МагъчIваялъе рес

Обама: Америкаялда бусурбабазе тIадецуй гьабизе кколаро


Америкаялъул президент Барак Обама ХъахIаб Рокъосан телехитIабалда, 3Дек2015
Америкаялъул президент Барак Обама ХъахIаб Рокъосан телехитIабалда, 3Дек2015

«Исламияб пачалихъ» абулеб террористияб гIуцIи тIагIинабизе бугин абуна Америкаялъул президент Барак Обамаца гьал къоязда телехитIабалда. Гьес улкаялъул ва тIолабго дунялалъул бусурбаби ахIулел руго радикалияб идеологиялдаса инкар гьабизе ва терроризмгун рагъулъ цолъизе. Гьебго заманаялда Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница Инстаграммалда бугеб жиндирго гьумералдасан бусурбабазул улкабазул лидерал ахIана, гьес абухъе «исламияб дунял тIагIинабизе къваригIараб» Америкаялде данде цо фронтлъун рахъине.

Америкаялде данде цо фронтлъун рахъине бусурбабазул улкабазул лидеразде ахIи барав Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзаница гьеб ахIиялдаго кIвар буссинабулеб буго Америкагун яги гьелъул рахъ кколел цоги улкагун рагъ къваригIарав чи жив гуреблъиялдеги.

Гьелдаса цебе, Парижалда 13 ноябралъул къаси тIадекIанцIиял гьарун хадуб, Америкаялъул президентасул хъулухъалде тIоритIулел рищиязул кампаниялъул гIурхъабалъ NBC News каналалъе кIалъалаго кандидатазул цояв Дональ Трапмица абун букIана улкаялда ругел киналго бусурбабазул хIакъалъулъ баяназул хасаб банк гьабизе кколин.

Гьесго абулеб букIана улкаялда ругел мажгитазул цо-цоялги къазе кколин, щайгурелъул, гьес абухъе, «гьенисан квешлъи къватIибе бачIунеб букIун».

Америкаялъугун-исламалъул гьоркьорлъабазул Шураялъ къватIибе биччан букIана Трампил гьеб лъазаби какараб хитIаб ва гьениб гьесда гIунтIизабулеб букIана «исламофобиялъул ва конституциониял гурел» комментариял гьариялъул гIайиб.

Парижалда рукIарал тIадекIанцIиязул хIасилалда хун вукIана 129 чи ва гьелъул жавабчилъи, Россиялда ва цоги улкабазда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» террористияб къукъаялъ тIаде босун букIана.

Франциялъул полициялъ 19 ноябралда лъазабун букIана гьел тIадекIанцIиял гIуцIаравлъун рикIкIунев ГIабдулхIамид Абауда чIваялъул.

«Исламияб пачалихъалъ» араб анкьалда интернеталда лъураб аудиохитIабалда лъазабун букIана Америкаялъул Сан-Бернардиноялда гIадамал чIваялъул жавабчилъи жидеца тIаде босулеб бугин.

Радикализациялъул чIегIераб нухдасан арав кIиго чияс араб анкьалда Калифорниялда 14 чи чIванин ва гьеб теракт букIанин лъазабуна тIадехун рехсараб каламалда президент Обамаца. Калифорниялъул Сан-Бернардино шагьаралъул социалияб кумек гьабулеб идараялда 14 чIваялда ва 21 лъукъиялда щаклъи букIарал 27 ва 28 сон барал рос-лъади чIван рукIана полициялъулгун букIараб кьвагьа-гIанхъиялда.

ХъахIаб Рукъалдасан гьабураб телехитIабалда Обамаца абуна терроризм ахирал соназда «цIияб фазаялде» лъугьун бугин ва рагIи кьуна «Исламияб пачалихъ» террористияб гIуцIи тIагIинабизе.

13 минуталъ халат бахъараб гьесул гьеб кIалъай букIана президентлъиялда вугев анкьго соналда жаниб гьабураб лъабабилеб гьединаб хитIаб.

Гьелда Обамаца дунялалъул бусурбаби ахIана радикалияб идеологиялдаса инкар гьабизе ва терроризмгун рагъулъ цолъизе. Гьес тадчIей гьабулеб букIана Магърибалда ва исламалда гьоркьоб кинабгIаги конфликт гьечIолъиялда.

Гьес абуна гьел гьужумаздаса хадуб Америка «хIинкъизе» кколарин, улкаялда ругел бусурбабазде тIадецуй гьабизе кколарин ва иммиграциялъул рахъалъ гIурхъаби лъеялъеги чиясул дин босизе бегьуларин.

Гьес иргадулаб нухалда ахIи балеб букIана улкаялда ярагъ бичиялъе гIурхъаби лъеялде. Гьесул пикруялда, террористиял сияхIазда ругел гIадамазул рес букIине кколаро бичун ярагъ босизе.

Обамал хьул буго ГIиракъалда ва Сириялда «Исламияб пачалихъалда» авиакьабиял щвезарулеб магърибалъул стратегиялъе икъбал щвезе букIиналда ва гьениб «ракьалда рагъулаб операциялде» гъорлъе Америка лъугьине гьечIолъиялда.

Президентасул рищиязул компаниялда къеркьолеб бугеб республиканияб партиялдаса цо-цояз какана Обамал гьеб калам. ЦIех-рехазда рекъон, гьеб компаниялда цеве вугев миллиардер Дональ Трампица Twitterалда хъван буго: "Гьебищ бугеб жого? Нилъее къваригIун вуго цIияв президент-Хехгьабун!»,- ян.

XS
SM
MD
LG