МагъчIваялъе рес

ЦIиял нухал – цIиял ресал…


Щуго тунелги 25 къоги балаго цIидасан гьабизе байбихьизе буго Дагъистаналдасан Гуржиялде унеб аваразулгун-кахетиязул абулеб нух исана август моцIалда. Гьедин лъазабуна гьал къоязда Дагъистаналъул нухал гьарулеб идараялъул нухмалъулев Хучбаров Загьидица. Гьелъие хIажатаб проектги хIадурун буго махщелчагIаз, нух гьабиялъе къваригIарараб гIарац биччаялда бараб бугин гьеб лъугIиялъул ишилан лъазабулеб буго нухазул идараялъ

Чанги гIасрабаз нилъер умумул гуржиялде хьвадулаан лъебелазулги, цIунтIадерилги мухъалдасан гуржиялъехун бугеб нухдасан. Гьенисан унаго Дагъистаналъул мугIрул нахъа тун хадуб доб рахъалде гуржиязул Кахетиялдехун щола, гьенирго гIорхъода буго магIарулаз гIумру гьабун бугеб гуржиязул Къварели мухъалъул чанго росуги. Совет хIукуматалъул заманалъги гIемерго лъикIаб гьечIеб гьеб нухдасан гIорхъода ругел гIадамал цоцахъе хьвадулаан. Лъебелазгун цIунтIадерица абула жидее МахIачхъалаялде рачIинегIан Тифлисалде инего гIагардаги бигьаяги букIанилан. Совет хIукумат биххун хадуб Россиялдаги Гуржиязддаги гьоркьоб гIурхъиги лъун гьел гIадама доре-гьанирехун хьвадизе захIмалъана. ГIурхъи бахун гурони цоцада рихьун бажарулареб бакIалда ккана Дагъистаналда ругелги Къварели мухъалда хутIарал магIарулал. Гуржиялъ ругел магIарулал ккола цIунтIа мухъалдаса ва лъебелазул росабалъа гIадамал.

2008 соналда Жанубияб Осетиялдаги, Гуржияздаги гьоркьоб кьал ккун хадуб, гьеб багъа-бачариялда Россиялъ Осетиялъул рахъ кквеялъе гIоло кIиябго пачалихъалда гьоркьоб гьогьен ккана. Гьединлъидал цебе-цебе гIорхъодасан хьвадизе цо дагьабниги санагIалъи букIун батаниги, гьеб дандеккунгутIи байбихьун хадуб щивниги я гьанивехун я довехун виччалареб хIал гьабуна гIурхъицIунулез. Гьедин 3 нухалъ халатаб нухги тун Шималияб Осетиялдасан хьвадизе ккола гьанже гIадамал гуржиялъе.

Гьел киналго квекIенал дагьлъизариялъе гIоло, федералияб хIатта халкъаздагьоркьосеблъунцин лъазабун гьабизе кколин гьеб 83 километр бугеб гьеб дагъистаналдаса гуржиялъе унеб нухилан рикIкIунеб буго Дагъистаналъул нухазул идараялъул нухмалъулев Хочбаров Загьидица. Гьесул рагIабазда рекъон гьеб нух байбихьулеб буго ХIебда росулъа бахъараб гуржиязул гIурхъоде щвезегIан. Хочбаровас лъазабуна гьеб нух исана август моцIалда гьабизе байбихьизе бугилан. Гьеб 83 километр нухлул гьабизе ккани 28-32 миллиард гъурущ къваригIунилан бицана Хучбаровас гьал къояз гьеб нухалда хурхарал суалал гьоркьоблъураб данделъиялда.

