МагъчIваялъе рес

Лъица ва щай рикъулел Дагъистаналда гIадамал? (видео)


Ниналалов СагIидил вац ХIасан викъун вукIана лъаларел чагIаз 2000-билеб соналда. Гьесие цо рахъалдасан битIун ккун буго-вац чIаго нахъе щун вуго, амма 13 соналъ цебе букIараб гьеб лъугьа-бахъин жакъаги ракIалде щоларев ва гьелъул бицунарев чи жидер хъизамалда гьечIин абулеб буго СагIидица. Гьесул вац викъилалдеги рикъулел рукIана Дагъистаналда гIадамал, рикъулел руго гьанжеги. Доб мехалда гIарцуе гIоло рикъулел рукIун ратани, гьанже идеязде балагьун рикъулел руго.

13-гIан соналъ цебе сентябралъул къоялъ жидер хъизамалде тIаде бачIараб къо жакъаги ракIалда бугониги, вац валагьулевгIан заманаялда жинда дандчIваралщинал хIалихьатал ва чияр къварилъиялдаса пайда босизе рахъарал гIадамал кIочене хIаракат бахъаниги кIочонел гьечIин ва гьанжегIаги гьезул чIаго хутIаразеги гьезда релъарал цогиязеги тамихI гьабиялда хьулги бугин байбихьана СагIидица хабар.

Гьединазул цоявлъун СагIидица рехсолев вуго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул гIуцIараб такъсирчиялъиялде данде къеркьолеб идараялъул рикъарал гIадамал ралагьиялъул хIалтIи гьабулеб бутIаялъул бетIерлъун вукIарав Темирбулатов Имамудин.

Гьес жиндихъеги ахIун буго СагIидида дур вац вугев бакIал жидеда лъалин, гьев Чачаналъеги ъамун гьечIин, гьев вугин Шамиль мухъалда ва жидеца гьев эркен гьавизеги вугин.

СагIид: Щайха нилъ чIун ругел? Рилълъа хехго гьенире!

Имамудин: ЧIа! Хехдаруге! ТIолабго информациялъул жеги хал гьабизе ккола, гьеб кьурал чагIазе кьезе гIарац бакIаризе ккола, гIарац кьечIони гьев нахъе щоларо. Дица дие гьеб кьейин абулеб гьечIо, амма гIадамазе кьезе кколаха. Дие кьелищ кьеларищ-гьеб дур иш буго, вац рокъове щвараб мехалда мунго балагьеха!

СагIид: БукIарабани миллионги кьелаан дица. Киса дица гьеб босилеб?

Имамудин: 150 азарго доллар гIагищ дуда кIолареб бакIаризе? Дуе дурго вацасдасайищ гIарац бокьулеб?-ян гьикъардун вуго офицер СагIидида.

СагIидица байбихьун буго Имамудин щив чи вугевали лъазабизе. Гьевгун хIалтIулез веццулев цоягияз какулев вукIун вуго гьев. Экстремизмалде данде кьеркьолеб идараялъул бетIерлъун вукIарав ГIакъилов Ахъбердилас СагIидида гьикъун буго гьев аферистас жиндирго рагIаби уяллъун гьарулел кинал далилал дуе рачаралин- вац вахъараб кассетайищ бихьизабураб, гьес хъвараб кагъатищ кьурабин?

Гьеб мехалдаги СагIидица гьел рагIаби тун руго гьоркьоб конкуренция бугел идарабазул хIаял угин абун. Чанго къоялдасан живго ГIакъиловги чIван вуго.

Квеш-лъикI бакIарун буго СагIидица гьеб гIарац, кIудияб балъгояб операция гьабулеб куцалда Буйнахъскаялде унеб нухда гIарац босизе вачIун вуго Имамудин. Жинца духъе ахIилинги абун босун гьебгун унги вуго.

АхIун буго гьес лъабго анкьидасан.
Жиндихъе вачIарав СагIидида гьес абун буго къаси рилъине ругин дур вац хвасар гьавизе, дурго чагIиги рачун чанго «Ниваги» бачун рачIайин, нухал лъикIал гьечIин нилъ рилъине ругеб бакIалдайин.

Киналго ракIа-рахарун, СОБРалъул къукъаги бачун ун руго гьел магIарухъе. Чанго сагIаталъул нухги нахъа тун батараб цо росдал рагIалда бугеб рукъ сверун ккун буго низам цIунулез. Азбаралъул кавабиги машина кьабизабун тIезарун жанире рортун руго цин Имамудин ва хадуб тIолабго гьазул къапила. Гьенирин абуни, гьеб тIолабго хъуялъухъцин рорчIичIого кьижун ватун вуго кIигояв. Гьезул цоясде килищги битIун абун буго Имамудиница гьеле гьев вугин гьаниве вачейин гьевин.
Хадуб кьвабкьабун буго гьесда: «Хъурумсахъ! ГIадамал рикъулев чи! Кив дуца вахчун вугев викъарав чи»,- абун.

