МагъчIваялъе рес

«ТIадегIанав» муфтиясде гIодобегIанаб божилъи


 .
.

Дагъистаналъул экспертаз рикIкIунеб буго, цIияв Россиялъул тIадегIанав муфтиясда бараб жо гьечIин бусурбабазул

Россиялъул ТIадегIанав муфтийлъун тIамун вуго татаразул муфтий Камиль Самигулин. Гьедин лъазабуна цевеккун гьеб хъулухъалда вукIарав Централияб Россиялъул динияб идараялъул нухмалъулев ТIалхIат Тажудиница. Экспертаз рикIкIунеб буго, гьеб бугин Россиялъул муфтиязул шураялъул нухмалъулев Равиль ГIайнудинида данде пачалихъалъ гьабулеб гали. Гьев цевеккун Туркиялъулгун гьоркьорлъаби хвезаризе бегьуларин кIалъан вукIана. Хисизе бугищ гьеб галиялдаса хадуб бусурбабаздехун пачалихъалъул бербалагьи, кинал рукIине ругел "официалиял бусурбабизулгун" салафиязул гьоркьорлъаби?

Татаразул муфтий Камиль Самигулин гьанжеялдаса нахъе тIамулев вуго Россиялъул тIадегIанав муфтийлъун. Гьединаб лъазаби гьабуна цеве гьебго хъулухъалда вукIарав ТIалхIат Тажудиница. РИА «Новости» агентстлъиялъе гьес кьураб баяналда рекъон, Тажудинил букIун буго лъабго хъулухъ: ТIадегIанав муфтий, Шейхул ислам ва Централияб бусурбабазул идараялъул нухмалъулев. ГьабсагIаталда гьев хутIун вуго Шейхул исламлъун. Централияб бусурбабазул идараялъул нухмалъулевлъун тун вуго гьесул вас МухIамад Тажудинов. Тажудиница жиндирго лъабго хъулухъалъул кIигояб кьун буго цояб татаразул муфтиясухъе, цояб жиндирго васасухъе.

Щиб жо кколеб рехсей гьабулеб Централияб бусурбабазул динияб идара, ругищ гьеб идараялъ роцIцIунел кIвар бугел исламиял суалал ва щиб хисизе бугеб Россиялъул бусурбабазул гIумруялъулъ, ТIалхIат Тажудиница жиндир хъулухъал рикьанилан? Рехсараб динияб идараялъул сайталда бугеб баяналда рекъон, гьенире жанире унел руго киналго Россиялъул регионалиял идараби, цохIо Шималияб Кавказ хутIун. Гьанже вищарав ТIадегIанав муфтий Камиль Самигуллин вищула гьеб идараялъул гIалимзабазул мажлисалъ. Гьесул ихтияр буго цоги регионалиял муфтиял тIамизе.

Дагъистаналъул динияб идараялъул гьеб идараялда бараб жо гьечIо. Амма мухIканго щиб жо кколеб гьеб идараяли Дагъистаналда гIемерисел диниял чагIазда лъалеб гьечIоан. МахIачхъалаялъул централияб мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуевас абуна, жинда мухIканго абизе кIоларин Дагъистаналъул динияб идаралъул ТIалхIат Тажудинилгун гьоркьорлъаби ругищали, амма республикаялъул бусурбабазда гьел хиса-басиял хъвазе гьечIин.

ЖамгIияв ва динияв хIаракатчи ГIабас Къебедовасул пикруялда рекъон, гьеб динияб идараялда гьарулел хиса-басиял ратизе бегьула пачалихъалъ динияб политикаялда гьарулел хиса-басиязул цебехъанлъун. Улкаялъул нухмалъиялъе рекIее гIун гьечIо Россиялъул муфтиязул данделъиялъул Равиль ГIайнудиница Туркиялъулгун гьоркьорлъаби хвезаризе бегьуларилан гьабураб лъазаби.

ГIабас Къебедов: «Равиль ГIайнудин аслияб динияв цевехъан гIадин вихьизавулев вукIана гьанжелъагIан. Телевизоралдасаги, цоги диниял нухмалъулел данделъияздаги гьев вукIунаан. Амма гьабсагIаталда гьес лъазабичIищха Туркиялъулгун гьоркьорлъаби хвезаризе бегьулароанилан. Гьелъ батизе бегьула гьав цояв цеве гьавулев ургъунго. Гъодинаб жо абизе бегьалароан гьес, ханасе гьединаб жо бокьуларелъул. Живго ТIалхIат Тажудин абуни, Россиялъул бусурбабазда гьоркьоб авторитет бортарав чи вуго. Жалго муфтиятазул ва диниял идарабазул системаялъулго къадру хун буго».

Муфтиязул хъулухъал рикьи ва централиял диниял идарабзда рукIунел хиса-басиял киналгIаги бусурбабазе кIвар бугел жал гуро, пачалихъалда гьеб гьедин бугилан ракIалде кканиги. Дагъистаналъул бусурбабазе гьез гьарулел ишаздаса кеп щвей гурони гьечIо. Гьедин рикIкIунеб буго тарихчи, «Новое дело» газеталъул динияб гьумер бачунев ХIажимурад Доногъоца.

ХIажимурад Доногъо: «Дун гьел диниял идарабазул хIаяздаса ва хъулухъалъулал хиса-басияздаса рикIкIадав чи вуго, битIараб бицани. Амма ракIалде ккола, гьениб гьабулеб жо, тIадегIанав муфтийила, Шейхул исламила, гьел ишал ругин кинабгIаги бусурбабазе кIвар гьечIел жал. Гьел «шейхаз» гIумру гьабулеб бугин цо жидеего батIа тIураб, жидерго гьитIинаб дунялалда. Дагъистаналъул ва тIолабго Кавкзалъул бусурбабазе гьезул интерес гьечIо, гьездаса хIинкъи, ялъуни кумекги гьечIо. ТIадеги, гьеб кинабго гIала-гъважаялъ гIадамазда кеп щвезабулеб буго. Гьеб пикру буго дир ва дида лъалелщинал гIадамазулги. Диниял идараби руго пачалихъалъул кверщаликь. Гьел кидаго гьенир рукIана, доб Екатерина КIиабилелъ I8 гIасруялда гIуцIаралдаса нахъе. Гьезул масъала букIана кидаго бусурбабазул пикрабазда тIад кверщел гьаби. Амма балагьараб мехалъ кеп щвезаби гурони гьечIо. Балагьеха гьез гьарулел данделъабазда, гьез бицунелда, ретIа-къаялда».

Централияб динияб идара гуреб, буго жеги Россиялъул муфтиязул данделъиги. Гьелъие нухмалъи гьабула цойги татарав Равил ГIайнудиница. Гьезул кинал кIудиял, щив лъил кверщаликье кколевали жидеда лъаларин бицана нижеца цIехарал гIемерисел Дагъистаналдаса диниял экспертаз. Щибаб регионалда бугеб динияб идара гуреб, буго жеги Россиялъул Европаялъулаб бутIаялъул динияб идара, ва гьединго Азиялъулаб бутIаялъул динияб идараги.

XS
SM
MD
LG