва кинин бихьулеб Дагъистан , масала , 20 соналдасанин абураб суалалъе жаваб гьадин баян Алиса Ганиевалъ.

Алиса Ганиева: «Чанго нухал руго Дагъистаналъул. Щибдай ккела гьаниб: я цIогьазул ва такъсирчагIазул бусен, я нахъе ккарал, диниял, бечемахIал гIадамазул бакI, яги эркеназул, цIаларазул хIукумат, гьеб бараб буго нилъедаго. Дир киналго тIахьал руго гьелъул хIаъкалъулъ – щиб бугеб Дагъистаналъул рес. Ресал руго гIемерал, амма кIвелебищ, кIвеларебищ гьеб нилъеда хисизе, бараб буго нилъеда. Дун йиго оптимист, дида ккола хисизе кIолин нилъедайилан».

Хъвадарухъаналъул лъабабго роман буго Дагъистан ва гьелъул рукIа-рахъин гъорлъ бессараб, бищунго гьел хъварабги гIагараб букIуна дагъистаниязе. Къабул гьабулищ дагъистанияз жиндир хъвадарухъанлъийинан абунани аслияб къадар гIадамазда жиндир асаразулъ жакъасеб хIакъикъат бихьулин бицана Алисаца.

Алиса Ганиева: «Бербалагьи батIи-батIияб буго: цояз какула, цогияз еццула, амма гIемерисезда хIакъикъат бихьула дир тIахьазда. Гьеб хIакъиъкат бокьун батичIони, нужеца гIумру хисе, диде ганчIал рехичIогон, гьединаб кьела дица жаваб».

Профессиялда рекъон, Алиса Ганиева ккола литературияй критик. Жакъасеб Дагъистаналда рахъулел тIахьазда, цIиял асаразда хадуб хал кколищ дуца, кинаб къимат кьезе кIолеб жакъасеб литературияб процессалъе, республикаялда унеб бугебин абураб суалалъе жаваб гьабулаго гьелъ бицана жакъа къимат кьезе литературияб процессго бихьуларин жинда республикаялда.

Алиса Ганиева: «Адабияталъул процесс дида бихьуларо Дагъистаналда. Цо-кIиго шагIир вуго жидер рахьдал мацIазда хъвадарулел. ГIурус ва авар мацIалда хъвадарулев бергьарав прозаик вукIана ГъазимухIамад ГъалбацIов, амма гьевги ана. Хъвадарухъаби рукIаниги, критикал гьечIо Дагъистаналда, цого цо Светлана Анохина гурого. Газеазда «Культура» абураб рубрикаги гьечIо. Процесс гьечIони къиматги кисаха босилеб».

Алиса Ганиева жакъа ккола цого цо хъвадарухъан гурейги медиасурсатазда гIемер паркъулей гIадан. Жакъасеб хIалалда хъвадарухъанасе рес гьечIин сверухъ бугелдаса вахчун вукIине, гьев бокьаниги бокьичIониги кколин жамгIияв чи, амма жакъа бугеб машгьурли, кинаб гьеб бугониги, гьеб кколарин кIвар бугеб хъвадарухъанасе, кIвар бугеб кколин 50-100 соналдасанги дур тIахьал гIадамаз цIалулел рукIинин абуна ахиралда хъвадарухъаналъ.

XS
SM
MD
LG