МагъчIваялъе рес

Нухмалъиялда тIадаб буго ГIумаров вухиялъе къиматги кьезе


ХIажимурад ГIумаров
ХIажимурад ГIумаров

Жив вухиялъул гIайиб Дагъистаналуъл нухмалъулесул хъаравуллъиялде гIунтIизабулеб буго ХIажимурад ГIумаровас. «Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев вухун вукIана араб шамат къоялъ. Амма лъица гьабун батаниги, гьеб рсепубликаялъул бетIерасул хъваравулаз гуреб, гьесул тушбабаз гьабураб иш бугин абураб пикруги буго.

ГI. ГъазимухIамадов: «ГIумаров вухана Дагъистаналъул бетIерасул тушбабаз»

ГIодоркъоязда МахIачхъалаялда вухарав ХIажимурад ГIумаров сах гьавулев Москваялда вугин бицана ЭР-лъе МахIачхъалаялда ругел «справедливороссаз».

ЭР-ялъ хIалбихьана телефоналдасан бухьен гьабизе, амма гьес жаваб кьечIо. Гьединго Дагъистаналда вугев гьесул вакил Руслан Расуловасги жаваб кьуна гьеб хIужа ккараб къоялдаса нахъе жиндир гьесулгун бухьен гьечIин, интернеталда бугеб гьесул видеохитIаб гурони бихьичIин жиндаги.

Гьеб видеохитIабалда гьадин бицунеб буго живго ХIажимурад ГIумаровас.

ХIажимурад ГIумаров: «Цин гьенире лъугьун рачIана полициялъулал, цинги - республикаялъул бетIерасул хъаравуллъи. Гьел рачIана дир цевегосев гьудулги, ишцадахъавги - Рамазан ГIабдулатIиповасул тIадкъаялдалъун. Гьединлъидал дие бокьун буго рес ккун букIаго гьесде хитIаб гьабизе. ХIурматияв Рамазан ГIабдулатIипов, дуца кутакалда лъикI къабул гьавуна дурго гьудул. Дуца дагъистаниязул ихиярал цIунулеб куцалъе баркал кьезеги бокьун буго. Ришватчилъиги лъугнIана нилъер республикаялда. Гьебги гIицIго жуцаги дур сверухълъиялъги гьбула гьанже гьаниб. Мун Владимир Путиница Дагъистаналде витIун вукIана гIадамал инжит гьаризеги гьел махсароде кквезеги гурев, витIун вукIана дуца гьеб социалиябгун экономикияб кризисалдаса борчIизабизе. Дуцайин абуни гьеб гьабичIо, дуца байбихьана гьерсал рицинеги , дурго пайдаялъе гIоло дурго сверухълъиги хъаравуллъиги хIалтIизабизе».

Гьеб хитIабалда бан ЭР-ялъ бухьен гьабуна Дагъистаналъул нухмалъулесул сверухълъиялдаса вакилзабазулгун. Гьез абуна респубикаялъул нухмалъулесе къваригIараб жо гурила жинда сверухъ гьеб ахIи-хIур. ХIажимурад ГIумаровасдасанги гьесул партиялдасанги гьедигIан хIинкъиги гьечIила гьесие.

Дагъистаналда вугев жидер нухмалъулев вухиялда бан хасаб лъазаби гьабуна Москваялда бугеб «Справедливая Россиялъул» нухмалъиялъ. Жидер кутакалда рахIатхвезабулеб бугин, цо-цо баяназда рекъон, ХIажимурад ГIумаров вухарал чагIазда гьоркьор республикаялъул тIалъиялъул вакилзабиги рукIиналъин абулеб буго гьелда. Гьединлъидал гьеб бугин оппозиция гъоркь къинабизе гьабулеб хIалбихьийин рикIкIунеб буго справедливороссаз.

21 январалда МахIачхъалаялда ккараб гьеб хIужаялъул хIакъалъулъ ЭР-ялъе гьадин бицана журналист Муса Мусаевас. Гьес абуна жал рукIанин «Кавказ» рестораналда партиялъул нухмалъулев вищун хадуб тIобитIулеб банкеталда. Цо заманалда жал гьениса къватIире рахъинарунин, гьениб бомба лъун бугилан. Цо заманалдасан жинда бихьанила рагъ-муч. Гьенив гьоркьов вугоанила ХIажимурад ГIумаровги. ЛЪикI ретIа-къарал бихьинал рукIанила гьесда хъачIго кIалъалел. Дагьалъ чIун гьениса тIагIанила ХIажимурад ГIумаров. Дол чагIиги анила.

Цо-цо чагIаз гIайиб-гъвел гьабулеб буго ХIажимурад ГIумаровасде. Гьеб бугин гьес жинцаго ахIи-хIур букIиналъе гьабураб жо. Амма журналист ва жамгIияв хIаракатчи ГIалисултан ГъазимухIамадовасул пикру батIияб буго.

ХIажимурад ГIумаров кколин гъоркь букIараб пачалихъги бихха-бишун, жеги цIиябги гIуцIун бахъинчIеб заманалда Дагъистаналда вахъарав политикин бицана ЭР-ялъе гьес. Гьеб мехалда гьев вукIана ХIажимурад ГIумаровасул кумекчилъун. Гьединлъидал жинда гIезегIан лъикI лъалин гьевин бицана ГъазимухIамадовас. БатIаго политикаялъулъ кутакаб гъварилъи батичIого букIинеги рес бугила гьесул, амма ХIажимурад ГIумаров живго хIалихьатав чи гурила, лъикIав бизнесменги вугила.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «Амма жакъа жиндиего рекламаялъе абун, жиндирго гIадамазда живгоги вухизавун, ахIи-хIур бахъинабулев чи ХIажимурад гуро. РачIаха, суал кьелин лъие пайдаяб гьеб пиша бугебан. Гьеб буго Дагъистаналъул бетIерасул тушбабазул пиша. Живго ХIажимурадилги мекъаб буго Рамазан ГIабдулатIиповасул чагIаз гьабунин гьебилан абураб пикру. Гьелъие рукIине ккола чIванкъотIарал хIужаби. Цогидаб рахъалъ абуни, Рамазан ГIабдулатIиповасдаги Сергей Меликовасдаги тIадаб буго ХIажимурад ГIумаровасда сверухъ гьабураб пишаялъе къиматги кьезе, гьеб рагьиялъе тадбиралги гьаризе».

Дагъистаналъул нухмалъиялъ гьелда тIасан лъазаби гьабичIо.

XS
SM
MD
LG