МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъул мэрасул тахида сверун хIаял хIалуцунел руго


Буйнакскалъул бетIерасул хъулухъалда сверун бахIсал жеги халат рахъунел руго. Гьеб бакIалде жидеца рахъкколев ГIусманов ГIусман гурони тIокIав батIияв чи виччаларин чIун руго шагьаралъул депутатазул мажлисалъул 80 процент кколел Россиялъул ветераназул партиялъул вакилзаби, нужеца щиб гьабуниги ГIусманов Буйнаскалъул бетIерлъуда толарин лъазабун буго гьезда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги.

Гьал къоязда иргадулаб нухалда депутатазулгун къотIи-къай гьабизе, гара-чIвариялъе Буйнакскалде вачIун вуго Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул жанисеб сиясаталъул бутIаялъул бетIер Нажмудин Къурбанов. Жидерги гьезулги бицунеб жо гьанжесалаги данде ккечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ветераназул партиялъул Дагъистаналда вугев координатор МухIамад ХIажиевас.

МухIамад ХIажиев: «Гьел рачIун рукIана Ильяс Мамаев Буйнакскалъул нухмалъулевлъун тейилан абизе. Ниж гьесул кандидатураялда разигьечIо, гьединлъидал гьесул рахъкквезе гьечIинги лъазабуна. Дунги депутатазул мажлисалъул бетIерги вукIана гьеб дандчIваялда.

Гьев Мамаев Буйнакскалдасаги кколила, гIемерал саназ Дагъистаналъул сахлъикьеялъул министрлъун хIалтIун хIалбихьи бугев чиги вугила республикаялъул бетIерас абурабги гьабун гьесул рахъкквейилан рукIана гьел. Гьезие къваригIун букIана цин Буйнакскалъул бетIерхисулевлъун тезе гьев Мамаев, хадув гьаб сагIат вугев мэр ХIамзатовги нахъе ун гьесул бакIалде гьев вачIине.

Амма шагьаралъул уставалда рекъон мэрал хисулелги депутатаз разилъи кьун гурони тIамизе бегьуларо. Гьедин рачIун рукIана гьел къотIи-къаял гьаризе, ниж гьелда разилъичIеб мехалда интернеталдасан гьереси баянал тIиритIизаруна гьез партиялъ Мамаевасул рахъккун бугин абун, гьедин гIадамалги нижеде дандечIезе, депутатазда гьоркьоб кьал ккезабизе къваригIун гьабураб жо буго гьеб ургъунго батIияб рахъалде хабарги хисизабун».

29 октябралде Дагъистаналде рачIун рукIана ветераназул партиялъул бетIерги, партиялъул политсоветалъул гIахьалчагIиги. Бищун цебе жал I6 октябралда Буйнакскалда шагьаралъул депутатазулги халкъалъулги дандчIваялда депутатал рухарал полициялъулазе букIине кколеб тамихI гьабейилан ва жидер партиялъул вакилзаби Буйнакскалда букIине кколедухъ хIалтIизе тейилан тIалаб гьабун рачIун рукIанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе партиялъул нухмалъулев Ильдар Резяповас.

Гьел дандчIван руго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповгунги, Дагъистаналъул ФСБялъул нухмалъулев Александр Мироновгунги. Гьединго Буйнакскалъул бетIерлъун ГIусман ГIусманов тейиланги тIалаб гьабулеб букIун буго гьез ГIабдулатIиповасдаса.

Ильдар Резяпов: «Дагъистаналъул бетIерас нижеда лъазабуна ГIусман ГIусманов Буйнакскалъул бетIерлъун тезе гьечIилан. Щайин гьев тезе бегьуларебилан цIехараб мехалда гьес абуна гьесда нахъа ругила СагIид Амиров ва гьесул рахъкколел. Гьедин босани Дагъистаналъул хIакимзабазул 80 процент Амировасда гъоркь рукIанилан дица абураб мехалда, гьелъухъги гIинтIамичIо ГIабдулатIиповас.

Нужер партиялъ гьесул рахъккуни нуж гIадамазда квешаб рахъалъ рихьизе ругилан абуна гьес. Щив гьаб сагIат Буйнакскалъул нухмалъуде ине гьесие къваригIун бугебалиги баян гьабичIо гьес. Нижеца жеги-жеги ХIусен ХIамзатов щайин хъулухъалдаса вахъичIого тун вугевилан абураб мехалдаги ГIабдулатIиповас лъазабуна гьев мэрлъун хIалтIизе гьечIилан».

Гьединго Резяповас абуна ахираб заманалда жидер партиялда гIемер гIайибал чIвалел ругила жал Рамазан ГIабдулатIиповасда данде ругел пачалихъияб думаялъул депутатал Ризван Къурбановасги МухIамадкъади ХIасановасги гьусун хIалтIулел чагIи ругилан. Гьел харбал рижиялъе гIиллаги кканила гьев СагIид Амировасул яцалъул васлъун кколев МухIамадкъади ХIасановасул кумекчилъун жидер политсоветалъул гIахьалчи вукIин.

Жив гьеб партиялъул нухмалъулев хIисабалда цониги гьев депутатгун дандчIвачIила ва киданиги ГIабдулатIиповасда данде хIалтIарав чи гурила. Жиндаги лъачIого гьел сиясатиял чорокал хIаязда гъорлъ партиялъул вакилзаби ратани гьел партиялдаса нахъе реххизе ругилан. Гьел баянал уял ругищали бихьизе жидеца цIех-рех байбихьун бугила партиялъул гIахьалчагIазда гьоркьобиланги баян гьабуна гьес.

XS
SM
MD
LG