МагъчIваялъе рес

Гулбузде данде видеохалкквей


Дагъистаналда журналистазул гIумруялъе хIинкъи букIиналъул хIужаби цIикIкIунел рукIиналда бан гьалдаса хадур гIадамал хьвадулел бакIазда видеокамераби лъезе ккеялъул суал борхулеб букIана гьал къоязда Дагъистаналъул информациялъул алатазул вакилзабаз. Гьелда хурхун тIалъиялъ хIадурулеб буго «ХIинкъи гьечIеб шагьар» абураб хасаб программа. Амма киназго гуро гьеб пикруялъул рахъ кколеб бугеб.

Журналистазул гIумруялъе хIинкъигьечIолъиялъул шартIал гIуцIиялъул мурадал абураб цIаралда гъоркь «Черновик» газеталъ арбагI къоялъ гьеб суалалда тIасан тIобитIараб гургинаб столалда бицунеб букIана гьелъул.

Дагъистаналъул нухмалъулев МахIамад-Салам МахIамадовас сентябралъул ахиралда цогидал хIакимзабиги ракIарун абун буго «ХIинкъи гьечIеб шагьар» абураб программаялда рекъон хIажат бугин гIемерал гIадамал хьвадулел бакIазда видеокамераби лъеялъул суал къокъаб заманалда жаниб рагIалде бахъине. Гьелъул кумекалдалъун рес бугин республикаялда журналистазда ва цогидал чагIазда хурхун такъсир гьабурал чагIи ралагьизе.

"Черновикалъул" редакциялда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъун вуго 40 гIансев чи. Я цIех-рехалъул комитеталъул, я прокуратураялъул гьединго жанисел ишазул министерлъиялдаса цониги вакилас гIахьаллъи гьабичIин гьелдайилан хъвалеб буго рехсараб баяналда.

Данделъиялда гIахьаллъарай инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ дагъистаналда йигей вакил Уммапазилъ ГIумаровалъул рагIабазда рекъон республикаялда кколел ругел такъсирал рагьиялъе къуваталъул идарабазе гIолеб гьечIо гьанжесеб заманаялъул къуватаб техника, гьедин видеокамераби лъеялдалъун лъикIаб хIасил кьелилан рикIкIунеб буго гьелъ.

Амма «Черновик» газеталъул бетIерав редактор МахIамадов Бияхъай рази гьечIоан гьелдалъун пайдаяб хIасил кьелилан абураб жоялда. Дагъистаналда чIванин жанисел ишазул министр, жанисел ишазул бутIаялъул чанго нухмалъулев, амма щаялиго гьеб чIвай-хъвеялъул цониги видеокамераялъ бахъичIин гьелъул абуни магIна кколин «ХIинкъи гьечIеб шагьар» абураб программа республикаялда хIалтIизе рес гьечIеблъи.

Гьал къоязда лъагIел тIубала «Черновик» газета гIуцIарав ХIажимурад Камалов чIваралдаса. Доб мехалъ абулеб букIана гьев чIвараб М-ХIажиевасул цIар кьураб къватI букIанин шагьаралъул аслиял хIакимзаби гьенисан хьвадулел рукIиналда бан низам цIунулез къасиги къадги хъаравуллъи гьабулеб бакI, амма доб сордоялъин абуни гьенир рукIарал видеокамеразул цонигияб хIалтIулеб букIун гьечIин.

Шагьаралда жанир гIадамал доре гьанире хьвадулел бакIазда видеокамераби лъезе рукIиналда жив рази гьечIолъи загьир гьабуна миллиял мацIазда рахъулел передачабазул шеф-редактор ГъалбацIов ГъазимахIамадицаги. ТIоцебесеб иргаялда босани гьеб кколила инсанасул ихтиярал хвезабиялъул мисал. Щивав чиясул ихтияр бугин жинде бокьараб куцалъ эркенго гIумру гьабизе, камераялдаса хадуб хал кквезе лъиейин бокьилеб. Гьадинан бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе жиндирго пикру.

ГъазимахIамад ГъалбацIов, тележурналист
ГъазимахIамад ГъалбацIов, тележурналист
ГъазимахIамад ГъалбацIов: «Конституциялда хъван буго щивав чиясул ихтияр бугин Аллагьас вижараб куцалъ хьвадизе. Щай гъосда хадуб хал кквезе кколеб. Гъосда божуларогойищ?. Щай гъосда божуларел? КIиабизе босани лъие къваригIун бугеб гъоб? КъваригIун буго такъсир гьабулев чи валагьизе, гъосда хадуб хал квезе, гъосда хадуб хал кколеб бакIалде бачIине тогеха иш, цин лъазабе щай гъоб гъос гьабулеб бугебали. Камераялъ бахъана гъос гьабураб такъсир, камераялде бахъилалде гуриш гъоб тIубазе кколеб. Нилъер гьаниб цо такъсирияб лъугьа-бахъин ккани сверун ккола низам цIунулел хIалтIухъабаз гъоб бакI, гьеб такъсир гьабилелде щай гьел тадбирал тIоритIуларел. Лъабабизе босани киданиги бегьуларо чиясда хадуб хал кквезе гьесда хадуб цо щаклъи гьечIони, щаклъи ккеялъе гIилла буго пачалихъалъ гьесие букIине кколеб къагIидаялъ тарбия кьун гьечIолъи. Камераби, хIажатханаялъурги лъе, хIамамалъурги лъе, амма гьел сундуе лъолел ругел, лъолел руго жидедаго инсанасе тарбия кьун бажаричIеб мехалъ».