Гьеб мехалда жинде ракIалде щванин советияб заманаялъул комедиялда абулеб букIараб: «НагIана батаяв социялистияб буголъи бикъулев цIогьор!»-абурал рагIабиян бицана СагIидица ва абуна гьеб мехалда жинда тIолабго бичIчIанин...
Жиндирго чагIиги рачунаго рокъобе нух босун буго гьес.

ГIарацги цинго нахъе кьолеб букIун гьечIо Имамудиница дуе гIарцищ къваригIун бугеб дур вацищин гьикъун. КъваригIани жинца нахъеги бакIарилин, гьеб налъуе босараб нахъе кьезе кколин абун хIалихъе тIезабун буго. Гьебги батун буго дагьаб тIаса босун. Имамудиница абун буго магIарухъе унел машинабазде жанибе бензин тIунин гьеб гIарцудейин. Хадубги тIатун буго гьоркьоса долларал гьересиял кагътазде хисун. Гьедин жеги тIаса камизабун батун буго 10 азаргоялдаса цIикIкIун доллар.
Жинда бихьараб жо гурин, дуца гьединалго кьун рукIун ратилин тIирун чIун вуго Темирханов.

Жидеца абуни, кинабго цIидасан байбихьизе кканин абуна СагIидица...

Жакъа Дагъистаналда букIиниселде ва ритIухълъиялде хьул лъезабулел хиса-басиял кколел ругин ва бихьулеб бугин жиндир вац викъарал ва гьев «хвасар гьаризе рахъун рукIарал цо-цо» тайпаялъул гIадамаздаса республика бацIцIад гьабизе байбихьун букIин. Гьединал гIадамазе абуни, инсан чIвай элементарияб иш букIанин тIадеги жубана СагIидица.

Щайха доб мехалда викъун вукIараб гьесул вац ХIасан?

Ниналалов СагIид
Ниналалов СагIид
Ниналалов СагIид: «Жиндир заманаялда дида бажарун букIана Дагъистаналда тIокIаб гьечIеб гIадаб Кубачиялъул меседил тIагIелазул комбинат гIуцIизе ва гьелъ хайирги кьолеб букIана. Гьезда ккун бугоха, гьеб мехалда, дица бетIер цIакъго борхун бугин. Амма Дагъистаналда абуни, дуда кверчIвалел, дуе "тIохлъи" гьабулел гIадамал яги дуда нахъа гIураб къуват гьечIони бетIер борхизе бегьулеб букIинчIо».

ЭР: Щиб букIараб бищунго захIматаб дол къоязда нужер хъизаналъе?

Ниналалов СагIид: «Доб заманаялда дие бищунго захIматаб букIана валагьун чIей. Унел рукIана къоял, моцIал, амма дида щибго лъалеб букIинчIо вацасул хIакъалъулъ, лъалеб букIинчIо кумек лъида гьарилебалицин. Гьев валагьизе букIараб гъирацин къинабулеб букIана ва хIинкъизарулел рукIана цо-цо мехалда гьеб сихI къотIиялъ».

Викъараб мехалда СагIидил вац ХIасание букIун буго 34 сон. Викъунги вуго гьев 2000 соналъул сентябралда МахIачхъалаялда жиндирго рукъалдаса рикIкIад гьечIеб бакIалда. Гьесул автомашина чIезабун буго документазул хал гьабизейинги абун нухда низам чIезабулеб милияциялъул къукъаялъ ай ГАИялъ. Автомашинаялда жаниса къватIиве вахъинчIого гьезухъе гьес документал регьараб мехалда гьез гьесда абун буго багажник рагьеян. Гьезул буюри тIубазабизе къватIиве вахъараб бакIалда нахъе квералги кьурун, жидерго автомашинаялдаги рекIинавун вачун ун вуго гьез гьев. Гьесул документалги тун руго гьеб бакIалдаго гьесул автомашинаялде жаниреги рехун.
ХIасан викъула рихьарал гIадамаз бицун буго СагIидида гьев унго-унгоял милицияз викъун анин. Милициялъул кинаб идараялде СагIидица хитIаб гьабуниги лъидаго щибго лъалеб жоги букIун гьечIо. Гьедин лъалкI тIагIун буго ХIасанил.
Гьев эркен гьавун хадусан лъан буго СагIидида гьеб киналдаго нахъа доб мехалда депутатлъун вукIарав Генуса ГъазимухIамад вукIин.

ЭР:Кинаб бухьен букIараб гIадамал рикъулел чагIигун депутатасул, гьеб букIун батаниха ва кин гьес нухлул полициялъул чагIи чи викъизе тIамурал?

