МагъчIваялъе рес

Хасавюрталда тIобитIичIеб митингалъул хIакъалъулъ


​6 октябралда митинг гьабиялдаса руссана Хасавюрталъул гIадамал. Гьез гьениб цойги нухалъ гьаризехъин букIана экс-мэр Сайгидпаша ГIумахановасда шагьаралъе нухмалъи гьабизе тIадвуссаян.

23 сентябралда гьес лъазабуна жив нахъе унев вугилан. Цинги гьебго параялда Сайгидпаша ГIумаханов вищана шагьаралъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъулевлъунги.

Республикаялда бицен баккана Сайгидпаша ГIумаханов мэрлъиялдаса кIудияв гIун вугин цевего, гьесие республикаялъул даражаялда кIудияб хъулухъ кьезе кколаанилан. Гьелдаса чанго къо индалги раккана харбал Хасавюрталде мэрлъун Чачан Республикаялдаса чи вачIунев вугилан. Хас гьабун абуни, Хасавюрталда гIурав, гугариялъе куцарав Олимпиялъул хIаязул чемпион, чачанав Бувайсар Сайтиев. Амма гьес жинцаго жеги кинабгIаги лъазаби гьабичIо гьел харбазда хурхун. ГIицIго кIиго соналъ цебе «Кавполиталъе» кьураб интервьюялда Бувайсар Сайтиевас абулеб букIана жив Хасавюрталде мэрлъун вачIунев рагIулилан харбал ругелдаса 20 сонниги бугила.

Гьеб мехалда, 1997 соналда, жив вукIанила кутакалда машгьурлъун, чачаназда гьоркьов вахъарав тIоцевесев Олимпиялъул чемпион вукIиналъ. Хасавюртги гьоркьобе рехун, хасал чагIи ругила конфликт гьабизе къваригIарал. Амма жиндие политикаялъул кIвар гьечIила. Долейила, жиндир гьудул, магIарулазул политик Сагид МуртазагIалиев, Олимпиялъул хIаязул чемпион, Гьесие бокьулила лъугьа-бахъиназул бакьулъ вукIине. Жиндиейин абуни, къватIиве вахъинчIого, гIицIго лъимал ругьун гьарулев спортзалалда вукиIне бокьулила.

Кин батаниги, хасавюрталъулаз лъазабуна чанго къоялъ цебехун жидее мэрлъи гьабизе Сайгидпаша ГIумаханов къваригIун вугилан. Гьелда хурхун шагьаралда кIудияб митинг гьабизе гIарзаги кьун букIана гьез. Амма щай гьеб гьабичIебали ЭР-ялъе гьадин баян кьолеб буго Хасавюрталъул шагьаралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев НурмухIамад НурмухIамадовас.

НурмухIамад НурмухIамадов: «6 октябралда митинг гьабизеян официалияб куцалда гьабураб лъазаби букIинчIо, хасаб къокъаялъ шагьаралъул администрациялде кьураб гIарза гурони. Цинги гьеб къокъаялдаса чагIазги администрациялъул вакилзабазги хIукму гьабуна митинг гьабичIого тезе, цере чIарал суалал дагьалги мухIкан гьаризе, хIажалъи ккани, митинг хадуб тIобитIизе».

Сайгидпаша ГIумаханов шагьаралъул мэрлъиялде тIадвуссинавеян абурал хитIабал гIадатиял гIадамаз жидедеги рахъулел ругин бицана ЭР-ялъе гьеб шагьаралъул жамгIияб палатаялъул нухмалъулев МухIамад-Расул ШайихмухIамадовас. Гьесул бакIалде Бувайсар Сайтиев гьениве вачIиналъул хабаралда бан шагьаралда щиб бугебин гьикъидал, МухIамад-Расул ШайихмухIамадовас гьадин жаваб кьуна ЭР-ялъе.

МухIамад-Расул ШайихмухIамадов: «ЦIа гьечIони, кIкIуй бахъунарин абухъе, гьел харбазеги цо гIилла батила. Амма халкъалъ рикIкIунеб буго Хасавюрталда, хасго гьесул бетIерасда сверухъ гьабизе кколеб жо халкъалда гьикъизе кколилан. Щайин абуни, Хасавюрталъул цIар бахъигун, бачIинахъего цеве чIола гьелъул бетIер Сайгидпаша ГIумаханов, жиндирго бажаригун, гьунаргун. Гьев вуго жиндирго заманаялъ, Аллагьасул хIалкIолъиялдалъун вачIарав чи. ХIакимзабазул гъатазулъан ваккарав чи гурин гьев, гьединлъидал гьесдехун бербалагьиги батIияб букIине ккелин абулеб буго гIадамаз.

Гьединго Хасавюрталъухъ балагьун букIуна Дагъистан, халкъ, жамагIат. Кисан хIинкъи бугонаниги, тIоцебе Хасавюрталъ гъоркькъинабулаан гьеб. Гьединлъидал гьелда хурхараб хIукму цIакъ гIакъилго, гIодориччан, халкъалда дандги бан гьабизе кколин, гурони, жал рази гьечIин абулелги руго гIадамал»

Гьеб киналдаго бан цойги пикру буго республликаялда тIибитIун. Масала, Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировасул вацгIал Одес Байсултановас тIамулеб бугин Дагъистаналъул нухмалъи Хасавюрталдаса Сайгидпаша ГIумаханов нахъе витIизе. Одес Байсултанов ккола Шималияб Кавказалъул рахъалъ Россиялда тарав министрасдаса хадусев чи. Дагъистаналъе гIарац биччалеб мехалда гьесда бараб жо гIемераб букIунелъул, Байсултановасухъ гIенеккизеги рес бугин республикаялъул нухмалъиян кколеб буго цо-цоязда.

Амма ЭР-гун ракI рагьараб гара-чIвариялда хасав экспертас тIаде жубана Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас нухал ралагьулел ругин гьеб суал санагIалъиялда тIубаялъе. Гурони, батIайисан гьабуни, Хасавюрт Дагъистаналъул кверщаликьа унеблъи лъалелъулин гьесдаги.

XS
SM
MD
LG