ХIинкъи гьечIеб шагьар абураб программаялъ чIвалел журналисталги, рикъулел гIадамалги гьукъуларин, гьеб бугин жамгIияталъулги жалго журналистазулги жакъа лъугьун бугеб ахIвал-хIалалда цебе жидерго чаракъосиналъул гIаламатилан абуна нижер программаялъе магIарулазул лъиданиги бачIеб «Миллат» газеталъул бетIерав редактор БисавгIалиев МахIамадица.

Нилъеда киназдаго лъалин ахираб 20 соналда жаниб 16 журналист чIванин республикаялда, амма гьеб такъсир рагьиялъе цIех-рех чагIазул гIурал далилал рукIинчIолъиялъ гурин гьеб рагьичIого хутIараб, гьезул цIикIкIарасеб бутIа цо хасал чагIазул мурадалда хурхарал рукIиналъ, цIех-рех чагIазда гьез киназго жидерго квер лъун букIиналъ хутIанин гьел жакъа къоялъги халкъалъе загьирлъичIого. ХIинкъи гьеч1еб шагьар абураб программа гIуцIиги гьеб гьабизе ракIалде ккейги узухъда лъикIаб иш бугин, амма чIвазе бокьани чи чIвачIого тезе гьукъизеги гьелда кIоларин, чIварав чиясул такъсир рагьизеги гьелъ щибниги кумек гьабуларин.

БисавгIалиев МахIамадица рикIкIунеб буго тIадехун бицен гьабурал 16 журналистазда гьоркьов гIицIго журналистика сабаблъун чIваразул чанго чи гурони гьечIилан.

Бисавалиев МахIамад, "Миллат" газеталъул бетIерав редактор
Бисавалиев МахIамад, "Миллат" газеталъул бетIерав редактор
БисавгIалиев МахIамад: «ХIакъикъат рагьунилан чIваларо гъол, гIемерисел журналистал чIвала батIи-батIиял политикиялгун-криминалиял къукъабазда гъорлъги рукIун, жакъа цоясул рахъги ккун хъвадарун, метериса цIикIкIун гIарац кьолев чи ккани досул рахъалде ун, гIемерисеб нухалъ гьелъул къурбаналлъун кколел руго гьел. Дагъистаналда гьанжелъизегIан чIварал журналистазда гъорлъ дица гIицIго лъабго-ункъо чи гурони журналистикаялъе гIололъун чIванилан рикIкIунаро, гъозул гIемерисезул рукIана хасал гIиллаби, хутIаразулго гIадин жидерго гьудулзабиги тушманзабиги журналистазулги рукIинаришха.

Журналистикаялъе гIололъун чIварал чагIазда гъорлъ рехсезе бегьула ХIажимурад Камалов, ГIабдула ГIалишаев, динлъул рахъалдаса, Сулейманов МухIамад гьеб букIана тIоцебесеб политикияб чIвай-хъвей. Гьединго ратила жеги кIиго-лъабго чагIи, хутIарал руго хасал мурадазе гIололъун чIварал чагIи. Жалго цIунизелъун щиб гъоз гьабизе кколебилан абунани гьелъие чIван-къотIун жаваб кьезе дида кIоларо, Аллагьасул къадар нахъчIвазе кIоларо нилъеца гьарурал цIуна-къаязда. Гьелъул магIнаги кколаро гIабдал гIадин ракIалде ккараб жоги хъван, гIужие гъурав хIисабалда хьвадизе кколиланги. Амма жакъа Дагъистаналда лъугьун бугеб жамгIиябгун-политикияб ахIвал-хIалалда гьел цIунизе ресал цIакъго дагьлъулел руго. Гурони хъвадаричIого вукIине ккелаха».

Журналистикаялда хурхараб ахирисеб чIвай-хъвей ккана гьаб моцIрол байбихьуда Нальчикалда. 5 декабралда гьенив чIвана бакIалъулаб телевидениялъул хIалтIухъан Геккиев Казбек. Лъазабиязда рекъон, чIварасе чанго къоялъ цебеги хIинкъаби кьолел рукIун руго. ТакъсирчагIазе рекIее гIун гьечIо чIварав Геккиевас изну гьечIого яргъид гIуцIаразул чи чIван вугилан абурал цIиял харбал къватIибе кьолаго гьев гьимулев вукIин.
XS
SM
MD
LG