Ниналалов СагIид: «Генуса ГъазимухIамадил доб заманаялда рукIана бокьарал ресал. Гьесдаса хадуб, гьединал ресал рукIана Генуса ХIажидадаев Ибрагьимилги. Гьел рукIана цо хъизамалъул, цого хъулухъазул, цоги бидул чагIи. Гьел хIалтIулелги рукIана милициялъул ретIел ретIарал гIадамалгун».

ХIасанил лъалкI батун буго лъагIелгун хадуб заман ун хадусан. Гьелъиеги СагIидие квар-бакъи гьабун буго, гьес цIар бицинчIев полициялъул полковникас.

Ниналалов СагIид: «Гьес дида бицинчIо вац кив вугевали, гьес абуна гIарац босун вачIайин жинца гьев дуда аскIове щвезавилин. Дица абуна цинги далилал рихьизарейин. Чанго къоялдасан гьес бачIана дир вацас хъвараб кагъат. Гьеб букIана Америкаялда 2001 соналъул 11 сентябралда ТIолго дунялалъул Дармил Центр кьвагьизабураб заман. Гьениб вацас хъвалеб бугоаан жинда лъалин гьеб теракталъулин. Гьеб мехалда дида бичIчIана гьеб кагъат гIагарал къоязда хъвараб букIин. Гьеб мехалда дун гьесда божана ва вацасул хIалалда хIинкъарав дица байбихьана гьесулгун даран гьабизе».

ХIасан тIад вуссун вуго викъараб къоялъ гьесда тIад ретIун букIараб ратIлъилъ. Рокъове щун хадусан жидеца гьесул хал гьабулеб мехалда гьесда букIараб гъоркьан ретIел турун хIулун лъугIун бугоанин бицана СагIидица.

Ниналалов СагIид: «Байбихьуда кIиго моцIалъ ХIасан ккун вукIун вуго МахIачхъалаялда цо рукъалъул гвендинив. Хадув гьев вачун вуго магIарухъе ва цо нохъинив жанив тIамун вуго. Гьеб букIун буго цо метрагун бащдаб борхалъудаги гIеблъигун халалъудаги бугеб къваридаб нохъо. Гьелде жанире нухги кьурда гъоркь бугеб цо кьватIелалъусан букIун буго. Гьедин къаркъала битIизабун вахъун чIезе яги щвакбитIун вегизе рес гьечIеб бакIалда дир вацас бан буго цо лъагIелги кIиго моцIги. Гьесие квен-лъим босун рачIунел чагIазул гьурмазда кидаго маскаби рукIунел рукIун руго. Гьесде жидегоги гьел ахIдолел рукIун руго нахъегIанги къан тIагъур бадибе цIаян. Гьесда гьезул гьаракь гурони тIокIаб кинаб букIаниги сипат-сурат лъаларо».

ГIадамал рикъулел ва гьезие гIазаб кьолел чагIазе тамихI гьабизе букIиналда СагIидилго гIадин хьул кIудияб буго Ленинкенталдаса ГIабдуллаева Сидратилги. Амма гьелдасаги кIудияб хьул буго гьелъул 6 июналда викъун арав жиндир вац 25 сон барав Шамиль тIадвуссине вукIиналда. Гьесдаго цадахъ викъун вуго Закаригаев Шамиль абулев гIолилавги. Гьел хIалтIулел рукIун руго инкасатораллъун. Жакъаги гьезул хIакъалъулъ лъалеб щибго хабар гьечIо.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:02 0:00
Интернет-мухъ


Нижеца бухьен гьабуна Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталдаса кIиявго Шамиль викъиялъул ишалда тIад хIалтIулев Асланбеков Имамгун.
Амма гьесухъан щварал баянал кIудиял ккечIо.

Асланбеков Имам: «Гьеб хабар лъараб ва гIарза кодобе щвараб параялъ нижеца рагьана такъсир гьабиялъул иш ва гьелда тIад хIалтIи унеб буго».

Сидратил баяназда рекъон, гьанже нугIзал хIинкъулел руго КIиявго Шамиль викъулеб къоялъ жидеда бихьараб бицине.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:37 0:00
Интернет-мухъ


«Правозащита» абулеб идараялъул баяназда рекъон, Дагъистаналда аслияб къагIидаялда рикъулел руго салафияздехун цIайи цIикIкIарал гIолилал, амма Сидратица бицухъе гьелъул вац вукIун вуго СагIид Апандил мурид.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:53 0:00
Интернет-мухъ


ТIадехун рехсараб «Правозащита» абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялъул идараялъул баяназда рекъон, гьез хIадурулеб буго ахираб чанго соналъ рикъарал, чIван ратарал, жанир тIамун ратарал ва рокъоре тIадруссаразул хIакъалъулъ статистика. Тарихал рехсечIогоги гIадамал рикъи дагьлъулеб бугин абизе кIоларин жиндаян бицана гьеб идараялъул нухмалъиялдаса Тарасова Фатимаца Эркенлъи Радиоялъе.

