МагъчIваялъе рес

Спектакль рагIалде бахъунеб буго


БУЙНАКСКАЛЪУЛ БЕТIЕР ХIУСЕН ХIАМЗАТОВ ХЪУЛУХЪАЛДАСА НАХЪЕ АНА

Буйнакскиялда араб соналъул сентябралдаса нахъе халатбахъараб политикияб къеркьей рагIалде бахъулеб буго. Жакъа гIарзаги хъван хъулухъалдаса нахъе ана шагьаралъул бетIер ХIусен ХIамазтов. Гьесул бакIалда нухмалъулевлъун вачIине рищун кIудиял ресал руго гьабсагIаталда бетIерасул хъулухъал тIуралев Амиров Закарьял абун рикIкIунеб буго бакIалъулал депутатаз. Буйнакскиялда унел хиса-басиязул хIакъалъулъ гIатIидго бицине буго Абакаров Рамазаница.

Буйнакск шагьаралъул бетIер ХIусен ХIамзатов хъулухъалдаса ана жинцаго гIарзаги хъван. ГьабсагIаталда гьесул бакIалда ишал тIуралевлъун хIалтIулев вуго Амиров Закарья. ХIамзатов хъулухъалдаса нахъе ине кколилилан республикаялъул нухмалъиялъ лъазабун букIана сентябрь моцIалдаго.

Амма шагьаралъул депутатазул мажлисалъ цониги чи къабул гьавулев вукIинчIо гьесул бакIалда. Гьез рахъ кколеб букIана цеве шагьаралъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIусманов ГIусманил. Къануналда рекъон шагьаралъул бетIер вищизе ккола депутатаз, конкурсалъулаб комиссиялъ рихьизарурал чагIазда гьоркьоса.

Араб соналъул ноябралъул байбихьуда ХIамзатовас живгоги хIухьбахъизе ун, жиндир бакIалда бетIерасул хъулухъал тIуралевлъун тана Мамаев Ильяс. 30 декабралда гьев хисана цевеккун Дагъистаналъул таможняялъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вукIарав Амиров Закарьяца.

Гьебго заманалда цереккун ГIусманов ГIусманил рахъ колел рукIарал гIемерисел депутатаз лъазабуна жидеца гьаб нухалда Амировасул рахъ кколеб бугилан. Шагьаралъул депутатазул мажлисалъул 21 чиясда жаниса 12 чи хIадур вуго гьесие гьаракь кьезе. Депутатазул цояв Джанхаев Маратица «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицана:

Джанхаев Марат: «ГIагараб заманалда лъазабизе буго шагьаралъул бетIер вищиялъул конкурс. Конкурсалъулаб комиссиялда гъорлъе уна нижер мажлисалъ вищарав лъабго чи ва республикаялъул бетIерас вихьизавурав лъабго чи. ГьабсагIаталда жеги цудунго буго абизе щал гIахьаллъизе бегьулелали конкурсалда.

Шагьаралъе нухмалъи гьабизе бокьарал чагIи гIезегIан рукIине бегьула. Амма гьанжего мухIканго абизе бегьула, депутатазул гIемерисез гьабсагIаталда шагьаралъул нухмалъулесул ишал тIуралев Амиров Закарьял рахъ кквезе бугилан».

ХIусен ХIамзатов Буйнакск шагьаралъул нухмалъулевлъун тIоцеве вищун вукIана 2007 соналъ. 2010 соналъ цIидасан вищун вукIана. 2015 соналъ шагьаралъул депутатазул рищиял байбихьизе кIиго къо хутIарабго гъоркь букIараб, ХIамзатовасул рахъ кколеб мажлисалъ гьев цIидасан жеги щуго соналъ бетIерлъун вищана.

Амма хадурккун тIоритIарал рищиязда гьес нухмалъи гьабулеб «Цолъараб Россия» партия къуна. 21мандаталдаса 17 босана оппозициялда вугев ГIусманов ГIусманил рахъ кколеб «Россиялъул ветеранал» партиялъ. Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас доб мехалда республикаялъул парламенталъул сессиялда лъазабун букIана ХIамзатовас хъулухъ тезе кколилан, амма ГIусмановги данде кколарилан.

ХIамзатовас хъулухъалдаса нахъе иналъул гIарза кьуни Буйнакскиялда политикияб къеркьей лъугIула. Республикаялъул нухмалъиялъ ва гIемерисел бакIалъулаб мажлисалъул депутатаз рахъ кколеб бугони Амировас бигьаго тIалъи босизе бугилан хъвалеб буго «Черновик» газеталда. ГIусман ГIусановасул сверухълъиялда жеги чIванкъотIараб хIукму гьабун гьечIо конкурсалда гIахьаллъиялда хурхун. Гьесул рахъ кколеб буго щуго депутатас.

XS
SM
MD
LG