Гьел киналго квекIеналги лъугIизаризе, Россиялдаги Грузиялдаги гьокркьоб экономикилгун дармилал гьоркьоблъабиги лъикIлъизе ккани гьеб нух бачIого гIоларин рикIкIунеб буго экспертаз. Хасго гьениб гIорхъода гIумру гьабун ругел гIадамазе гьеб хIажат бугеб куцалъул бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда ЦIунтIа мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи Къебедов МухIамадица. Араб гIасруялъул 90-абилел саназда жиндирго гIарацги хвезабун, жинцаго техникаги хIалтIизабун гьеб гуржиялъехун бугеб нух цIигьабиялъе хIалтIаби гьарулевги вукIана МухIамад.

Къебедов Мухlамад
Къебедов Мухlамад

Къебедов МухIамад: «Гьеб нух рагьун бугеб мехалда гьенисан киналго мухъазул гIадамал хьвадулаан, гьелъул буго экономикияб, даран-базаралъул, спортивияб, маданияб кIвар. ЦохIо нижер ЦIунтIа-БежтIа мухъалъе, гурелъул гьелъул санагIалъи бугеб. Гьенисан хьвадула Болъихъ, Шамиль, ЛъаратIа, ЦIумада мухъалъул гIадамалги. Нижееги гьелъул цIакъго кIудияб кIвар букIинарищха, бищун рикIкIадаги букIун бищун хварал нухал ругеб мухъ бугелъул нижер. Цо-цо мухъазул щибаб росулъгIадин нухазде хъил тIун бугеб мехалда, гьаб заманалда, тIубараб мухъалдаго цониги хъил тIураб, авариял кколареб нух букIине бегьуларищ нижее. Нижер нухазда гIадин гIемер авариял кколеб бакI гIемер батиларо. Гьеб нух гьабиялъ лъикIаб инкъилаб гьабизе буго, гьединлъидал гьелъул тIолго республикаялъе бугеб кIудияб кIвар бичIчIизе ккола киназдаго. Гьелда рекъон гьеб нухдехун бугеб бербалагьиги хисизабизе ккола».

Гуржиязулъ ругел магIарулазе гьеб Дагъистаналдасан кахетиялде бахъулеб бугеб нухлул кIваралъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна Къварели мухъалъул Тиви росулъа, жамгIияв хIаракатчи Ибрагьимов Бадрудиницаги.

Ибрагьимов Бадрудин
Ибрагьимов Бадрудин

Ибрагьимов Бадрудин: «Гьеб нухлул бищун кIудияб кIвар буго ниж гIадал цоцадаса ратIа тIезарурал гIадамазе. Нижер цо-цоял Дагъистаналде гочун руго, гьаниб гIемераб гIагарлъиги буго нижер, амма тIубан гуржиялъа гьаниреги гочун цо бакIалда цадахъ гIумру гьабун гьечIелъул нижер гIадамал. Цоцада рихьизе ккани, гIемераб къоги бихьун, халатаб нухги тун хьвадизе кколел руго ниж гьанже цоцахъе. Гьеб нух рагьани кинабго роцIцIинаан букIараб, гIемер бигьалъизе букIана нижее цоцахъе хьвадизе. Гьедин гурониги экономикиябгун туристияб кIварги буго гьеб нухлул. Гьединлъидал батIи-батIияб бакIалдаса гIарац балагьун, инвесторазул гIарац хIалтIизабунниги гьабун бахъинабизе ккола гьеб нух».

Загьид Хочбаровас баян гьабуна гьеб нух гьабизе гIураб гIарац букIунарила республикаялъул, гьединлъидал федералияб бюджеталдаса гIарац къваригIунилан. ЦохIо гьеб нухлул проект бахъаралъухъцин ун буго 60 миллион гъурущ. Гьеб нухда гIемераб гIарац хвезабизе ккеялъе гIилла буго гьеб 5 тоннельги, 25 кьоги базе кколеб букIин. Гьелда тIадеги нухлул цо бутIа гIанси тIеялъул хIинкъи бугеб бакIалдасан уне бугелъул гьелъ нух къачIого букIиналъе хасал бакIал разе ракIалда буго нух гьабулезда.

XS
SM
MD
LG