Тарасова Фатимаца: «Рикъарал гIадамал ратиялъул хIужжаби гьанже цIикIкIунел ругин абураб пикру ботIролъе бачIарабго ракIалде щола рикъун арал ва лъалкI тIагIаразул яги чIван ратазул гIемерал цIарал.
Масала, Хважалмахьиялъул сияхIалда рукIарал кIигоял Тимирчиев МухIамадтIагьирги ГIабдулмажидов Шамильги ракIалде щвезаруни- гьезул цояв викъула Хасавюрталда цогияв МахIачхъалаяда июль моцIалъул бакьулъ, цинги чанго къоялдасан гьел кIиялго ратулел руго Лак мухъалъул рохьор полициязе дандечIей гьабулеб букIанинги абун чIван.

Лъица викъун ватаниги чи, кинабгIаги квал-квал гьечIого цо бакIалдаса цоги бакIалде гьев вачине лъил рес букIунеб полициялъул щибаб чIовудабакIалда документазулги автомашинабазулги хал гьабулеб мехалда?
Цоги бичIчIулеб гьечIо гьел кIиялго гьенир рохьорищ чIварал яги цоги бакIалда чIварал гьезул жаназабийищ гьенире рехаралали.
Амма бичIчIулеб буго гьезда щиб гIайиб бугебалиги лъазабичIолъи ва батани гьеб гIайибал тIад чIезарулеб дивани гьезие гьабичIолъи.
Полициялъул гурел цоги чагIаз гьеб гьабун батаниги, щай полициялъ толеб гьединал жал гIадамазе гьаризе?»

Тарасовалъ ракIалде щвезабуна викъун арав хадусеб къоялъ чIваялъул цоги гьадинаб хIужжаги.

Тарасова Фатимаца: «Араб моцIалда викъун вукIана Дагогниялдаса Бабаев Сейфудин. Гьев балеб бакIалъе хIажатаб къайи-цIа босизе ун вукIун вуго базаралде. Гьев викъун инаги вихьун вуго гIемерав чиясда. Вихьаниги щиб? Хадусеб къоялда лъазабула гьев автомашинаялда жанив кьвагьун вугин».

Рикъун арал тIадруссиналъул хIажжабиги гIемерал гьечIониги рукIунин абуна Тарасовалъ.

Тарасова Фатимаца: «РукIуна рикъунги ун рокъоре тIадруссаралги. Гьединал хIужаби гIемерал гьечIониги, амма рукIуна. ХIинкъизарун, яги гьелгун хIалтIизе къотIи гьабун, яги гIумру гьабулеб бакIал тун кивениги инарин кагътазда гъулбас лъун къватIире ричIчIалелги руго.

Гьединал хIужабазул бищунго лъалеб лъугьа-бахъин ккун букIана Дербенталдаса Мирзеханов ГIалибегие. ГIагаразда чанго къоялда лъалеб букIинчIо гьев кив вугевали. Гьесухъе ярагъги рехун такъсир гьабиялъул ишги букIана гьесда тIад рагьун, аддоптациялъул комиссиялъ ритIухъ гьавун хадуб кIиабилеб нухалдаги викъун вукIана гьев.

Пал-хIасил-гьес интернеталда лъугьа жиндие гьез гьабулеб букIарабщиналъул бицараб видео. Зулмуялда гъоркь жинда дагьал лъалелги лъазего лъаларелги гIадамаз гьаричIел жал гьарунин бицине жив тIамиялъул.



Гьелъие жаваб хIисабалда низам цIунулез интернеталда лъуна тIоцебесеб нухалда гьесул сурав босулаго бахъараб видеоги, хадуб гьесул сураталда гъоркь кьураб гьесул гьаракьги.


КIиабилеб нухалдаги видео щай кьечIебали ГIалибегица бичIчIизабулеб букIана жиндир кверазул килщазде токил кваралги рачун кагътида хъваб жо цIализабулеб букIанин жиндайин. Видео кьун букIарабани гьелда гьеб кинабго бихьизе букIанин».

Ниналалов СагIидица абуна жиндир гIагарав чи викъун араб ва гьесул хIакъалъулъ хабар къотIараб мехалда гIагаразда чIолеб къо гьеб бихьарав чиясда гурони лъаларин ва гьеб киданиги кIоченеги кIочонарин. Амма 21 гIасруялда демократиябин абулеб улкаялда гьединал хIужжаби ахирисеб 15-20 соналъги лъугIулел щиб дагьлъулелцин гьечIолъи кинин бичIчIизе кколебин абураб суал буго гьесул.
XS
SM
MD
LG