МагъчIваялъе рес

Лъицаха вухарав ХIажимурад?


«Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул данделъи, 02Апр2013
«Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул данделъи, 02Апр2013

25 февралалда МахIачхъалаялда тIобитIараб «Справедливая Россия» партиялъул данделъиялда гьоркьоб лъун букIана 21 февралда вухарав жидер цевехъан ХIажимурад ГIумаровасул суал. Гьелъие гIайибиязе тамихI гьабичIони, Москваялдеги ун ракъи лъазабизехъин буго гьез. ЭР-ялъ цебехун бицухъе, «справедливороссаз» гIайиб гIунтIизабулеб буго Дагъистаналъул бетIерасул сверухълъиялде.

21 февралалда жидерго данделъиялдаса хадув жив вухидал, «СРалъул» цевехъан ХIажимурад ГIумаровас лъазабуна гьеб бугин Дагъистаналъул нухмалъулесул сверухълъиялдаса чагIазул пиша. Хас гьабун абуни, Дагъистаналъул хIукуматалдаса министр хисулес вуханин жив.

Гьебго пикру ЭР-ялъе тасдикъ гьабун буго Маматхан Байсултановасги.

Маматхан Байсултанов: «Нижер кутакалда щаклъун ругоха гьел чагIи гьесул гIолохъаби рукIиналда. ГIадамаз абулебги буго гьединал гIолохъаби ругин гьесулилан. БихьичIеб жо абизеги захIмат бугоха, цо рахъалъ. Амма МухIу ГIалиев президентлъун вугеб мехалда гьединаб жо гьабичIо, МухIамадсалам МухIамадов вугеб мехалда гьабичIо. Гьанже ГIабдулатIипов вачIиндал гьабуна. Гурони гьанжелъагIан щайха гьабичIеб?»

Пачалихъияб Думаялъул депутатлъунги вукIарав, къануналги лъалев чи хIисабалда ХIажимурад ГIумаровасда бичIчIизе кколин чIванкъотIарал хIужабиги гьечIого, хасал чагIазде гIайибал гIунтIизаризе бегьунгутIиян абуна ЭР-ялъе ГIалибег ГIалиевас. Гьев ккола Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул официалияв вакил.

ГIалибег ГIалиев: «Президентасул хъаравулзабаз гьединаб жо гьабулареблъи лъима-лъимадаго лъала. ГIабдулатIипов Дагъистаналде вачIун вуго кодоб ярагъун гурев, пандур хъатикь ккун, гьадин гьабуни, гьадин лъикI букIунилан абураб пикру гIадамазухъе щвезабизе. ХIажимурад ГIумаровасда ГIабдулатIиповасги гьесул командаялъги гьабураб хIалтIи бихьулеб гьечIелъул… Щиб лъалеб, гьес жинцаго ургъараб жо батизеги рес буго гьеб. Масала, съездалда гьев вукIана багIараб, мохъ бугеб гурдеги ретIун. Цинги ютубалдасан гьев вихьизавуна цоги гурдеги ретIун. Кетчуп лъалареб, цогидаб лъалареб жоги гьурмаде тIун ракIалде ккарал жал рицуневищ чи вукIунев? Бихьинчийилан вугев чияс гьабулеб жойищ гьеб?

Гьес ГIабдулатIиповасда лъураб бугьтаналъе гIоло диваналде кьезе ккола гьев. Жинде хъулухъ кьечIогийилан, довасан ваккун, гьаниса щинкIун, цоялдаса цоял рокьукъал жал рицунев вуго, кидалъагIан гьев хIехьезе кколев?

Гьеб жо бихьинчиясда магIарул чиясда рекъараб жо гьечIо. гьурмаде кетчупги тIун жив вуханилан гаргалев вугев гьесда ццим бахъун буго халкъалъул».

«Спредливая Россиялъул» вакил Маматхан Байсултановас бицана тIаде балагьун полициялъул чагIигун вухун вугин жидер цевехъан спортивияб ратIлъилъ рачIарал гIолохъабаз.

21 февралалда МахIачхъалаялда жив вуханилан гIарза ХIажимурад ГIумаровас Москваялъул Басманный диваналде кьун буго. ХIужа ккараб бакIалдаго щайин гIарзаги кьечIеб, сах гьавизе МахIачхъалаялъул азарханаялда щайин гьев чIечIев, Москваялде инчIогойин гьикъидал, Маматхан Байсултановас гьадин бицана.

Маматхан Байсултанов: «Гьанив МахIачхъалаялда вегизе течIо нижеца гъов, азарханаялдеги рачIун бокьарал чагIаз бокьараб жо гьабизе бегьулин, чIван рехизецин бегьулилан. Гьеб мехалда лъицайин гьелъул тIалаб гьабизе бугебилан».

Цевехун рехсарав Дагъистаналъул нухмалъулесул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевасул пикруялда рекъон, гьеб батизе бегьула тIубанго батIияб бакIалъа бачIараб жоги. Масала, Дагъистаналъул нухмалъулесул сверухълъиялде щаклъи бачIинелъун, цо хасал чагIаз вухун ватулила ГIумаров. Гьединго цойги щаклъиги буго ГIалибег ГIалиевасул - МахIачхъалаялдаса рикIкIад гьечIого ругел Шамхалалъул ракьазда хурхун. Гьеб росдал гIадамазул гIарз бугила ХIажимурад ГIумаровас жидер ракьал ккун ругилан, гьединлъидал МахIачхъалаялде митингалде рахъинехъин рукIарал гьел хIалалъ чIезарунила жидеца чанго нухалда.

ГIалибег ГIалиев: «ГIезегIан чи вуго гьесдаса рази гьечIого дова. Дида рагIана гьал къоязда гьесул магIишаталда букIараб херги бухIун бугин гьел гIадамазилан».

ГIадамазул цо къокъаялъ Дагъистаналъул нухмалъулесул сверухълъиялде гIайиб гьабулеб букIана 21 февралалда МахIачхъалаялда ккараб хIужаялъе жаваб кьоларогойин республикаялъул бетIерасилан. Гьедин 24 февралалъул бакъанида лъазабуна гьез ХIажимурад ГIумаров вухиялдехун жидер кинабгIаги хурхен гьечIилан. Цинги дагъистаниязул цогидаб къокъаялъул гIарзал раккана интернеталдасан – Дагъистаналъул нухмалъулесул пресс-хъулухъалъ гьабизе кколароанин гьединаб лъазаби.

Гьединго 24 февралалда Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул президиумалда депутат Эдуард Хидировас абуна ХIажимурад ГIумаров вухиялда бан низам цIунулезухъе хитIаб гьабизе бугилан. Амма гIемерисел депутатаз, хасго спикер Хизри ШихсагIидовас Хидировасул рахъккун гьечIо. Щайин абуни ХIажимурад ГIумаровас цIех-рехалъул идараялде кьураб гIарза гьечIила.

XS
SM
MD
LG